Болъихъ районалъул Гъагъалъ росулъа А. Сагӏитбеговас цӏехолеб буго: «Дун ккола, гьоркьоб заман биччачӏого, 42 соналъ школалда учительлъун хӏалтӏарав чи, РФялъул мустахӏикъав учитель. Дир пенсиялде тӏаде, гьеб стажалда ва цӏаралда рекъон, бачӏунеб гӏарац букӏунищ?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул комитеталъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:
— Гьоркьоб заман биччачӏого 20 яги 25 соналъ хӏалтӏарав учителасе пенсия цӏикӏкӏинабизе ккола. Гьеб стажалда гьоркьобе уна декретнияб отпускги армиялда ва сакъатав чиясда хадуб хъулухъ гьабураб заманги. Амма пенсия, цӏикӏкӏинабуларо. Пенсионерасе кьола пенсиялъулаб лъабго балл. 2020 соналда цо баллалъул багьа бахинабуна 93 гъурщиде, лъабго баллалъул хӏисаб гьабун, 279 гъурущ!
Кигӏан бокьичӏониги абила, «РФялъул мустахӏикъав учитель» абураб цӏаралъухъ пенсиялде тӏаде бачӏунеб гӏарац букӏунаро. Амма 35 сонил стаж бугел руччабазулги 40 сонил стаж бугел бихьиназулги рес букӏуна, «РФялъул мустахӏикъав учитель» абураб цӏаралдаса пайдаги босун, «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏар тӏалаб гьабизе. Гьеб цӏар бугел чагӏазе рукӏуна саламатал бигьалъаби.
«Боцӏуда бруцеллез ва цогидал рахунел унтаби ругищали лъазе, ихдал гуреб, хаслихъе бахъизе кколин бийилан абулеб рагӏана. Щайгурелъулила, ихдал боцӏи букӏунила хӏалакъго. Гьеб суалалда бан, экспертазул пикру лъазе бокьилаан».
Гьаб суалалъе жаваб кьуна Шамил районалъул ветеринарияб управлениялъул эпизотолог Мухӏамад Гӏумаровас:
— Рахунел унтаби ругищали лъазе боцӏудаса би бахъизе бегьула бокьараб заманалда. Ихдал би бахъиялъе бугеб гӏилла ккола гьеб гӏужалъ боцӏи хӏалакъго букӏин, гьединлъидал, би бахъулаго бетӏергьанчиясе бигьаяб букӏуна хӏайван ккун чӏезабизе. Нижер районалда, хасаб планалда рекъон, боцӏудаса би бахъула январь-февраль-март моцӏазда, ай боцӏи магӏер-гӏалахалде иналде.
Гьал суалазе жавабал кьуна адвокат Шехмухӏамад Гъазимухӏамадовас:
Гъизляр шагьаралда гӏумру гьабун йигей Мухӏамадова Муслиматица цӏехолеб буго: «Токалъул налъи гьечӏин абураб справка бихьичӏого, коммуналияб гӏарац кьолеб гьечӏо. Гьеб кколарищ закон хвезаби?»
— РФялъул Пачалихъияб Думаялъ тӏоцебесеб цӏалиялда къабул гьабураб законалъул проекталда рекъон, тӏокӏалъ ракӏаризе кколаро коммуналияб бигьалъи щвеялъул мурадалда налъи гьечӏин абурал справкаби. Налъилъун рикӏкӏине буго коммунальщиказ гьеб судалда хӏужабаздалъун чӏезабуни. Судалъул хӏукму гьечӏищ, мун киназдаго цеве вацӏцӏадав чи ккола.
Гьеб законалъул проекталъул рахъ ккуна Пачалихъияб Думаялъул 403 депутатас. Законопроекталъул кӏиабилеб ва лъабабилеб цӏали букӏине буго марталда, жибго закон хӏалтӏизе буго 2020 соналъул апрелалдаса байбихьун.
«Лъикӏаб пенсия бачӏине ккани, стажалъе чан сон гӏезе кколеб бихьиназе ва руччабазе?»
— Законалда рекъон, 2020 соналда херлъиялда бан кьолеб страховияб пенсия чӏезабиялъе къваригӏуна 11 сонил захӏматалъулаб стаж. Пенсиялъул цӏияб реформа къабул гьабиялда бан, 2021 соналда гьелъие къваригӏине буго 12 сонил стаж, 2022 соналда – 13, 2023 соналда – 14 ва 2024 соналда – 15 сонил стаж. Захӏматал хӏалтӏабазда ругел чагӏазе гьеб рахъалъ саламатаб бигьалъиги букӏуна.
Пенсия чӏезабулаго хӏисабалде босула гӏаммаб стаж, амма захӏматалъул стаж цӏикӏкӏараб бугин абун, пенсия цӏикӏкӏинабуларо.
«Дир буго щуго лъимер ва нижер хъизамалъул буго ункъогун бащдаб сотих ракьул бутӏа. Минаялда цебеги буго кколелдаса лъабго сотихалъ цӏикӏкӏараб гӏатӏилъиялъул ракъ. Дир ихтияр бугищ гьел участкаби чӏорого росизе?»
— 2017 соналъул 19 декабралда бахъараб «ДРялъул ракьул хӏакъалъулъ» абулеб законалъул №9 статьяялъул кӏиабилеб бутӏаялда хъван буго, лъабго ва цӏикӏкӏун лъимер бугел гражданазул ихтияр бугин чӏобого ракьул участкаби росизеян абун. Амма чӏезабизе ккола мина-рукъалъул шартӏал лъикӏлъизариялде ккараб хӏал букӏин, хадуб хъвай-хъвагӏай гьабизе ккола гьединал хъизамазе гӏуцӏараб муниципалияб иргаялда.
РФялъул щибаб субъекталъ чӏезабула гӏемерал лъимал ругеб хъизамалъе чӏобого кьолеб ракьул бутӏаялъул гӏатӏилъи. Гьеб бараб букӏуна гьединаб хъизамалъ гӏумру гьабун бугеб муниципалитеталъул ресалда. Гьелдаго бараб букӏуна ракьул бутӏаялъул бакӏалда кьолеб гӏарцул компенсациялъул роценги.
Къваригӏунел документал:
• Ракь кьеян абун хъвараб гӏарза;
• Хъизамалъул щивав чиясул документал (паспортал, лъимал гьариялъул хӏакъалъулъ свидетельстваби);
• Лъимал гӏемераб хъизамалъе ракьул бутӏа чӏобого босизе ихтияр бугин абурал документал (социалияб рахъалъ цӏуниялъул идараялдаса босараб лъимал гӏемераб хъизамалъул статусалъул хӏакъалъулъ справка, квартира щвеялъе иргаялда рукӏиналъул хӏакъалъулъ справка);
• Ракьул бутӏа бугеб бакӏалъул схема.