Ахир пашманлъулел пирамидаби

Гьал къоязда социалиял гьиназда ва Вотсапалда тӏибитӏун буго бигьаго гӏарац щолеб пуланаб хӏай. «Чӏегӏераб касса» яги «Гӏаммаб хьаг» абун цӏарал лъураб хӏай гӏуцӏун буго пирамидаялъул къагӏидаялда. Хӏаялъулъ гӏахьаллъизе бокьараз пуланав чиясул банкалъулаб картаялде рехула 2400 гъурущ. Бигьаго гӏарац щвезе бокьарас валагьизе ккола живго гӏадин хӏаялда гӏахьаллъизе бокьарав чанго чи. Къокъабго заманалда жаниб 2400 гъурщил бакӏалда микьго нухалъ цӏикӏкӏун (19200 гъурущ) тӏадбуссинабулин рагӏи кьолеб буго гьеб хӏай гӏуцӏараз. Цӏиял гӏахьалчагӏи ралагьизе кӏвечӏони, 2400 гъурущ кьурав хутӏулев вуго хьул лъураб 19200 гъурущги щвечӏого. Жинцаго кьураб гӏарацгицин тӏадбуссинабизе гьесул рес букӏунаро.

Хӏаялда щиб цӏар лъуниги, пирамидаялъул гӏадабго ахир кколин гьелъулилан хъвалеб буго Инстаграмалда бугеб жиндирго блогалда предприниматель Мурад Алискеровас. Тӏад буссине рес гьечӏеб бакӏалде гӏарац кьечӏого цӏодорго рукӏайин лъазабулеб буго гьес гӏадамазда.

Гьев предпринимателасде гӏайибазул «гъегъги» балеб буго хӏаялъул гӏахьалчагӏаз. «Гӏадамал махсараде кколеб пирамида бугин гьебилан дуца хъвайдал, хӏаялда гӏахьаллъизе бокьаразцин инкар гьабулеб буго. Гьелдалъун хӏаялда гӏахьаллъулел гӏарацги щвечӏого хутӏулел руго», — ян хъвалелги камулел гьечӏо.

Хӏиллачилъиялъухъ тамихӏ

Гьеб хӏаялда гӏахьаллъаразул гӏемерисел рохунги гьечӏо. Хасго росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазда гьоркьоб дагӏба-рагӏи кколеб буго. Цӏиял гӏахьалчагӏи ралагьизе бажаричӏолъиялъ, цебеккун картаялде гӏарац рехаразулгун лъикӏаб гуреб хабарги кколеб буго.

Пирамида хӏисабалда гӏуцӏарал гьединал жалазул кумекалдалъун Россиялда гӏадамал гуккиялъул мисалал цереги гӏемер рукӏана. Гьезда гьоркьоб дунялалдаго машгьурлъараб ва 15 миллион чи гуккараб «МММ» абураб финансовияб пирамидаги жеги кӏочон батиларо халкъалда. С. Мавродица ургъараб хӏай сабаблъун 50 чи живго жинцаго чӏваялъул хӏужабиги ккун рукӏана. Дагъистаналдаги чанго уголовнияб дело гьабун букӏана гьеб сабаблъун.

Гьанжейин абуни, хехго бечелъулеб къагӏида ургъи гуребги, «пирамида» гӏуцӏарал хадур гъун руго уголовнияб тамихӏалдаса жалго цӏуниялъул рахъалдеги. Гӏадада гуро щивас сбербанкалъул картаялде рехизе бегьулеб гӏарцул къадарги 2400 гъурущ тӏаса бищун бугеб. 2500 гъурщидаса дагьаб къадаралда гӏарац бикъарасе яги махсараде ккурасе, законалда рекъон, уголовнияб тамихӏ гьабуларо. Гӏемерисеб мехалда гӏицӏго административияб тамихӏалде цӏан тола.

Лъазе ккола 1000-2500 гъурущ бикъарасда гӏакӏа къотӏулеблъи яги 10-15 сордо-къоялъ туснахъ гьавулеблъи. Чанго нухалда гьединабго цӏогь яги хӏилла-рекӏкӏ такрар гьабурал уголовнияб тамихӏалде цӏазеги рес буго. Гьединал хӏужабийин абуни цӏакъ къанагӏат гурони кколаро. Захӏмат бихьичӏого щолеб гӏарцуде хьул лъураз гьелъулги хӏисаб гьабун батиларищха.

Мунагьалде цӏала бигьаял гъурщаз

Казахстаналда ургъарабин абулеб гьеб хӏай ахираб заманалда нилъер улкаялъулги гӏемерисел субъектазда тӏибитӏун буго. «Чӏегӏераб касса» хӏаялъул хӏасил ахиралде щведал гӏарзахъдулел чагӏиги гӏезегӏан рукӏине ругин рикӏкӏунеб буго юристаз. Хӏаялъул гӏахьалчагӏи дагьлъидал, финансазул пирамидаго гӏадин, гьелъул хӏалтӏиги биххичӏого букӏинаро. Гьединлъидал, хӏаялъул ахиралда гӏарац кьуразда бичӏчӏизе буго жал махсароде ккураллъи.

Щибго къо бихьичӏого бечелъизе бокьаразул рахъалъ щибха абулеб исламияб диналъ? Масала, свалат-салам лъеяв Мухӏамад аварагасул хӏадисалда буго нагӏана бугин рибаялъул гӏарац кванаразеги, рибачиясеги, гьеб босулелъул нугӏлъи гьабулезегиян абун. Хирияб Къуръаналдаги буго (магӏна): «Аллагьас рибачилъиялдалъун щвараб хайиралда баракат лъоларо, риба гьабун щвараб буголъиги тӏагӏинабула, жиндирго буголъиялдаса садакъаде кьураб жо жеги цӏикӏкӏинеги гьабула», — ян («Бакъара» сурат, 275 аят).

Тӏадехун рехсараб хӏаялъул къагӏидаги рибалъун кколеб буго.

«Гӏаммаб хьаг» яги «Чӏегӏераб касса» хӏаялъулъ гӏахьаллъулезда чияр гъин кваналел ругин жалилан ракӏалде кколебго батиларо. Амма кида-къадги жаваб кьезе ккезе букӏин кӏоченеги бегьиларо.