Исана 20-абилеб марталда Салтӏаса Аминатица тӏубала 100 сон. 1939 соналда ана гьей ригьнаде, росуцояв Гӏабдулхӏамидие. Гьезие гьабуна щуго лъимерги.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьидал, ватӏан цӏунизе ана Гӏабдулхӏамидги. Моздокалда ккарал рагъазулъ лъукъарав гьев ватӏаналде тӏадвуссана. Халтӏана школалда учительлъунги, советалъул секретарьлъунги, колхозалъул бухгалтерлъунги.
— Рецц Аллагьасе, рос чӏаго-гӏатӏго тӏад вуссана рагъдаса, лъималазе щвана лъай, гьезул буго жидерго хъизан-рукъ. Дир руго 12 лъималазул лъимал, гьезулги – анцӏго лъимер, гьезулги – 5 лъимерги. Тӏокӏабги щибха къваригӏинеб чӏужугӏадана-лъе, талихӏайлъун йикӏине ккани, — ян абула Аминатица.
Ракӏ-ракӏалъ гьарула гьеб талихӏаб хъизамалъул гъасда цӏа цӏунун йигей дахӏабаба Аминатие сахлъиги сахаватлъиги, гьелъул лъималазе — талихӏаб гӏумру, хӏалтӏулъ – икъбал.