(Цебесеб 6-абилеб номералда)
Жинда хӏал лъалареб бакӏалде ин гьелъги, гьейго гӏадал цогидал гӏолилазги тӏаса бищана, мугӏрузул улкаялда мугӏалимзабазде цӏакъго хӏажалъи букӏинги хӏисабалде босун.
Дагъистаналде гьеб къокъаялдаса 15 чи унев вукӏана. Гьезда гьоркьор рукӏана, гьайги малъун, лъабго ясги. Цоги-цоги бакӏаздасаги рукӏана республикаялде гьедин ритӏун рачӏунел мугӏалимзаби.
Лизаца бан букӏана 16 сон. Гьеб ригьа-лъул гӏолилазухъа бажарула хехго хӏукмаби къотӏизе, захӏматал ишазде гъорлъе хӏинкъичӏого лъугьине, жидеда лъаларелъул бигьаго хӏалбихьизе. Бищунго тавакалаб ригь буго гьеб, кӏудиял гьунаралги гьаризе рес бугеб, кӏудияб гъалатӏги ккезе хӏинкъи бугеб. Гӏумруялъул хӏалбихьиго гӏадин, хӏинкъиги, вас-васдиги, нахъе къазе нигатги букӏинчӏо гьелъул.
Риидалил къоял тӏаса камуралгӏан гӏолилалъул пикрабазулъ цӏикӏкӏун цебе бачӏунеб букӏана жиндие насибаб Дагъистан — лъалареб, бихьичӏеб, балъгояб мугӏрузул улка. Гӏицӏго тӏадаблъун гьабураб болжал Дагъистаналда тӏамизе букӏана гьелъул анищ. Цинги ракӏалда букӏана тӏадюссинеги.
Цокӏалаб, чӏамучӏаб, ругьунаб шагьаралъул гӏумруялъулъ кьучӏаб хиса-баси бокьараб тӏаса бищи, балъголъиялде тӏамулеб гали букӏана Лизал гьеб. Заман букӏана додинаб, гӏолилазе цӏилъи анищаб, лъугьа-бахъунелъулъ цебесеб бакӏ кквезе гьел гӏедерал.
Цебе букӏинесеб ва хадуб ккезесеб гьелда лъалароан, инсанасе гьединаб лъай кьун гьечӏелъул. Амма лъалаан гӏурус адабияталъул машгьурал устарзабазул асаразулъ жиндир бицунеб гӏажаибаб Кавказ. Маргьабалъ рехсолеб балъголъабазул гъамас гӏадаб, тӏабигӏат берцинаб гӏалхул ракьлъун, церетӏеялъулъ нахъа хутӏарал, лъавукълъиялъул бецӏлъукье ккарал гӏадамазул улкалъун цебечӏезабун букӏана гьелъ Дагъистан. Магӏарулал лъаялъул канлъукье рачине анищги букӏана.
Щвана тӏаде бихьизабураб болжал. Кодоб чемодангун, Елизавета Семенюк яхана поездалде. Пикрабаз кӏвекӏулаго, поездалъ кӏикӏулаго уней йикӏана гӏолохъанай мугӏалим, жий цӏализаюраб, жиндие махщел кьураб Советияб пачалихъалда цебе жиндирго налъи тӏубазе.
Киндай гьай къабул гьайилей мугӏрул гӏадамаз? Рекӏее парахалъи щвеладай Дагъистаналда? Щибдай гьалъие хъван бугеб къисматалъ? Суалал гӏемерлъулел рукӏана. Жавабал жеги рукӏинчӏо.
Гъираялда балагьулей йикӏана Лиза поездалъул гьитӏинаб гордухъан бихьулеб кӏудияб улкаялъухъ. Цӏиял бакӏал рихьулелги лъалелги рукӏана гьелда. Щвана Чачаналдеги, лъугьана Дагъистаналде жаниеги. Гӏадатияб гуреб жо гьелда поездалдасан гӏемер бихьулеб букӏинчӏо сверухълъиялда. Лъугӏел гьечӏел долго авлахъалги, маххул нухги, поезда-лъул цокӏалаб кӏутӏиги… Кибе тӏагӏараб доб гӏажаибаб мугӏрузул улка? Кида гьалда бихьулеб унго-унгояб Дагъистан?
Свакарай, макьихарай гӏадан щвана Лиза кватӏараб сардилъ Махӏачхъалаялъул вокзалалде. Цӏиял мугӏалимзабазда дандчӏвай гьениб гьабуна ва сордо базе бакӏ бихьизабуна, гьединаб тӏадкъайгун вачӏарав дагъистанияс. Шагьаралъул хӏакъалъулъ кинабгӏаги пикруго бачӏинчӏого, бугелда гӏейги гьабун, вокзалалда гӏагарлъухъго букӏараб цо минаялъуб бана сордо.
Радал бакъуца сверухълъи лъикӏго кунчӏизегӏан тӏадеги яхъинчӏо. Бусадаса яхъарайго бихьана гьелда шагьаралда цебе бугеб ралъад. Гьурмада багъана ралъдал гьогьен.
Гьенисан, Каспий ралъдал рагӏалдасан байбихьана Лизае унго-унгояб Дагъистан. Къватӏие яхъиндал ва гӏадамал рихьидал, тӏубанго щулалъана батӏияб дунялалде ккеялъул рахъалъ пикру. Батӏи-батӏиял рихьана гӏадамазул ретӏа-къай, мацӏал, ахӏвал-хӏал. Чанго къо бана тахшагьаралда. Жалго гӏадин рачӏарал, цоги мугӏалимзабиги лъана.
Гӏурус мугӏалимзабазда Дагъистаналъул просвещениялъул халкъияб комиссариаталда бицана, хъвазе-цӏализе лъангутӏиялде данде республикаялда рагъ балеб букӏиналъул ва «ликбезалъул» нухда церечӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ.
«Жагьиллъиялъул бецӏал кьурабаздаги къварилъабаздаги нур базабулел лъаялъул чӏораллъун лъугьине ккола нуж дагъистаниязе!» — ян букӏана гьалбадерие кьолеб аслияб насихӏат. «Кинаб лъаялъул чӏор дун йикӏуней, жидерго хаслъи бугеб, некӏсияб халкъалда нур базабизе? Дунгоги хӏенехӏ йиго, сонги партаялда нахъа йикӏарай…», — ан рачӏунел пикрабаз, Лиза щаклъизецин лъугьана, хӏукуматалъ цебе лъураб масъала тӏубан бажариялда.
Гӏакълу гьеб захӏмалъиялде данде ургъулеб букӏаниги, ракӏалъ гӏолилай ахӏулей йикӏана мугӏрузде, бецӏал къварилъабахъги согӏал кьурабалъги жиндирго бажариялъул хӏалбихьизе. Гьелъ тӏаса бищана бищунго захӏматаб рахъалде, магӏарухъе ин. Чанго гьалмагъги Лизаги гьебго къоялъ щвана Буйнакск шагьаралде.
Дагъистаналъул тахшагьарлъун 1921 соналде щвегӏан жиб букӏараб гьеб шагьаралда базе кколаан сордо. Гьединлъидал рес щвана, цебесеб цӏар Темир-Хан-Шура букӏараб, Буйнакскиялъухъ тӏаса-масаго балагьизе.
Махӏачхъалаялдаса гӏемерго батӏияб Дагъистаналъул цоги шагьар бихьана Лизада. Гьелъул балагьиялъукьа ва пикруялъукьа борчӏичӏо, гьениб гӏумру гьабулел гӏадамазда гъорлъ миллияб хаслъи ккурал, жидерго мацӏазда кӏалъалел, бусурбанаб диналда гӏамал гьабулел чагӏи цӏакъго гӏемерал рукӏин.
(Хадусеб букӏине буго)