Гъуниб районалъул Ругъжаб росулъа Зада Макъсудовалъе, школалда цӏалулеб заманалдаго, бокьун букӏана учительлъун яхъине. Микьго классги лъугӏун хадуб цӏализе ине йигин абидал, инсул яцгӏалалъ абун буго: «Къантӏа Гӏисал рокъов шайих вахъараб гӏадаб жо ккелин, нилъер цӏаларав чиги вукӏинчӏин, гьелда ракӏалде ккараб жо щиб?» — ан абун. Амма гӏолилалъул рекӏел хӏалги бичӏчӏун, эбелалъ ихтияр кьуна.

«Бищун кӏудияй мунги цӏализе ани, рокъоб дие кумек лъица гьабизе бугебилан къварилъахъдулаан гьей. Гьеб соналъ гьавурав гьитӏинав васги вукӏана гьелъул. Дица абуна, харил гьадаб цо бакӏ цӏезабилин дицайилан абун. Хъахӏлъи барабго яхъун унаан харибакӏалде. Хъандироялъ бецун, баччун чӏезабуна эбелалъе хасалие гӏураб хер. Рохел бихьарал чагӏи рукӏинчӏо дир эбел-эмен. Бесдаллъи бихьана кӏияздаго. Дун бищун кӏудияй йикӏиналъги батила, дидехун ракӏ бан рукӏунаан гьел», – ан бицана Задаца.

Бищунго захӏматаб дарс

Ана цӏализе. Байбихьуда цӏакъ захӏмат букӏана. «Дида бичӏчӏана, гӏурус мацӏ лъазе кколеблъи. Пед-училищалда хӏалтӏулев вукӏана Загьид Гӏумарович абун Лак районалдаса преподаватель. Гьес дида малъана гӏурус мацӏ бигьаго лъазабулеб къагӏида. Гьес абуна, классиказул тӏахьалги цӏалун, гьел тет-радалда хъвайилан. Гьабуна гьес малъухъе ва лъикӏал къиматал щвезе байбихьана», — ан ракӏалде щвезабуна Задаца.

Педучилище лъугӏидал, хӏалтӏизе йитӏана Унсоколо районалде. Гьел соналго гӏадин, хинаб асаргун ракӏалде щвезавула Задаца хехго гӏумруялдаса ватӏалъарав росги. Иштӏибури-Колоб хӏалтӏулеб заманалда, цадахъ довеги ви-лълъун, рукъалъул тӏалаб гьабулаан Гӏабдулагьица. Лъабго сон индал, Макъсудовал тӏадруссана гӏагараб районалде. Хӏалтӏизе байбихьана Гъоркь Кӏогьориб росулъ. Гьениб букӏана байбихьул школа. Гьеб букӏана 1976 сон. Гьебго соналда Макъсудовалда тӏадкъана школалъе нухмалъи гьабиялъул ишги. Гьелдаса нахъе йиго Зада рехсараб школалъул директорлъун.

Школа букӏана пихъил консерваби гьарулеб заводалъул хӏалтӏухъабазул общежитиялъул кӏиго рокъоб хӏебтӏун. Гьелъул цӏалдохъабилъун рукӏана заводалъул хӏалтӏухъабазул лъимал. Задаца районалъулги заводалъулги нухмалъиялда цебелъуна школалъе цӏияб мина баялъул масъала. Гьелъул бицун хъвадарана республикаялъул идарабаздеги. Ахирги совхозалъул директорлъун вукӏарав Гумбет районалдаса Гӏарипов Мухӏмадил квербакъиялдалъун бана школалъе минаги.

Цӏияб школа бана – улка биххана

Школа хӏалтӏизабиги кӏудияб улка биххиги цадахъ ккана. Чанги гьабун рагӏалде бахъинчӏеб хӏалтӏи хутӏун бугониги, къабул гьабуна Зада Макъсудовалъ школалъул мина. «Рукӏинчӏо гордал, нуцӏби, классал хинлъизаризе рес. Росас къачӏана гордал, кумек гьабуна чӏарбида ва мокърукь хъарщи кьабизеги», — ан бицана гьелъ.

1996 соналда байбихьул школа-лъул гьабуна аслияб лъай кьеялъул школа ва 2000 соналда – гьоркьо-хъеб. Школалъе кьуна Афгъанистаналда хварав, Багӏараб Байрахъалъул орденалъе мустахӏикълъарав Ибрагьим Ибрагьимовасул цӏарги.

Гьабсагӏаталда школалда вуго 67 цӏалдохъан. «Школа рагьулеб къоялъги районалъул администрациялъул бетӏерас абулеб букӏана, цебетӏеялъе ресго бугодай гьелъулилан абун. Дицаги гьесие рагӏи кьуна божударекӏкӏ гьабиларин. Яхӏ бахъана лъикӏ хӏалтӏизе. Районалъул пуланаб школалда лъикӏав учитель вугин рагӏарабго, хӏаракат бахъулаан гьев гьанивги хӏалтӏулеб къагӏида батизе. Гьедин гьанир хӏалтӏулел руго Хьиндахъа, Хӏотӏочӏиса, Ругъжаса, Тӏаса Гъуниса ва цогидал бакӏаздаса учительзаби. Музыкаялъул учитель вачана, масала, музыкалияб алаталда бакънал рачине махщел бугев вукӏун – лъималазда чӏагояб бакъан рагӏизе. Рисованиеги кьола художникас. Рамазан Гъазимухӏамадов вачана Хӏутниса. Гьев вуго республикаялъул учительзабазул къецазул гӏахьалчи. Гьединайго пагьмуяй, хасаб методикаялда рекъон хӏалтӏулей филолог йиго Мадина Шагьоваги – гьей хӏалтӏулей йикӏана Гъуниб росдал школалда. Щибаб дарсил махщелчи вугони, лъималазе щола камилаб лъай. Гьеб буго нижер коллетивалъул аслияб масъала», — ян бицана Зада Макъсудовалъ.

Интернат гьечӏониги…

Гьелъул рокъоб гьабсагӏаталда буго 22 лъимер. Гӏемерисезда ракӏалде кколеб буго Гъоркь Кӏогьориб росулъ гӏадатияб школа гуреб, школа-интернат бугин абун. Амма интернат гьениб гьечӏо. Гӏумруялъул захӏматал шартӏазде ккарал хъизамаздаса лъимал рачуна Задаца хьихьизе. «Цояз босула, мисалалъе кредит. Гьеб бецӏизе бажаруларого, хӏажаталлъун ккола рикӏкӏаде хӏалтӏизе ине. Цогидазухъа бажаруларо лъимер хьихьун – ресукълъиялъ, школалде унаго, лъимадуе ретӏел-хьит босизе киса гурин, кваниецин гӏарац гӏоларел хъизамал гӏемер руго нилъер. Лъаб-абилезе, жидеца гӏумру гьабулеб бакӏалда школа гьечӏолъиялъ яги гьеб гӏицӏго байбихьул лъай кьолеб букӏиналъ, рес кколеб гьечӏо лъимер цӏализабизе. Ункъабилел рачӏуна, жидехъ гӏенеккуларин, малъараб босуларин абун. Щибаб хъизамалъул буго батӏи-батӏияб гӏилла. Дида кӏоларо гьедин рачӏарал гӏадамазул лъимал къабул гьаричӏого чӏезе», — ян бицана директоралъ.

Гьедин рачӏа-рачӏарал къабул гьарун ва сакъатаб лъабго лъимерги хьихьизе бачун, гӏуна 22 лъимер. Гьезие квенги хӏажатабщинабги чӏезабула Задаца. Камуларо кумек гьабулел гӏадамалги. Жиндир цӏар загьир гьабизе бокьичӏев цо дагъистанияс, масала, кумек гьабуна лъимал жанир рукӏунел рукъзал къачӏазеги, кроватал росизеги. Босана гьесул гӏарцухъ ретӏел чурулеб машинагун телевизорги. Къурбан моцӏалда росдал мажгиталъул имамас бачӏана лъималазе гьанал 100 кг. Лъималазул тӏалаб гьабизе кумекалъе росун руго хӏалтӏухъабиги.

Гьединаб къагӏидаялда лъимал хьихьизе ихтияр кьолеб букӏун гьечӏо РФялъул законаз. Кӏудияб хъизамалъухъ халгьабизе ячӏараб мехалда, ДРялъул бетӏерасда цебе Эбеллъиялъулгун лъималазул ихтияразул рахъалъ вакил Марина Ежовалъ Зада Макъсудовалда малъана законалде рекъонкколедухъ документал хӏадуризе. Гьанже гьеб хъизамалда официалияб къагӏидаялда абула «Кӏудияб хъизам» абураб коммерциялъулаб гуреб жамгӏияб гӏуцӏийилан абун. Гьелъул ихтиярги буго ресукъал хъизамаздасаги бесдаллъуда хутӏаралги лъимал хьихьизе рачине. Амма гьелъие букӏунаро финансазул рахъалъан кинабгӏаги кумек-квербакъи.

Школалъулги халгьабун, ниж рилълъана рокъоре. «Зада-эбел!» — анги ахӏулаго, данде рекерун рачӏана васал. Гьел хурхана Задада, моцӏалъ йихьичӏей эбелалда гӏадин. Рана къвалал дидаги. Щивасул ботӏрода кверги бахъулаго, ракӏбатулеб рагӏи абуна гьелъ. Рокъор ругоан жинцаго хьихьарал лъималазул суратазул альбомал, гьез рачӏарал кагъталгун баркиял. «Баркала, Зада-эбел! Дир гӏумруялда мун дандчӏвачӏейани, гьелъул магӏна дида бичӏчӏилароан», — ин хъван буго гьел кагътазул гӏемерисел автораз. Чан лъимер хьихьарабилан гьикъидал, Задаца кьуна гьадинаб жаваб: «Азаргоян абуниги, лъабнусго-щунусгоян абуниги, мекъи ккеларо. Дица гьел рикӏкӏинчӏо. Цояз гьаниб бана кӏиго-лъабго моцӏ, цогидал рукӏана лъагӏелалъ, лъабабилел – школа лъугӏизегӏан. Рукӏинчӏо гьел эбел-инсуца тӏубанго рехун тарал. Дица гӏицӏго кумек гьабуна захӏматаб хӏалалде ккарал хъизамазе. Санагӏалъи ккарабго, лъимал нахъе рачун унаан», — ян.