Анцӏила анкьго сон барав Тӏукитӏаса Расулов Мухӏамад жиндиего бокьун ана фронталде. 1943 соналъул июналда, хасаб дело цӏезабулаго, гьесул гьариялда рекъон, рагъулав комиссарас гӏолиласул гӏумруялде цо лъагӏел тӏаде жубана.
Рагъде иналде Мухӏамадица Местӏерухъ росдал школалда лъугӏизабуна анлъго класс, хӏалтӏана росдал колхозалда. Хъизамалда цо бугеб лъимер букӏаниги, Мухӏамадихъа бажарана Ватӏаналде тӏаде къо ккедал рагъде ине жинцаго гьабураб хӏукму хиси гьечӏеб букӏиналда эбел-эмен божизаризе.
Хъулухъ гьабизе ккана цин Ереваналде, артиллериялъул полкалде. Гьесда цадахъ ккана Мухӏамадил росуцояв Ахӏмадов Хӏажиги. Ереваналда гьез лъугӏизаруна рагъухъабазул курсал.
Гьедин ана анлъго моцӏ. 1943 соналъул ахиралда рагъухъаби Типлисалде, батӏи-батӏиял подразделениязде ритӏана. Мухӏамад ккана Кутаиси шагьаралде, артиллериялъул полкалде.
— Типлисалда ниж цӏидасан рагъулаб техника лъазабизе тӏамуна, — ян ракӏалде щвезабулаан Мухӏамадица. — Кутаисиялда бана анкьгӏанасеб заман ва тункӏил харил махӏ сунтӏичӏел гӏолилал фронталде — Днестралъул районалде ритӏана. Станислав шагьаралдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, Днестр гӏурул рагӏалда буго Галич абураб поселок. Гьенив тӏоцеве ккана рагъде, бихьана хвел, лъукъарал рагъухъаби. Гьедин байбихьана дир фронталъулаб гӏумру…
Расулил Мухӏамадил полк унаан Тӏоцебесеб Белоруссиялъул фронталъул 1-себ армиялде гъорлъе. Гӏарадачагӏаз балагьана жидеего санагӏатаб позиция ва лъелал аскаразе гӏор бахине квербакъизе лъугьана. Тушман минометаздасан, гӏарадабаздасан ва автоматаздасан кьвагьдолев вукӏана гӏурул щибаб метралде. Биялъ белъун бихьулаан Днестр. Тушманасул рагъулал точкаби заманаялъе «гӏенеккун чӏезаризе» бажарана.
Мухӏамад гӏарадаялъул гулби раччулев чи кколаан, амма захӏмат букӏана 16 кг бакӏлъи бугел гьел гъажалдаги лъун раччизе.
— Хӏакъикъаталдаги бакӏаб хӏалтӏи буго гулби гӏарадаялде аскӏоре раччи, — ян ракӏалде щвезабулаан рагъухъанас. — Цо-кӏиго гулла гуреб тӏубараб ящикго цадахъ хадуб цӏазе (гьенибин абуни ункъо гулла букӏуна) цӏакъго бакӏлъулаан. Гьеб гьабизе кколаан сундухъго балагьичӏого: нижер, ай гӏарадачагӏазул къо хӏехьеялда ва бахӏарчилъиялда бараб букӏиндалха гӏор бахунел лъелал аскаразул ра-гъухъабазул къисмат. Днестралъе гӏоло рагъулаб гьужум дие лъабабилеб букӏана ва гьеб ахирисеблъунги ккана…
Гьаваялде раккана немцазул лъикӏаланго самолетал, ва гьез гӏарадачагӏазул позициязде, лъелазул лъедолел алатазде бомбаби рехизе, гьезде кьвагьдезе байбихьана. Къо бакъаниде гӏагарлъулеб букӏана. Мухӏамад, иргадулаб нухалда, гулбузда хадув векерулаго, гьесдаса чанго метралъ рикӏкӏад бихъана бомба. Гьелъул саламатаб кесек щвана Расуловасул квегӏаб мачӏалда. Хьвагӏун арав гьев гӏодов ккана, лъавудаса ана. Авиабомбаялъ бахъараб гвандинив гӏебеде рехун вугев гьесда ракӏалда гьечӏо кигӏан заман гьедин барабали.
Расчетазул командирзаби рагъул хӏасилал гьаризе, личный составалъул камиязул хӏакъалъулъ баянал штабалде ритӏизе лъугьана. Гьезда гьоркьоб букӏана гӏахьваласул фамилияги. Командирас лъазаби битӏана гьесул гӏагаразухъеги. Гьелда хъван букӏана: «Расулов Мухӏамад, 1925 соналъ Гӏахьвахъ районалъул Тӏукитӏа росулъ гьавурав. Рагъде ахӏана Болъихъ РВКялъ. Мухъилав, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана…». Гьел баянал руго «Ракӏалде щвеялъул тӏехьалдаги» (2-абилеб том, 174-абилеб гьумер).
Араб бакӏ лъачӏого тӏагӏинчӏо рагъухъан. Днестр гӏор бахун хадусеб къоялъ санитараз лъукъарал рагъухъаби тылалде ритӏулел рукӏана. Гьел тӏаде ккана гӏумруялъул гӏаламаталгун вугев Мухӏамадида. Авлахъалъулаб госпиталалда (гьениве щвезавуна гьев санитараз) гьесие бажарараб кумек гьабуна, гьениса Кутаисиялде, рагъулаб госпиталалде витӏана. Анлъго моцӏ бана гьес гьениб, амма ругъун сахлъун гьечӏолъиялъухъ балагьичӏого, хадубккун рагъулаб хъулухъалъе ярагьунаревлъунги рикӏкӏун, 1944 соналъул ахиралда рокъове витӏана. Гӏарадаялъул расчеталъул рахъалъ гьалмагъзабазда лъачӏо гьесие ккараб жо.
Мухӏамадил росуцоялгун цадахъ гьесул эбел-эменги гьеб заманалда Чачаналъе, Ведено районалъул Даргъоре гочинарун рукӏана. Сонисев рагъухъанасда гьеб лъалароан. Гьесие гьеб загьирлъана Буйнакскиялде щведал. Гьедин ккана гьев Шалиялде. Гьенибин абуни ругъуналъ рахӏат хвезабизе лъугьана. Вегизе ккана больницаялда. Гьенив, ракӏалдаго гьечӏого, дандчӏвана эбелалъул вацгӏал Гӏалихӏажиявгун. Гьес Мухӏамадил хӏакъалъулъ Даргъобе, эбел-инсухъе ругьел битӏана. Лъабабилеб къоялъ рачӏана эбел-эмен Мухӏамадихъе, Шалиялъул больницаялде.
Анцӏго къоялъ даруги гьабун, гьев больницаялдаса виччана, амма ругъун тӏубанго сахлъизегӏан росулъе ине тохтурзабаз изну кьечӏо — моцӏалъ чӏезе ккана Гӏалихӏажиясул бакӏалда.
Ругъун сахлъидал, Мухӏамад колхозалда хӏалтӏизе лъугьана, гьениса витӏана Гъарасуялде — вукӏана хъутаналда складалъул заведующийлъун, гьениб бана анлъгогӏанасеб лъагӏел. Хадув хӏалтӏана избачалдаги.
1957 соналда чачаназе ватӏаналде тӏадруссине ихтияр щведал, тӏукадерил цо бутӏа магӏарухъе, цогидал Хасавюрт районалъул ракьалде гочана. Мухӏамадги, эменгун цадахъ, магӏарухъе гочана (эбел Даргъойго хун йикӏана гьесул). 1958 соналда, эмен къадаралде щун хадуб, гӏумру гьабизе тӏаса бищана гӏатӏиракь — 31 соналъ хӏалтӏана тӏукадерил цӏияб росдал С. Кировасул цӏаралда бугеб колхозалда складалъул заведующийлъун. Гьениса ана мустахӏикъаб хӏалхьиялдеги.
Зама-заманалда фронтовикасул рахӏат хвезабулаан ругъназ. Гӏемер вегана гьев Грозныялъул госпиталалда, Махӏачхъалаялъул больницабазда, амма унти къотӏулеб букӏинчӏо. Къогоялдаса цӏикӏкӏун сон бана гьес тохтурзабазул хӏукмуялда рекъон квегӏаб бохалдаса ватӏалъунги.
Расулил Мухӏамад кӏодо гьавун вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тӏоцебесеб даражаялъул орденалдалъун, гӏемерал медалаздалъун ва баркалабаздалъун. Лъади Сагӏидатгун цадахъ гӏезаруна ва гӏумруялъул нухда лъуна ункъо васги кӏиго ясги: руго гьезул лъималги лъималазул лъималги.
Гьединав вукӏана дол цӏадулал къояз эбелаб Ватӏаналъул ахӏиялда рекъон черхалда ярагъ борчарав 1194 гӏахьваласул цояв — Тӏукитӏаса Расулил Мухӏамад.