Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун руго Запир ва Гулжанат. Буго гьезул щуго лъимерги: ункъо яс ва цо вас.

Гулжанатица лъугӏизабуна кооперативияб техникум, амма хӏалтӏизе рес ккечӏо – цоцада хадуб гьабуна лъабго лъимер. Гьелго соназда лъугӏизабуна ДГПИялъул технологиялъулгун экономикияб факультет.

Запирицаги лъугӏизабуна ДГПИялъул математикаялъул факультет. Гьев хӏалтӏулев вуго ДРялъул МВДялъул транспорталъул отделениялда. Гӏемерал соназ гьев вукӏана кадрабазул отделалъул нухмалъулевлъун.

— Щуабилеб лъимер гьабидал, нижее кьезе кколаан анцӏазарго гъурущ. Гьебги цӏакъго кватӏун кьуна. Тӏокӏаб батӏияб кумекги нижее гьабичӏо. Нужер гӏадинал хъизамал Махӏачхъалаялда гӏемер ругин абулаан кумек гьарун собесалде хитӏаб гьабидал. Щоларо нижее лъималазул пособиеги – хъизамалъе гӏураб хайир бугинги абун. Вас гьавураб мехалда щвана эбелалъул капиталги, — ян бицана Гулжанатица.

2004 соналда босана гьез Семендералда ракь. Рес гӏолеб букӏинчӏо хӏалтӏи-пишаго гьабизе. Лъималазе, рукъалъе хӏажатаб къайиялда хадуй Гулжанат хьвадулаан Бакуялде. Кваниеги хутӏаралъеги хӏалтӏизабулаан росасе щолеб харж. Амма гӏолел лъималазе кколеб къварилъи бихьун, Гулжанат яхъана хӏалтӏизе. Ругьунлъана ретӏел лъутӏизе, букъизе. Хӏалтӏана юкъарухъанлъун, хадуб рагьана жинцаго ателье. Гьебги рагьун буго мухьдахъ ккураб бакӏалда.

Кӏудияй яс Аминатица лъугӏизабуна Гуманитарияб педколледжги ДГПИялъул психологиялъул факультетги. Айзанатица лъугӏизабуна Москваялда Финансазул университет. Фатима цӏалулей йиго Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул университеталда, юридикияб факультеталда. Мухӏамадги Рабигӏатги цӏалулел руго школалда.

Пачалихъалъул рахъалдаса щвезе кколеб кумек тӏалаб гьабуларо Габоваховаз. «Коммуналиял хъулухъазухъ кинабгӏаги бигьалъи гьабуларо нижее. Гьечӏо гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъе кьолеб свидетельствоги. Кумек хӏисабалда, пачалихъалъ рес кьолебани дие хӏалтӏизе. Масала, ижараялъе ккураб рокъоб гуреб, дунго бетӏергьанаб бакӏалда букӏарабани дир ателье, щибаб моцӏалъ 15 азарго гъурущ тӏокӏлъилаан хъизамалъе.

Шукру Аллагьасе, ракъун-къечон, ратӏликъ хутӏичӏо. Лъимал кьурабго гӏадин, кьуна Тӏадегӏанас гьел хьихьизе къуватги ресги. Нижедасаги ресукъго гӏумру гьабулеб буго гӏемерал хъизамаз. Аслияб жо буго – хъизамалда парахалъи букӏин, лъималазул сахлъи. Аллагьасе рецц, захӏматал унтабаздасаги, квешаб хасияталдасаги цӏунана нижги нижер лъималги», — ян бицана гьелъ.

Нижер гара-чӏвари гьоркьоб къотӏизабуна школалдаса тӏадруссарал Мухӏамадицаги Рабигӏатицаги. Гьезие цӏакъ бокьун букӏана школалда ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ эбелалда бицине. Гьел рачӏиналдаса йохун, гьезда хурхун чӏана гьитӏинай Фирдасги – Аминатил яс.

Цохӏо вугев Мухӏамад дагьавго гогьдаризавулев вуго инсуцаянги бицана Гулжанатица. «Нижер лъималазда лъаларо барщун рукӏине. Цоцалъ барщун ратараб мехалда, дица гьезие гӏадлу гьабулаан: нуж яцал-вацал кколин, цоцазе кумекалъе хӏадурго рукӏине кколин, цоцазулъ къацандизе бегьуларин абун. Амма Мухӏамадил рукӏуна цо-цо тӏалабал. Масала, жиндир расанкӏабазда цогидаз квер хъвазе бокьуларо гьесие, хасго чияр лъималаз. Жиндасаго чӏахӏиял ругониги, яцазул тӏалабалдаги вукӏуна гьев. Инсуца лъазабун буго гьесда: дун рокъов гьечӏеб заманалда мун ккола рукъалъул кӏудиявин абун», — ан бицана эбелалъ.

Кӏудияб хъизамалъул баракатлъун Гулжанатица рикӏкӏуна цоцазул адаб гьабизе лъимал ругьунлъи, эбел-инсул бадире ралагьун гьел гӏолел рукӏин.

— Дир цо берзул балагьи гӏола ясазе. Диде данде жеги рагӏи абичӏо гьез. Гьединлъидал, къваригӏелалъ магӏарухъе аниги, къватӏир сардал раниги, дир ракӏ парахатго букӏуна. Дида лъала, лъималазухъа бажарула рукъ тӏубанги, вачӏарав чиясе гьоболъи гьабунги. Батӏиябги талихӏ Аллагьасда гьаризе намуслъула», — ян абуна гьелъ.