Нусгоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе Чирюрталдаса Авар ва Гӏанди гӏорал журалеб бакӏалде шагьранух бахъизе ракӏалда букӏун буго пачаясул хӏукуматалда. Амма граждан рагъги цогидал гӏиллабиги сабаблъун, гьеб проект кагътидаго хутӏанин абун бицуна. Анцӏго соналъ цебе «Новое дело» газеталда хӏалтӏулев вукӏарав Сулейман Сулеймановас хъвараб макъалаялда бицунеб букӏана, анлънусго миллион гъурщиде Чӏикӏаб ГЭСалъул хӏорил рагӏалккун нух бахъизе бегьулаанин ва гьеб мехалда гендерил тоннельги бахъизе кколароанин. Гьеб макъалаялъ ахӏи-хӏурги бахъинабун букӏана республикаялда.

Кин батаниги, анкьго соналъ цебе Бузнаса нух бахъиялде тӏаделъана Болъихъа Дибиров Мухӏамадкамил. Гьес балагьана техникаги, ралагьана хӏалтӏухъабиги. Хӏажат букӏана гӏарцулаб кумек. Гьеб рахъалъ Мухӏамадкамилие кумекалъе вачӏана республикаялъул пачалихъиял хъулухъазда хӏалтӏарав Мухӏамадов Набиюлаги. Лъабго соналъ цебего хӏадурун буго Сулахъ гӏор байбихьулеб бакӏалда лъезе кьоги. Жакъа къоялде, нухалда харж гьабизелъун, бакӏарун буго 50 миллион гъурущ. Кинаб росулъа кигӏанасеб къадаралда гӏарац бачӏарабали мухӏканал баянал руго Мухӏамадкамилихъги.

Лъабго лъагӏелалъ цеве дун щвана гьеб нухалъухъ халгьабизе. Трактористаз гамачӏгун ракьги чӏехьон, цӏезабулеб бугоан кӏкӏал. Гьеб букӏана 300 метралъул халалъиги 60 метралъул гъварилъиги бугеб бакӏ. Гьединаб къагӏидаялда кӏкӏалалги рахчизарун, къокълъизабулеб букӏана нухлул гӏаммаб халалъи.

Бузнаса нухалъул хӏакъалъулъ

чанцӏулго хъвана «Хӏакъикъа-талъги». Гьеб буго тӏолго магӏарулазе хӏажатаб нух, гьединлъидал нилъеца хӏаракат бахъизе ккола гьелъие кумек гьабизе.

Гьеб ишалъе квербакъеян абун, дица хабар гьабуна чанги чиясулгун – районазул бутӏрузулгун, ресалда ругел магӏарулазулгун, къадруял жамагӏатчагӏазулгун. Гьезул гӏемерисез рахъги ккуна. Амма камулел гьечӏо, ниж гьенисан хьвадизе гьечӏинги абун, чӏухӏарал рагӏаби рехулел гӏадамалги.

Цӏигьабун гӏуцӏиялъул соназда Бежтӏаса Къебедов Мухӏамадил хӏаракаталдалъун бахъана Гуржиязул Къварели районалде шагьранух. Гьеб мехалда лъалаго лъикӏлъулеб букӏана халкъалъул гӏумругун магӏишатги.

Бузнаса нухалъулги бугеб кӏвар бичӏчӏизе ккела нилъеда. Лъикӏаб букӏинаан, нух бахъиялъе кумек гьабеян абун, щибаб росдал мажгиталъул имамас вагӏза-насихӏат гьабуни.