Гӏедегӏун унел рукӏана магӏарулал Авартеатралде, миллаталъул мацӏалъулги, маданияталъулги, адабияталъулги гъасда гьелегьараб цӏадул хинлъиялъухъе. Киса-кибего рагӏулеб гӏагараб каламги, кванил гьуинал махӏалги, кьабулеб къалиги, пулеб зурмаги — гьеб киналъго рекӏелъ рещтӏинабун букӏана талихӏалъул асар.
Лъицаха нилъехъа гьаб берцинлъи бахъизе бугеб, нилъецаго майилан кьечӏони? Гьеле гьединаб, гьеб къоялъ театралда гӏадаб чӏаголъи букӏуна магӏарухъ кидаго. Гьеб чӏаголъиялъулъги чӏагоял тӏугьдуллъун рукӏуна лъималги.
Каламалъул пасихӏлъиялъ пана гьаруна
Гьеб къоялъги доб гъанситухъ бищунго канал цӏадул хӏенхӏаллъун рукӏана школазул цӏалдохъаби, ясли-ахазул гьитӏичал. Байрамалдаго нур базабуна гьезул церерахъиназ.
Фестиваль байбихьилалде церегӏанго къояз, «Аварал» абулеб гӏолилазул гӏуцӏиялъ жамгӏиял гьиназда бугеб жидерго гьумералдасан лъазарун рукӏана лъималаз кучӏдул пасихӏго рекӏехъе цӏалиялъул къецал. Гьенир гӏахьаллъана лъабго ва цӏикӏкӏун сонал ругел лъимал.
Рехсарал къецазул хӏасилал гьаруна гьеб байрамалъулаб къоялъ Авартеатралда. Финалалде рорчӏарал лъимал жидерго гьунаргун фестивалалъул гӏахьалчагӏазда ва гьалбадерида цереги рахъана.
Байрамалъул гьеб бутӏа балагьаразул ракӏазе кӏудияб асар гьабиледухъ нухда бачана гӏолохъанав шагӏир Рамазан Халидовас. Миллияб парталги ретӏун, гьев цеве вачӏиндал, цебе лъураб гӏадин ккана тӏолабго магӏаруллъиго. Рорхатал мугӏрузул тӏогьазда тӏавап гьабулел пахруял ва чӏухӏарал цӏумазда релълъарал дир миллаталъул гӏолилазул тӏадегӏанлъиялдасаги борхалъиялдасаги йохизе бачӏана гьеб лахӏзаталъ. Кинха йохиларей мугӏрул ахадасан чвахун унел гӏисинал лъаразул бацӏцӏадаб ва роцӏараб чилиялда релълъун гӏолилас бицунеб магӏарул мацӏалдаса?
Гьединабго гъира-шавкъгун рикӏкӏунел рукӏана лъималазги кучӏдул.
Къецалъул хӏасилал гьарун хадур, тӏоцересел бакӏал ккуразе ва призеразе Магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул рахъалдасан кьуна сайгъаталги.
Байрамалъул хадусеб бутӏа нухда бачана республикаялъул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ ва Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул магӏарул мацӏалъул учитель Сарат Мухӏумаевалъ. Цере рахъана магӏарул районаздаса ва батӏи-батӏиял шагьараздаса учительзабазул ва цӏалдохъабазул коллективал. Цо дарс кьезе гуребги, кьурдизеги, кучӏдул рикӏкӏинеги, ахӏизеги, ролал хӏазеги жидерго бугеб махщел бихьизабуна гьез. Щибаб коллектив мустахӏикъаб букӏана тӏадегӏанаб рецц-бакъалъе. Гьединго байрамалъул гӏахьалчагӏазе музыкалияб салам кьезе рес щвана исана Хунзахъ тӏобитӏараб магӏарул мацӏалъул учительзабазул ункъабилеб руцӏцӏеналда цересел бакӏал росарал Унсоколо районалъул ва Махӏачхъала ва Каспийск шагьаразул школазул магӏарул мацӏалъул учительзабазул коллективазе.
Хадурагӏи
Дунгоги ккола магӏарул мацӏалъул дарсал кьолей учитель. Дицаги малъула цӏалдохъабазда, кучӏдул рикӏкӏунелъул тӏадчӏей гьабизе бокьараб бакӏалда, кверзул ишан гьабизе. Гьедин цо-цо рекӏел хӏал, асар загьир гьабизе ккаралги бакӏал рукӏунелъулха. Амма гӏемерисел церерахъиназулъ, кколелъурги кколарелъурги лъималаз кверал хьвагӏизари цӏекӏлъиялде сверулеб букӏана. Гьезул кверазухъ хал гьабулаго, кочӏол рагӏабазухъ гӏенеккизе регӏизе толел рукӏинчӏо. Дица лъималазде щибго гӏайиб гьабуларо. Гьезда кучӏдул пасихӏго цӏализе малъулел учительзабазде буго гьари – кочӏол тӏагӏам хвеледухъ, хьвагӏдезе тӏамуге цӏалдохъаби!