Исана февраль моцӏалъул 22-23 къояз Санкт-Петербургалда бугеб «Дагъистан» абураб цолъиялда тӏоритӏана рахьдал мацӏазул рагьарал дарсал.
Наида Гӏусмановалъул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб гьеб ишалда гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул ва Кавказалъул тӏолалгоялде гӏунтӏун миллатазул вакилзабаз.
Миллиял мацӏазул мугӏалимзабаз бицана жиде-жидер халкъалъул, гӏадат-гӏамалалъул, рукӏа-рахъиналъул. Гьединал дарсаз умумузул лъикӏабщинаб цӏуниялъе квербакъулин абуна гьенир данделъараз.
Н. Гӏусмановалъ бицана рахьдал мацӏал малъиялъул бугеб кӏваралъул, гьелдалъун миллияб маданият, тарих, адабият лъазабизе бугеб ресалъул хӏакъалъулъ.
Авар мацӏалъул мугӏалим Мухӏамад Хӏамзатовас бицана гьеб мацӏалда дарсал кьезе Санкт-Петербургалда байбихьараб куцалъул, рехсана гьенир цӏалулел рукӏарал батӏи-батӏиял миллатазул вакилзабазул цӏарал. Гьезул чангояс хъварал сочинениял рахъун рукӏана «Хӏакъикъат» газеталдаги (21.02. 2020. № 7).
Сочинениял хъван рукӏана «Магӏарул мацӏ лъазабизе щай дида ракӏалде ккараб?» абураб темаялда тӏасан.
Гьениб авар мацӏ лъазабулев Мексикаялдаса Ахӏмад Гонсалесица рекӏехъе цӏалана Расул Хӏамзатовасул «Къункъраби» кечӏ. Магӏарул мацӏ лъазабулезул цояй, Марияца цӏалана Расул Хӏамзатовасул «Эбел» абураб кечӏ. Данделъаразе рекӏее гӏуна яцал Гюльшан ва Вера Санаялги церерахъин.
Дандеруссиналда бицана «Дагъистан» цолъи гӏуцӏарав Гӏисахӏажи Гӏусмановас чӏезарун ругел шартӏазулги.
Ахиралда, ретӏун чухъагун, рачлихъ бан ханжаргун цеве вахъарав гьитӏинав гӏахьалчи, Чӏиркъатӏаса Мухӏамад Гӏумаровас цӏалана «Малъе, эбел, рахьдал мацӏ» абураб кечӏ.