Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул къоялда хурхун гьабулеб иргадулаб фестиваль букӏана араб шамат къоялъ Махӏачхъалаялда. Авартеатралъул минаялъуб тӏобитӏараб, тӏолалго магӏарулазе гӏахьалаб гьеб байрамалъ исанаги данде ракӏарана нилъер халкъалъул миллиябщинаб бокьулел.

Магӏарулазул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъ, мугӏалимзабазул ва магӏарул басмабазул ассоциацияз гӏуцӏараб гьеб тӏобитӏизе квербакъана Авартеатралъги. Санайилго гӏадин, гьениб гӏахьаллъи гьабуна магӏарул мацӏалда рахъулел газетазулгун журналазул коллективаз, басмаханабаз, жидерго кверзул махщалил къайигун рачӏун рукӏана Унсоколо, Хунзахъ районазул махщелчагӏи, магӏаруллъиялъул берцинлъи рагьулел суратал рихьизе лъун рукӏана Шамил Шангереевасул турфирмаялъ. Фестиваль тӏобитӏизе байбихьаралдаса гӏадатлъун билълъухъе, миллияб ратӏлилъ рачӏун рукӏана киналго гӏахьалчагӏи ва гӏемерисел гьалбал.

Байрамалъул майданлъун лъугьараб театралъул жанахӏалъур дандчӏвалел рукӏана, магӏарулазул байрам гӏагараблъун лъугьарал, батӏи-батӏияб миллаталъул вакилзабигицин.

Фестиваль рагьиялъул бутӏаялдаги гӏахьаллъун, Дагъистаналъул тӏалъиялъул рахъалдаса баркиялъулаб кӏалъай гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул министр Энрик Муслимовас.

Дагъистаналъул киналго миллатаз жидерго мацӏал цӏуниялъе гьабулеб хӏаракатчилъи цӏикӏкӏун кӏвар кьезе мустахӏикъаб бугин абуна байрам баркулаго Магӏарулазул автономиялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас.

Хадубккун, бакъанил заман щвезегӏан, гьитӏичал, цӏалдохъаби ва мугӏалимзаби гӏахьаллъараб жиде-жидер программа бихьизабуна «Аварал» абулеб гӏолилазул гӏуцӏиялъ ва Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул ассоциациялъ.

Фестивалалда гӏахьаллъиялъухъ баркалаги загьир гьабун, Магӏарул басмабазул ассоциациялъул рахъалдаса Мухӏамадрасул Гӏумаровас сайгъатал кьуна магӏарул мацӏалда рахъулел газетазулгун журналазул редакторзабазе.

Тӏубараб къоялъго халатбахъараб гьеб тадбиралъ жанибе бачана магӏарулазул адабияталъулгун маданияталъул хаслъи, миллияб бечелъи рагьулеб чанго батӏияб рахъ.

Араб соналъул хӏасилалги гьарун, Магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ шапакъаталгун сайгъатал кьуна миллаталъе пайдаял ишал гьарурал жамгӏиял хӏаракатчагӏазе, маданияталдагун адабияталда, тарихиябгун лъай кьеялъул бутӏаялда лъикӏаб лъалкӏ толезе (45 чиясе).

Шапакъатал щваразул мухъилъе исана ккана «Хӏакъикъат» газеталда хӏалтӏулел ункъоялги: къокъаб заманалда жаниб халкъалъе загьираб чӏаголъиялда газеталъул хӏалтӏи гӏуцӏиялъухъ — бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумаханов; гӏемерал соназ гьоркьоб къотӏичӏого «Сугъралъ» газеталъул редакторлъиялъухъ — Гӏабаш Гӏабашилов; магӏарул журналистикаялда лъолеб бутӏаялъухъ — Патӏимат Султӏанмухӏамадова; «Батӏияв вукӏине изну букӏинчӏо» тӏехьалъухъ — Патӏимат Гьитӏинова.

Магӏарулазул регионалияб автономиялъ бихьизабураб бищунго тӏадегӏанаб «Миллаталъул чӏухӏи» шапакъат исана кьуна Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиевасе, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, меценат Мухӏамад Сагӏадулаевасе, тарихалъул гӏалимчи Шагӏбан Хӏапизовасе (Маркъо Шагӏбанов).

Шапакъатал кьолеб бутӏа берцин гьабуна гьунар тӏокӏал магӏарул кочӏохъаби, кьурдул ва фольклоралъул коллективал программаялда гӏахьаллъиялъ.

Тӏубараб къоялъ халатбахъараб гьеб байрамалъе ахир лъуна «Булбулалъул кечӏ» спектаклялъ. Киназего хирияв Хӏусен Казиевас аслияб роль хӏалеб гьеб спектакль букӏана Авартеатралъ фестивалалде рачӏаразе гьабураб унго-унгояб сайгъат.