Щибаб соналъ уна дун эбелалъул хабаде щвезе. Иргадулаб нухалда гьение щведал, батана «цӏияб» хоб. Гьелде тӏаде къулун йигоан чӏегӏер барай гӏадан. Дун лъалхъана ва цӏалана зонода хъварал гьадинал мухъал:

Гӏумруялдасаги бокьула дий мак.

Нагагь дие хвезе хъван батани,

Лъоге хабада щибго – лъе шприц,

Хабалъги уколал гьарила дица…

Заниялдаса дихъ ралагьун рукӏана гӏолиласул цӏик-цӏикарал берал. Разияб, аваданаб гьимиялъ гвангъараб гьумер. Ва дол кочӏол мухъал…

* * *

Артур вукӏана цо вугев вас. Гьитӏинго хъвалаан гьес кучӏдул, рахъулаан суратал. Эбел-инсуцаги хӏаракат бахъулеб букӏана гьесул гьунар цебетӏезабизе. Гьев витӏана суратал рахъиялъул школалде, хьвадизавуна литературияб клубалде. Амма балугълъиялде ваханагӏан, хисулеб букӏана хасият…

* * *

Цо къоялъ бахъана бетӏергьанчиясул гьаракь. Гьес цояб квер лъун бугоан рекӏеда. Гьурмал кьерги тӏун, гӏазухъахӏлъунги вугоан гьев.

— Щиб ккараб? Ракӏищ? — янги абун, аскӏое йортана гьей.

— Йилълъа, — янги абун, васасул рокъоре ана гьел.

Добе-гьанибе бан бугоан васасул рокъоб къайи, столалда тӏад тӏиритӏун ругоан киналалиго къучӏби.

— Гьале, гьесул компьютералъул системникалда жаниб батараб магӏдан! Дирго ноутбукги хӏалтӏуларого, досулалда хӏалтӏизеян щун вукӏана гьаниве. Рагьана… гьесул гьумералда батараб жоялъ хвезе дагьав хутӏана. Балагье… — янги абулаго, хӏалихъего бицунеб букӏана росас.

Компьютералда рагьараб васасул гьумералдасан гьелъухъ балагьун букӏана бидул кӏал цӏураб рокьукъаб сипат. Васасул цӏаралъул бакӏалдаги хъван букӏана «Бецӏлъи» абун.

— Букӏине рес гьечӏо! Гьав чи дир вас гуро! Божуге гьалда мун! — ян лъугьана эбел.

Васасул эмен, рекӏеда кверги лъовухъе, къватӏиве ана. Амма нуцӏилкӏалтӏе щведал, гӏощтӏоца къотӏараб гъветӏ кинниги, шапун ана.

* * *

Магӏирукъ лъугӏана. Бусадаса яхъинеги бокьулеб букӏинчӏо. Аскӏове вачӏана Артур. «Тӏокӏалъ киданиги, рагӏулищ, баба, киданиги дун гьезда аскӏове къаларо! Гьедула дун дуе!» — янги абулаго гӏодана гьев. Цин гьей гьесде ахӏдана, цинги «хирияв василан» каранде къана.

Унеб букӏана гӏумру. Дос бухӏулаан, уколал гьарулаан, гьерсал рицунаан, гьаб ахирисеб нухалъин гьедулаан. Амма нахъеги добго рахъниве кколаан. Цо къоялъ Артурил компьютералъуе яккидал, «Кучӏдул» абураб папка рагьана. Гьениб батана сон хъвараб кечӏ:

«…Дие гӏумруялдасаги бокьула мак…

Дагьабги гъоркьегӏан хъван бугоан: «Гьале гьадинаб хъвай-хъвагӏай бокьилаан дир заниялда букӏине…», — ян.

* * *

…Больницаялъул чӏарбида лагӏараб жоялъул махӏцараб хӏориниб батана кидаялиго гьалъул ракӏ чӏухӏизабурав васасул къаркъала. Гьесда сверухъ жидерго ишалда ругоан тохтурзабигун медсестраби. Гьай йортана васасде аскӏое, амма лъицаялиго ккуна ва нуцӏихъа къватӏие ккезаюна. Бащдаб сагӏаталдаса гурони нуцӏаги ричӏичӏо, кигӏан гьараниги. Чӏарбидасан гьелъухъ ралагьун рукӏана хӏинкъиялъ гӏатӏилъарал хирияв васасул берал. Интернеталда «Бецӏлъиян» цебе лъураб сипаталда релълъун букӏана гьакӏахъего хутӏараб кӏалги…

* * *

…Къобухӏарай эбелалъул ракӏ батизабиялъе щибго абун бажаричӏо дихъа. Йигелъуй гьейги тун, бигьа гьабун нахъе ана дун…

Аллагьас цӏунаги гьединал балагьаздаса.