2019 соналда Махӏачхъалаялъул ЗАГСалда гьабуна 3800-ялдаса цӏикӏкӏун ригьин гьабиялъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏай. Гьезул гӏемерисез хъизам гьабуна тӏоцебесеб нухалда.
2020 соналъул январалдаги рехсараб ЗАГСалда къабул гьабуна ригьин гьабизехъин бугел гӏолилазул 500 гӏарза ва жеги 350 ригьнал хъвай-хъвагӏайги гьабуна.
Щибаб моцӏалда батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабаз гӏуцӏула анцӏила щугониги цӏияб хъизам. Дагъистанияз ригьнал гьаруна СШАялъулги, Гӏизраилалъулги, Германиялъулги ва Великобританиялъулги гражданазулгунги. Машгьурлъун руго Кувейталъулги, Иорданиялъулги, Турциялъулги, Сириялъулги гражданазулгун ригьналги. Аслияб къагӏидаялда рехсарал улкабаздаса бихьиназе рачунел руго нилъер руччаби.
Ригьнал гьарулел руго 25-30 сон барал гӏолилаз. Гъоркьисала 81 сон барав чияс ригьин гьабуна 77 сон барай гӏаданалъулгун.