Араб анкьалда Махӏачхъа-лаялда, 11-абилеб гимназиялда тӏобитӏана «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель-2020» абураб конкурс. Гьенив гӏахьаллъана 20 учитель.
Конкурс халатбахъана лъабго къоялъ. Тӏоцебесеб къоялъ конкурсалъул гӏахьалчагӏаз бицана жидерго хӏалтӏул, дарсазда пайда босулел цӏиял методикиял къагӏидабазул ва технологиязул хӏакъалъулъ.
Исана къецалда гӏахьаллъулей йикӏана магӏарул мацӏалъул гӏицӏго кӏиго учитель. Арал соназде дандеккун, гьеб цӏакъго дагьаб къадар букӏана. Бугониги, тӏоцебесеб къоялъул хӏасилазда рекъон, къецалда жюриялъе бищунго къабуллъана кадетазул корпусалда хӏалтӏулей магӏарул мацӏалъул учитель Лейла Нурхӏажиева.
Кӏиабилеб къоялъ учительзабаз кьуна рагьарал дарсал. Гьезул щияй мустахӏикъай йикӏана рецц-бакъалъе. Амма гьаб нухалдаги чӏчӏел босана Лейла Нурхӏажиевалъ.
Диеги рес ккана гьелъул дарсида гӏахьаллъизе. Дарсил авалалдаго мугӏалималъухъа бажарана лъималазулгун гӏаммаб мацӏ батизе. Лъималазги гьей къабул гьаюна, къойилго йихьулей мугӏалим гӏадин. Дарс ана тӏадегӏанаб даражаялда. Грамматикаги адабиятги цолъизабун кьураб дарсалъ асар гьабуна жюриялъеги.
Мугӏалималъ цӏалдохъаби рачана советияб халкъалъул бахӏарчияб тарихалъул гъасде. Гьелъ бицана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул хӏакъалъулъ. Лъимал гъираялда хӏалтӏулел рукӏана дарсида. Дарсил ахиралда гьелъ цӏалдохъабазухъе рикьана фронталдаса рачӏунел рукӏарал гӏадал лъаббокӏонал кагътал-конвертал. Щибалда жаниб букӏана дагъистанияв – Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарчиясул сурат. Лъималаз рокъоб хъвазе буго гьезул хӏакъалъулъ.
Кӏиябго къоялъул къецазул хӏасилалда финалалде ворчӏана 5 учитель.
Лъабабилеб къоялъ финалистаз кьуна классалъул сагӏтал ва цӏунана лъайкьеялъул проектал.
Лъугӏана конкурс, гьаруна хӏасилал. Тӏоцебесеб бакӏа-лъе мустахӏикълъана Лайла Нурхӏажиева. Кӏиабилеб бакӏ щвана № 55 школалъул лъарагӏ мацӏалъул мугӏалим Саида Мухӏамадовалъе. Лъабабилеб бакӏалде ячӏана №12 школалъул лак мацӏалъул мугӏалим Аксана Михадова.
Конкурсалъул гӏахьалчагӏазда ва призеразда баркизе рачӏун рукӏана шагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул вакилзаби. Лъабабго къоялъ тадбир гӏуцӏадго тӏобитӏизе квербакъана шагьаралъул лъайкьеялъул управлениялъул рахьдал мацӏазул куратор Рукъият Абакархӏажиевалъ ва № 11 школалъул учительзабазул ва цӏалдохъабазул коллективаз.