Республикаялъул «Народная газета», «Медицина Дагестана», «Молодежь Дагестана» ва гьанже «Хӏакъикъат» газетазда хӏалтӏулаго, дун гӏемер дандчӏвана жигарал жамагӏатчагӏигун, анцӏ-анцӏ макъалаби ва очеркал хъвана жидерго росдае, районалъе, Дагъистаналъе пайдаял ишал гьарурал лъикӏал гӏадамазул хӏакъалъулъ. Амма гьав кутакалда намусав, анцӏго нухалъ тӏад руссун гурони гаргадизавизе кӏоларев, кӏалдиса щибаб рагӏи битӏахъе «гъецӏалъ цӏан бахъизе» кколев чиясул хӏакъалъулъ хъвазе къасд ккаралдаса лъагӏелги бащдабги ана дир. Ва щибаб нухалда щаялиго битӏ кколароан. Рецц-бакъ рихарав, жинцаго гьабулеб иш гӏей гьечӏеблъун, загӏипаблъун, расги гуреблъун рикӏкӏунев, кваранаб квералъ кьолеб садакъа квегӏалда лъазе кколарин абураб жоялда гъваридго божулев Гъазимухӏамадица гьаб нухалдаги хӏаракат бахъулеб букӏана нижедаса ворчӏизе, газеталда хъвазеги цӏалдолезда лъазеги жиндаса нусго нухалъ мустахӏикъал чагӏи гӏемерал ругин нижер ракӏчӏезабизе.

…Магӏарухъа эхеве вачӏунев Гъазимухӏамадица машинаялда

рекӏинаюна нухда ятарай кӏиго чӏужугӏадан.

Цоялъ кутакалда ракӏхун бицана дагьав цеве гьабго шагьранухдаса вехе арав гӏагарав чияс жал гъоркь танила, тӏадежоялъеги гьесда лъалаанила жий унтарай гӏадан йикӏин.

— Щиб дур унтараб жо, диналъул яц? — илан гьикъана гьас.

— Кӏиябго ургьисалаб,-илан жаваб кьуна, щакърахунаго нухлулалъ. — Дие тохтурзабаз операцияги гьабун лъун букӏараб эбелалъул ургьисалаб данде ккечӏо, гьанже халккун йиго Москваялдаса донорасул хабар кидадай бачӏинаян.

Машинаги лъалхъизабун, гьас унтаралъухъе анцӏазарго гъурущ кьуна, жиндир садакъа бугила гьеб Аллагьасе гӏоло ракӏ-ракӏалъ гьабулеб.

Махӏачхъалаялде щолеб бакӏалда унтаралъухъе телефоналъ кӏалъан рачӏана. Гьай, тӏатӏалаго чанго нухалъ лъиеяли баркалаги кьун, гӏек-гӏекиялда гӏодизе жуяна.

— Щиб ккараб жо, щай мун гьеб хӏалалда гӏодулей? — илан гьикъана, щибго бичӏчӏуларев гьас.

— Йохиялъ гӏодулей йиго, гьале Москваялдаса ахир-къадги рохалилаб хабар бачӏана дие донор ватанилан ва кӏиго къойидасан дун операциялъе больницаялде щвезе кколилан. Кигӏан лъикӏха ккараб жакъасеб дур кумек, метер самолеталъе билет босила,- ян абуна унтаралъ.

— Дур банкалъулаб карточка бугищ, яц?

— Буго.

— Кье дихъе номер…

Гьеб къоялъ тӏоцее йихьарай, кӏиго сагӏаталъ жиндир машинаялда рекӏун лъарай унтарай гӏаданалъул карточкаялде 50 азарго гъурущ битӏана Тӏадегӏанав Аллагьасул мутӏигӏав лагъ, дунялалъул тӏолабго жоги кӏочон, кӏвараб, бажарараб лъикӏлъи чиясе гьабизе ният-къасдалда къойилго рокъоса къватӏиве вахъунев гӏадилав муъминчи Муниса Гъазимухӏамадица.

Гьеб буго нус-нус гьединал мисалаздаса цо гьитӏинабго мисал.

— Гъазимухӏамад вуго гӏемеразда жиндир сахавалъиги, хӏалимлъиги, гӏаданлъиги гӏорхъолъа борчӏа-раблъун, божизе ва букӏине рес гьечӏеблъун бихьулев, гӏажаибго иманги ияхӏги бугев, цӏакъ Аллагьасукьа хӏинкъулев инсан, — илан бицунеб буго гьесул гьудул ва росуцояв Хӏусеница рази-ракиго. — Нужецаго хӏисаб гьабеха, гьес жакъа къоялде щвезегӏан бан буго 16 мажгит. Ва щибаб къойил гьарулебги буго Бетӏергьанасда 33 мажгит базегӏан ракьалда жиндие гӏумру кьейилан.

— Батӏаго 33 щай? — илан гьикъана дица, цӏакъ калам дагьав, щибаб щу-щу минуталдаса «Аллагь гурхӏаги нилъеда», — йилан такрар гьабулев Гъазимухӏамадида жиндаго.

— Чӏумазул къадарги щибаб къойил щуябго какда хадусел азкаразда 33 нухалъ рехсолеб Субхӏаналлагьгун Алхӏамдулиллагьги ракӏалде щунха,- йилан гьимана гьев.

Кинха вокьиларев гьединав чи, кинха чӏухӏичӏого, разилъичӏого рукӏинел гьесдаса?

Гьеб параялъ дир бадиб ххулана рохалил магӏу…

Гӏемералго гӏадав гӏадатияв вас Гъазимухӏамад гьавуна ва гӏуна Болъихъ районалъул Муни росулъ, ахихъабазул хъизаналда.

Гӏагараб росдал школалдаги цӏалун, пикру ккана шагьаралде ине, гӏумру бихьизе. Бухьана сапар Махӏачхъалаялде. Бана гьениб, сундулго рахъалъ я нахъеккей гьечӏеб, я лъалеб, бицине гӏадаб туркӏи, цебетӏей гьечӏеб, анкьго сон.

2007 соналъ къисматалъ гьав вачана Гъизляралде, Краснооктябрьское абураб, федералияб шагьранухда аскӏоб бугеб, росулъе. Гьениб, «Гӏали Мубарак» абураб, цо гьитӏинабго ашбазги рагьун, байбихьана яшав-иш гьабизе.

— Кафеялъул иш данде билълъиндал, Аллагьас дун гьесизавуна гьениса щолеб пайда-хайир мискинал чагӏазда квер чӏваялъе ва мажгитал раялъе хӏалтӏизабизе, — ян бицунеб буго «Гӏали Мубаракалъул» хважаинас. — Дица тӏоцебесеб гьитӏинабго мажгит бана кафеялда аскӏоб.

Къанагӏатги ватиларо жакъа Гъизляралъул ракьалда «Гӏали Мубарак» ашбазги гьелъул сахаватав хважаинги лъаларев, цо нухалъниги къисматалъ гьевгун дандчӏвазавичӏев чи. Гьайгьай, аза-азар кафеялги, рестораналги, рес бугел, миллионазулъ лъедолел, гӏадамалги гӏезегӏан руго нилъеда сверухъ. Амма цӏакъ дагьал руго гьаб байтулман дуниял расги гуреб, чӏобогояб жо букӏиналда ракӏги чӏун, унго-унголъун Аллагьасдеги руссун, щибаб бакъул къо, щибаб дакъикъа дарман тӏагӏаразе, дунялалъул рокъоб гӏакъуба-къварилъи, ракъи-къеч лъаразе сайгъат гьабулел бусурбаби.

Хадусеб мажгит – Гъизляр шагьаралъул аслияб больницаялда жаниб ва гьебго районалъул Краснооктябрское росдал школалда аскӏоб.

Гъуниб районалъул росабалъа рачӏарал чагӏаз гӏумру гьабулеб Тельман росулъ букӏана тӏох лъеялде щвезегӏан бараб, сурсатал лъугӏун, чӏезе тараб мажгит. Росулъ мажгит гьечӏолъиялъ, диниял тадбирал тӏоритӏиялъе гьеб росдал гӏадамазе бугеб квалквалги бихьун, Гъазимухӏамадица гьеб хӏалтӏи жиндего тӏаде босана ва, къокъаб заманалда жаниб, мажгит бан-къачӏан бахъинабуна. Гьебго районалъул Мулла-Гӏали абулеб росулъги букӏана гьединабго къисматалъул мажгит, Гъазимухӏамадица гьебги бан рагӏалде бахъинабуна.

Гъизляралъул рагӏалда бугеб МЖСалъул дачабазул авалалда букӏана мажгит базеян къадал рорхун хутӏараб кирпичалъул къали, гьесул чӏаголъиялдалъун жакъа гьебги хӏалтӏулеб буго.

Жиндирго гӏагараб Муни росулъ Гъазимухӏамадица къачӏана кӏиго авал мажгит, цоялда тӏад тӏох гьабуна, кӏиабилеб – жанисан къачӏана.

Гӏандибе унеб нухда аскӏоб, 12-гӏанасеб цӏараки бугеб мунисезул Рушуха абулеб колода бана гьитӏинабго мажгит. Гьединго, гьенибе лъим бачун, гӏадамазе букӏараб къварилъи тӏаса инабуна.

Гъазимухӏамадил лъикӏал ишазул хӏакъалъулъ хабар Дагъистан бахун къватӏибги рагӏун буго. Масала, Армавир шагьаралда мажгит базеги гьенибе лъим бачинеги гӏарцул кумек къваригӏун бугилан, телефоналдаса гьесухъе кӏалъана Шамил абулев магӏарулав, гьай-гьай, Гъазимухӏамадица гьенибе гӏарац битӏана.

Гъизляралдаса цо кӏодоца бакӏарараб гӏарацги хӏалтӏизабун, шагьаралъул поликлиникаялда жаниб бана гьитӏинабго мажгит. Косякина росдал школалда жаниб гьес гьабуна как баялъе санагӏатаб рукъ, Черняевка росдал школа-интернаталда аскӏоб балеб мажгитги лъугӏулеб буго.

Гъизляралъулаз абула, Гъази-мухӏамад жидер «Хехаб кумек» вугилан. Больницаялде регизе, операция гьабизе къваригӏарал мискинал-язихъал чагӏазе гьес гъираялда кумек гьабула. Гьесул гьари лъицаха нахъ чӏвалеб?

Шагьаралъул больницаялъул хирургияб отделалъул заведующий, Шехуца гьес витӏарав бокьарав чи хабар гьечӏого больницаялда вегизавула. Гьединго гьабула цогидал тохтурзабазги.

Жинца кафе рагьараб 2010 соналдаса нахъе, щибаб кӏалккул моцӏалда, маркӏачӏул как ахӏаралдаса рогьалил как ахӏизегӏан, Гъазимухӏамадица, миллат, дин цӏехечӏого, ункъо-щуго батӏияб тӏагӏам кьун, щибаб къоялъ чӏорого кваназарула гӏадамал.

Гьабсагӏат Гъазимухӏамадица Болъихъ росулъ балеб буго нусго чияс цадахъ как балеб, кӏитӏалаяб авал мажгит.

— Дида хъизан-рукъцин кӏочона

цо-цо мехалъ, дир кинабгӏаги интерес, рекӏел цӏайи букӏунаро дунялалъул бечелъиялдехун. Алхӏамдулиллагь, бетӏералда тӏох буго, тӏокӏаб щибниги хӏажат гьечӏо. Дида кӏолаан кӏалгӏабиги разе, хири-хириял машинабиги росизе. Амма дир ракӏ гьел жалазде цӏаларо. Дун Бичас гьетӏизавуна, кантӏизавуна мискинчиясухъе кумекалъулаб квер бегьиялде. Гьелдаса кӏудияб рохелги талихӏги дида лъаларо,- ян бицана гьес диргун букӏараб гара-чӏвариялда. — Дун разияб лъабго лъимерги кьун, кӏодоги гьавуна дун Халикъас. Гьитӏинав вас Шамил гӏумру гьабун росулъ вуго, кӏудияв Гӏабдула ккола дир кумекчи, дун гьечӏеб мехалъ кафеялъул хӏалтӏи гьесда тӏад букӏуна. Бер ккеялда хӏинкъарай дир яс Патӏимат йиго иманги адабги бугей гӏадан. «Лъади лъикӏав-лъикӏав, лъади квешав-квешав», — ан абула магӏарулаз. Лъикӏаздасан лъикӏай лъади кьун, Аллагьас рази гьавурав чи ккола дун. Мажгитал раялъул хӏалтӏабиги садакъа кьеялъул ишги дица лъади Загьрал разилъи цӏехечӏого гьабуларо, нилъер диналда рекъон, гьабизеги бегьуларо. Гьелъ абула: «Аллагьасе гӏоло хвезабураб бечелъиялда дир дагӏба букӏунаро. Дунги хола дунялалъул боцӏиги гьанибго тун».

Лъималазул кӏиго васги лъабго ясги ккола дир берзул нурги, дунялалъул рохелги, метериселде бугеб божилъиги. Лъималазда берцин бихьула дица мажгитал райги гьарулел гурхӏел-рахӏмуялъул тадбиралги. Мискинал, къварилъиялде ккарал чагӏазе вас Гӏабдулацаги бажарараб садакъаялъулаб кумек гьабула.

Рачӏаха Гъазимухӏамад Гъази-мухӏамадов лъикӏго лъалез, щибаб къойил гьесул квер босулез, гьесдаса кумек-квербакъи щвараз бицунелъухъ гӏин тӏамизин.

Бадрудин-Хӏажи, Муни росулъа динияв гӏалим, Гъазимухӏамадил насихӏатчи:

— Гьесул берцинаб гӏумруялъул бицунел рагӏаби ратуларого вуго дун.

Гъазимухӏамадилги дирги кидаго камичӏеб бухьен букӏуна ва гьес щибаб гали диргун дандбан тӏамула.

Магӏишатияб рахъ босани, Аллагьас гьесиеги кьун буго, кьураб гӏадамазе пайдаялъе гьесги хӏалтӏизабулеб буго. Щибаб динияб тадбиралдаги гӏахьаллъула гьев, Гӏарабиязулъа рачӏунел делегациябазда дандчӏваязулъги вукӏуна.

Хӏисаб гьечӏо, гӏорхъи гьечӏо гьес гьарулелщинал лъикӏал ишазе.

Станислав Облов, Гъизляр шагьаралъулаб больницаялъул бетӏерав тохтур:

— Кутакалда сахаватаб ракӏалъул, рикӏкӏен гӏемерал ишазул хважаин вуго, Гъазимухӏамад. Гьесдаса гӏаданлъи цӏикӏкӏарав чи дида жеги дандчӏвачӏо. Дица нухмалъи гьабулеб шагьаралъулаб больница кӏиго лъагӏелалъ дарабаздалъун хьезабуна гьес. Больницаялда бана кӏудияб мажгит — 100 чияс жаниб как базе рес бугеб.

Сордо-къоялда жанив бокьараб кумекалъе вахъун чӏарав чи вуго Гъазимухӏамад. Рагӏана гьабсагӏаталда жиндирго гӏагараб Болъихъ районалда мажгит балев вугилан.

Къутӏбудин Къутӏбудинов, Гъизляр районалъулаб больницаялъул бетӏерав тохтур:

— Къанагӏатаб жо буго гьединаб щулияб иманалъул инсан нилъер заманалда ракьалда вукӏин. Цониги квешаб рахъ, цониги нилъ разилъулареб хасият гьечӏо гьесулъ. Гъизляр районалъего баракат бугев чи вуго. Шагьаралъулаб больницаялда мажгит бана, гьединабго базе бокьун букӏана райбольницаялдаги. Амма нижер гьелъие гӏураб ракь гьечӏо, гьединлъидал гӏей гьабуна как балеб рукъ баялда. Гьес, лъидего ккезе течӏого, тӏуразарула больницаялда хварал чагӏи чуриялъул, гьезда мусру баялъул суалал ва капек гӏарац босуларо лъидасаниги.

Ибрагьим Гӏалиев,

23 соналъ Гъизляралъул шагьаралъулаб больницаялъе нухмалъи гьабурав.

Газеталда хъвазе бищун ярагьунев инсан вуго. Исламияб рахъги камилав, кидаго чорхолъ ияхӏги камичӏев, унго-унгояв бихьинчи. Язихъазе квен-тӏех кьола, кьогӏаб къисматалъул бесдалазе ретӏел-хьит босула, мискиназе садакъа бикьула.

Палхӏасил, гӏадамазде рокьи бугев, кутакалда баракатав, магӏнаяв муъминчи вуго. Алжан насибав чи ватилин тола дицаго гьев.

Шамил Сагӏидов, Краснооктябрьское росдал администрациялъул бетӏер.

— Нижеца киназго кодовги ккун хьихьизе кколев чи вуго гьев. Магӏарул мацӏалда ругелщинал лъикӏал рагӏаби сайгъат гьарилаан дица Гъазимухӏамадие. Живго вакъун-къечон чӏунги мискин-пакъирзаби кваназарула гьес. Нусго соналъул гӏумруги щулияб сахлъиги гьарула нижеца гьев унго-унгояв, гӏадатияб халкъалъе гӏоло хвезеги хӏадурав магӏаруласе. Нужееги кӏудияб баркала гьединав ракӏ гӏатӏидав, гӏамал берцинав нилъерго миллатцоясул хӏакъалъулъ газеталда макъала хъвазе пикру ккарал.

…Нижеца хурхен гьабун букӏана дой гьас кумек гьабурай унтарай гӏаданалъулгунги. Гьелда цӏар бугоан Сидрат. Росу-ракь рехсезе гьелъие бокьичӏо, амма ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабуна Гъазимухӏамадие. Кидагоялъе гъваридаб адаб хутӏилила жиндир гьев тамашаго ракӏ лъикӏав чиясдейиланги абуна гьелъ.

Лъикӏаб бухьен буго Гъази-мухӏамадил Дагъистаналъул Бусурбабазул идараялъулгун ва живго муфти Ахӏмад-хӏажи Афандиясулгун (къ.с.) Гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго гьалъал суратазги.

Жиндир 50 сонилаб гӏумруялда жаниб гӏаракъи-чагъир гьекъарав чиги гуро гьев.

…Ахиралде щвана нижер гара-чӏвари.

Ахӏана маркӏачӏул как ва ниж рилълъана редакциялъул как балеб рокъоре.

Жанибе гали бегьарабго, гӏеккеялъ тӏогьиллъи рехарал къадазда берги щвезабун:

— Нужеца изну кьуни, ин ша Аллагь дица гьаб рукъ месед гӏадин къачӏазе буго, — ян абуна гьоболас.

Росана кверал, гьабуна къотӏи ва лъабго къойил болжалалда жаниб ниж божулареб хӏалалда цӏи гьабураб Аллагьасул рукъалъул кӏулал кьуна гьес нижехъе.

Гӏумруялъего нижер рекӏелъ кӏочонареб лъалкӏги тун, редакциялдаса арав сахаватав инсан, исламияб нухдаса кьуричӏого гали цебе тӏамулев тӏокӏкӏарав муъминчи Муниса Гъазимухӏамадов Гъазимухӏамадил хӏакъалъулъ ракӏ-ракӏалъ хъвараб гьаб макъала бахъулеб буго нижеца жакъа газеталда.

Тӏубараб тӏехь хъвазеги тӏолалго рес бугел чагӏазги мисал босизе мустахӏикъав чи вуго гьев.