(Цебесеб 5-абилеб номералда)
Гӏарахъ магӏардаги, канлъи-бакъ тӏаса инчӏого, цоги нухалъ кваназаруна магӏарулаз чуял. Гьезул букӏана сардилъги цере ине нигат. Магӏарул тӏабигӏаталъ цӏидасан гӏажаиблъизаруна гӏурус гӏолилал. Гендерил магӏардасан рихьулел рукӏарал мугӏрул тӏогьазулги, согӏал кьурабазулги, гъваридал къварилъабазулги бакӏалда, гьезда цебе рагьун бачӏана, жидерго беразе ругьунаб, гӏурччинаб авлахъ. Гьеб букӏана Хундерил тӏалъи. Бакӏ-бакӏалда рихьулел рукӏана магӏарул росаби.
Канлъи рукӏкӏараб, сордо тӏаде щвараб гӏужалда нахъа тана гьез магӏарул церегосел ханзабазул ватӏан, Тӏануси росу. Тӏокӏал кирниги лъалхъинчӏого, ругьунаб нухдасан сардилъги бажарараб хехлъиялда рачана сапаралъул жавабияс чуял. Нухлулал Хунзахъе щведал гурони, кьечӏо гьес жиндиего чучизе рес.
Хварал чагӏигӏанги ригьунареб куцалда, кьижун ккана, нухлуца кӏвекӏарал, свакалъ тату хварал гьалбал гьеб сардоялъ. Радал, квана-гьекъон, щвезаруна гьес гьалбал района-лъул идараялде. Жиндирго масъала тӏубарав нухбачунесул тӏокӏаб букӏинчӏо гьениб иш. Гьев ана. Гьалбалин абуни, идараялъул нухмалъулес жиндаго аскӏоре рачана, гьезул сапаралъул хадусел масъалаби тӏуразе.
Байбихьана лъай-хъваялдасан. Бачӏина-хъего суал тӏубана хӏакимас кӏиявго гӏолохъанчиясул. Гьел гьебсагӏатго жидерго ишалде нухда ккезаруна. Гӏолилай йикӏана кие юхьинайилеяли, лъие къабуллъилеяли, щиб гьелда гьабилебали лъаларого хутӏун. «Жеги гьитӏинай гьай гӏурус ясги кие гьание магӏарухъе? Лъица гьай жидехъего къабул гьайилей? Киса, щийдай гьай, гьал рикӏкӏадал мугӏрузде ячӏине ракӏалде ккарай?» – абун суалал рукӏана нухмалъулесул пикрабалъ.
— II —
XX гӏасруялъул авал букӏана нилъер улкаялъе балагьаблъун, ругьунаб жамгӏияб гӏуцӏи биххулеблъун. Бидулал лъугьа-бахъиназги рагъазги рукӏана гьеб замналда аслиял сиясатиял суалал тӏуралел.
Гьеб киналъухъго балагьичӏого, жиндирго рахънисан инеб букӏана гӏумруги. Ирга щвара-щваралъусан тӏаде рачӏунел ва тӏаса камулел рукӏана гӏадатиял гӏадамалги. Гьедин хӏалуцараб заманалде ккана, 1914-абилеб соналъул ахиралда, хасалил авалалда Киевалъул губерниялъул Сульжинск волосталъул Лешань росулъ гьаюрай Лиза Семенюкил гӏумруги.
Инкъилабалъул ва Граждан рагъул заман бигьаяб букӏинчӏо улкаялда, амма гьей гьитӏинай ясалъе гьелъул букӏинчӏо щибниги къварилъи. Унго-унгояб къварилъи, кӏудияб рухӏел гьелда бихьана анлъго сон бараб мехалда. Лиза хутӏана, эбелги эменги гьечӏого, бесдаллъуда. Эбелалъулги инсулги къадар батараб украиназул росу гьелъ абадиялъего рехун тана.
Цебесеб гӏагарлъиялъ бесдалай жидедаго аскӏое Донецкалде ячана хьихьизе. Захӏматхалкъалъул жигарчилъи тӏадегӏанаб, улкаялда хиса-басиязулъ хасаб бакӏ кколеб гьеб шагьаралда гьитӏинай Лизал къисматги ине рес букӏана цӏияб улка гӏуцӏиялъул батӏияб шагьраялдасан.
Гьелъул гӏумруялъул чвахиялъин абуни, чанго сонидасан босана цоги кӏудияб свери. Чӏахӏиял лъугьа-бахъиназдасаги тахшагьаралдасаги рикӏкӏаде, гӏемерго гӏодобе биччараб, гьава-бакъ рекъараб рахъалде ккана гьей. Жиндирго эбелалъул яцалда цадахъ Лиза гочана цересел умумузул ватӏанлъун букӏараб Кисловодск шагьаралде.
Ракъараб, чӏунтараб, багъа-бачарараб заман букӏаниги, гӏолей ясалъул гӏумруялъеги сахлъиялъеги хӏинкъи гьениб букӏинчӏо. Гӏаксалда, саламатго гӏеялъе квербакъулел тӏабигӏиял шартӏалги гьава-бакъги рукӏана. Сахлъиялда хадур рикӏкӏа-рикӏкӏадасаги гӏадамал рачӏунел, машгьураб ва гӏадамазе бокьулеб кавказияб шагьаралда гӏолей йикӏана гьей.
Граждан рагъда хадусел согӏал ва захӏматал саназда цӏалана гьей школалда. Анкьгосонил школалда цӏалана гъираялда, лъаялде хӏасрат бергьун. Бихьараб ва хӏехьараб рагъул кьогӏлъиялда, ккарал ва бахӏарчиго раччарал камиязде дандеккун, бигьаяб иш батана гьелда цӏали. Пашманлъиялъ къвал жемарай гӏурус ясалъ хадусала тӏолабго рекӏелгъей цӏалуде гьабуна. Жиндехунго тӏалабчилъиялъги, ишалде рокьиялъги, цӏодорлъиялъги бигьалъана гьелъие цӏали.
Цӏалдохъаналъул ригьалдаго загьирлъана мугӏалимасул махщалиде гьелъул цӏайи, гӏуцӏарухъанлъиялъе гьунар ва лъималазде рокьи. Жамгӏияб хӏаракаталъулги жигаралъулги цере-цересел дарсал гьелъие щвана улкаялда цӏияб лъималазул гӏуцӏиялда – пионеразул кьерилъ. Анцӏила ункъилъ лъугьана комсомолазул мухъилъеги. Гьеб букӏана, жийго жиндаго чӏарай, балугъаб гӏумруялде лъураб жавабияб гали.
Цӏи гӏуцӏулеб бугеб Советияб пачалихъал-да гӏолел гӏелал куцаялъе кӏвар бугел ва хӏасил кьолел гӏуцӏаби рукӏана пионерияги комсомолги. Доб байбихьул заманалда Лиза гӏадал лъималазе гьезул пайда цӏикӏкӏараб букӏана. Гӏумруялъул хӏалбихьи камиллъиялде гьез рагьулаан къимат тӏадегӏанаб нух.
Гӏолилазул жигарчилъи борхараб гьеб заманалда, чӏахӏиял ишазде гъирагун, лъугӏана Лизал школа. Цинги, комсомолалъул ахӏиялъе жаваб гьабун, гъираялда ана лъавукълъиялда данде къеркьеялъул нухде. Гьелъ тӏасабищана педагогасул махщел ва цӏализе лъугьана мугӏалимзаби хӏадур гьариялъул хехал курсазде. Цӏакъго гъираялда цӏалана гьений. Тӏокӏлъигун щвана мугӏалимасул махщел.
Талихӏаб гьимиялъ гьурмада нур барай, лебалай гӏолилалда кодоб букӏана щвараб махщел тасдикъ гьабулеб хӏужаялъул кагъат. Хӏажалъи бугеб рахъалде гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул мугӏалимал ритӏулел рукӏана, комсомолалъ. Жиндиего бокьун тӏасабищана Лизаца Дагъистаналде ин.
(Хадусеб букӏине буго)