26 февралалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана «Справедливая Россия» партиялъул республикаялда ругел вакилзабазул гӏахьаллъигун пресс-конференция.
Гьеб партиялъул ДРялъул Халкъияб Собраниялда бугеб фракциялъул нухмалъулев Камил Давдиевасул рагӏабазда рекъон, гьезул бищун тӏоцебесеб тӏалаб ккола 2018 соналда улкаялда къабул гьабураб пенсиязул реформаялдаса инкар гьаби.
«Байбихьудаго ниж гьеб реформаялде дандечӏун рукӏана. Амма Пачалихъалъул Думаялда нижер ахӏухъ гӏенеккулел чагӏи къанагӏат рукӏана ва «Единая Россия» партиялъул вакилзабаз рахъги ккун, гьеб къабулги гьабуна.
Гьанже улкаялъул Конституциялда хиса-басиял гьаризе президентас кьураб ресалдаса пайдаги босун, нижеца тӏалаб гьабулеб буго халкъалъе данде кколареб гьеб реформа тӏубанго нахъчӏвайилан», — абун бицана Давдиевас.
«Справедливороссаз» тӏалаб гьабулеб буго хӏалтӏулел ва хӏалтӏуларел пенсионеразе кьолеб гӏарац цӏикӏкӏинабиги. Гьеб суал президентас борхана Федералияб Собраниялде гьабураб хитӏабалдаги.
«Путиница абулеб буго щибаб соналъ цӏикӏкӏинабизегӏан течӏого, лъагӏалида жаниб цо чанго нухалда цӏикӏкӏинабейин пенсионеразе кьолеб гӏарцул къадарилан. Гьеб буго цебеги Пачалихъияб Думаялда чанцӏулго борхараб суал, амма гьелъул рахъккун букӏинчӏо. Гьанже президентас жинцаго цебе лъуна гьеб масъала», — ян абуна Камил Давдиевас.
«Справедливая Россия» партиялъул вакилзабаз тӏалаб гьабулеб буго лъай кьеялъе ва сахлъи цӏуниялъе бюджеталдаса биччалеб гӏарац анкьго проценталдаса дагьаб букӏунгутӏиги.
«Халкъалъул сахлъи цӏуниялде кӏудияб кӏвар кьезе бугинги абун, хӏукуматалъ хӏисабалде босулеб гьечӏо гьелъие биччалеб сурсаталъул гӏей-гӏунгутӏиялъул суал. Халкъ сахго букӏине ккани, гьелда тӏад харж гьабулеб гӏарацги мукъсанаб букӏине бегьуларо. Халкъалъе лъикӏаб лъайги, чӏобого гьабулеб медицинаялъулаб кумекги букӏине кколин ахӏи бала нижеца. Амма гьеб кӏиябго бутӏаялда хурхун къабул гьабураб кӏиго реформа букӏана сахлъи цӏуниялъулги лъай кьеялъулги иш кӏалагъоркье чӏвазабизе ургъараб. Гьеб ахӏвал-хӏал хисизабизе къваригӏун буго чара гьечӏого», — ян абуна К. Давдиевас.
Эбелалъул капитал гӏолохъанал эбел-инсухъе бигьаго щолеб къагӏида ургъизеги къваригӏун буго «справедливороссазе».
«Лъабго соналъ гьеб щвеялъухъ ралагьун чӏезаричӏого, тӏоцебесеб ва кӏиабилеб лъимер гьабурабго, гьеб гӏарац эбел-инсуе къваригӏараб бакӏалде хӏалтӏизабизе щай кьолареб? Масала, мина баялъе батаниги, лъимералъе хӏажатаб цогидалъе батаниги, гӏарац тӏоцебесеб соналъго кьезе ккола хӏалтӏизабизе», — илан абуна гьес.
Байбихьул классазда цӏалулел школлъималазе хинаб къадеквен кьезе букӏиналъул хӏакъалъулъ президентас жиндирго хитӏабалда бицараб пикруги жидер партиялъул тӏалаб букӏанин тӏаде жубана Давдиевас.
Гьес бицаралъул хӏисаб гьабуни, ахирисеб хитӏабалда Владимир Путиница рорханщинал суалал кколел руго «Справедливая Россиялъул» гъасда рижарал пикраби.