16 декабралда «Хӏакъикъаталъул» редакциялда тӏобитӏараб магӏарулазул интелигенциялъул данделъиялда Магӏарул автономиялъул нухмалъулевлъун вищарав Мухӏамад Мухӏамадовас гьабураб «Магӏарул росаби чӏунтулел руго» абураб каламалда тӏасан бокьун буго дирго пикруги загьир гьабизе.

Мухӏамадица гьениб абуна: «Хӏукуматалъул кумек гьечӏони, захӏмалъила росаби цӏунизе. Щартӏал гьечӏел бакӏазда гӏумру гьабун чӏаян чиясда абуни, мадугьал гочараб мехалда жив бегьуларищ гочинеян жаваб кьезе рес буго. Амма магӏарухъ росаби цӏуничӏони, гӏатӏиракьалда нилъерго мацӏги цӏарги тӏагӏуна», — ян.

Дунги рекъола гьеб пикруялда тӏад. Амма буго цогидабги рахъ – магӏарухъ росаби цӏунизе рес гьечӏолъи. Киналго гуро магӏарухъа гьадинго яги бигьаяб гӏумру гьабизе бокьун лъарагӏлъиялде гочарал. Инсул росуги тун къватӏире рахъине кколел руго чара къосиналъ. Масала, 1965 соналда эменги хун хутӏана ниж, щугоял. Росулъ цебесеб гӏагарлъиги нижер букӏинчӏо. Гьединлъидал эбелалъ хӏукму гьабуна гӏагарлъиялде аскӏоре, Гъизилюрталде рахъине. Гьеб мехалда росдал гӏадамал гӏажаиблъи гьабунги рукӏана: «Гьалъ гьабулеб жо щиб, ай кие, щуго лъимергун?» — ан гаргадулаан. Эбелалъ гьезда абулеб жо букӏана цо – росулъ ругони, лъималазул цӏалиги лъугьинехъин гьечӏин, гӏи-боцӏуда хадур хутӏизе ругин абун. Доб мехалда гьелда лъалеб букӏинчӏо, чанго соналдасан цогидалги гӏатӏиракьалде рачӏине рукӏин…

Доб мехалда нижер гьитӏинабго росулъ лъебергоялдаса цӏикӏкӏун цӏараки букӏана. Гьезие хӏалицаго гӏолаан рекьизе хурзалги. Гьебги букӏана чабахх гӏемерал, бачӏин щоларел ракьал. Гӏи-боцӏи хьихьизеги кӏудияб рес букӏинчӏо. Къватӏире рахъун яги колхоз-совхозалъул гӏи-боцӏуда хадур ун, щивас гьабизе кколаан бетӏербахъиялъе гӏамал. Гьединаб хӏалалда лъебералда хадуб цӏараки хӏебтӏараб росулъ рес букӏинчӏо тӏаде цӏаракиял гӏезеги, гӏолохъабаз магӏишат гьабизеги.

Росулъ абуни, хутӏарав чи гӏемер гьечӏо. Хадубккун гӏатӏиракьалде гочарал гӏолохъабаз бицана, мина балезе къотӏизе чӏалу-рахиги хутӏун букӏинчӏила, хурул бутӏаги щолароанилан. Гьединабго къварилъи букӏана гьекъолеб лъелги, магъилги, цогидалъулги. Гьелдасаги нилъеда бихьула, гӏадамал гӏемерлъун, магӏишаталъе ресал росабалъ гьечӏеблъи. Рехсараб хӏалалда рукӏиналъ нижер ташдерил гьитӏинабго кӏкӏалахъа тӏагӏана Лъаратӏа районалда рукӏарал гӏисинал росабиги – Синида, Нихьлида, Хьобохъ, Шидиб. Тӏагӏине гӏемераб жо хутӏун гьечӏо Тӏамуда, Хӏокьо, Тӏинчуда росабазулги. Гьединал мисалал жеги рехсезе бегьула.

Гьайгьай, гьеб суал борхизе ва гьоркьоб лъезе мустахӏикъаблъун бихьула. Амма гьелдаго цадахъ цӏикӏкӏун кӏвар кьезе ккун буго магӏарухъа гӏодоблъиялде рачӏараз гӏадат-гӏамалги, яхӏ-махӏги, мацӏги, культураги цӏунизе ккеялдеги.