Гьал къоязда нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чӏвари гьабуна рак унтиялда къуркьизайизе кӏвечӏей, гӏумруялъулги гӏадамазулги къимат гьабизе лъалей, букӏинеселде хьулгун балагьулей Жарият Гӏалиевалъулгун. Гьелъ бицана захӏматаб унтигун жакъа къеркьолей йигеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ.

— Жарият дулъ рак унти кин тӏатараб, гьелъ кинаб асар гьабураб ва гьелдаса хадуб кин хисараб дур гӏумру?

— Рак унтиялъ хвана дир лъикӏай гьудул, гӏагарай яс… Черхалъул цониги унтулеб лага яги санагӏат хвезабулеб бакӏ букӏинчӏониги, рак унти бугодай дирилан абун, щаклъи ккана. Халгьабидал, кереналда бугоан гьитӏинабго буцӏен. Тохтурзабаз абуна гьеб онкология бугин ва кӏванагӏан хехго операция гьабизе кколин. Ботӏродаса гъоркье цӏорораб лъим тӏураб гӏадаб асар гьабуна дие кьогӏаб хӏакъикъаталъ, бокьун букӏинчӏо гьелда божизего. Ростовалъул онкоцентралда операция, хадуб Махӏачхъалаялда онкоцентралда радиологиялъул ва химиотерапиялъул процедураби гьаруна. Гьеб согӏаб дару-дарманалдаса хадуб цеве вукӏарав гӏадин чи лъугьунаро. Гьайгьай, гьез дир черх цӏакъ загӏиплъизабуна, иш рагӏалде бакӏарулеб бугилан ккун, дица дунялалъулгун къо-лъикӏ гьабулеб букӏана.

— Абулаха, химиотерапиялъ хвел гӏагар гьабулин…

— Битӏараб буго, тохтурзабаз жидецагоги абула, химиотерапиялъ черхалъул сахал клеткабиги чӏвалилан. Химиотерапиялъ хехго хвезавула чорхолъ ракалъул унти бессарав чи. Амма, лъелъ гъанкъулев чияс гьава балагьулеб гӏадин, ракалъ унтарасги тохтурас малъанщинаб гьабула: багьаял дараби хӏалтӏизарула, процедурабазде хьвадула…

— Унтун йикӏин лъайдал, щиб дуе бищунго захӏмалъараб?

— Гӏага-божараз, лъалел-хъвалез дида абулел гурхӏелалъул рагӏабаз лъикӏаб асар гьабулароан.

Лъиданиги лъалароан дие операция гьабураблъи, киназго абулаан дир гьурмал кьер тӏун бугин. Унтуе нагӏанаги кьун, къеркьечӏони, ракалъ чи хехго рехула. Аллагьас дие къуват кьуна, зар букъун, унтиялде дандечӏезе ва гьебгун къеркьезе, квербакъана умумулъанго чорхолъ батараб къвакӏиялъги. Алхӏамдулиллагь, гьеб унтиялъ дун лъадарана ва жеги къуватайлъун лъугьинаюна.

— Лъиде хитӏаб гьабураб байбихьудаго?

— Лъалел чагӏаз малъун, саламатал харжалги гьарун, дица тӏоцебе бухьен гьабуна халкъияб къагӏидаялда рак унтиялдаса сахгьарулел чагӏазулгун. Жидеца мун тӏуян сах гьаюлин рагӏиги кьун, гьез дида гьекъезаруна батӏи-батӏиял кьеразулгун махӏазул лъамалъаби, черхалда тӏад рахана мазал… Киналго унтаразе гьезул рукӏана цого «дараби». Гьез хӏисабалде босуларо щивасул черхги унтиги батӏи-батӏияб букӏин. Хӏасил, гӏадада ана лъагӏелгун бащдаб заман, байбихьана чорхолъ рак тӏибитӏизе (метастазы). Рак унтиялъ кӏвекӏулел чагӏазда дица малъила, кӏал хъахӏал харбазда ва сах гьаризе ругин кьолел рагӏабазда божун, вореха, нуж гьел «тохтурзабахъе» унге.

Щибаб унти сахгьабиялъе Аллагьас инсанасе кьун буго даруяб чӏахӏ-хер. Интернетги рагьун, дица балагьана, гьединго исламияб медицинаялдаса лъазабуна дида данде кколел рак къинабулел чӏахӏал, гьениб малъухъе хӏадурана лъамалъаби ва гьез дие кӏудияб пайдаги гьабуна.

Жидеца рак унти сах гьабулин абулел «тохтурзаби» ккола, чиясул талихӏ къиналдаса пайдаги босун, жидеего гӏарац гьабулел хӏарамзадаби. Унтарасда лъаларо гьез кьолел лъамалъаби сундул хӏадурарал ругелали, сахлъиялъе гьезул пайдайищ яги заралищ цӏикӏкӏараб бугебали.

— Дуца абулеб бугоха, ругьунаб медицинаялде хитӏаб гьабизе кколилан.

— Тӏад калам гьечӏого гьабизе ккола ракӏчӏарав тохтурас малъараб. Гьеб гуребги, хисизабизе ккола гӏумру гьабулеб къагӏидаги. Жиндаго ракӏбухӏи, лъалездеги лъаларездеги гӏарзал гьари ккола гӏамал-хасият загӏипав чиясул пиша ва рак унти чорхолъ тӏибитӏиялъе квербакъи.

Цохӏо нухалъ, ай тӏоцебе рак унти бугин бициндал, магӏу кквезе кӏвечӏо дида. Москваялда дида абуна, гьуърузде метастаза кьун бугин, гӏумру гьабизе дие лъабго моцӏ хутӏун бугилан. Хадур гьарурал цӏех-рехаз бихьизабуна гьеб метастаза гуреб, радиология-облучение гьабулаго, чӏоразул къуват цӏикӏкӏинабиялъ гьуърузда жанир лъугьарал фибромал рукӏин.

Москваялдаса тӏадюссиндал, дирго гӏадаб унти бугей мадугьалалъ дун тӏамуна ункъо-щуго моцӏалъ цӏел цӏияб рахь гьекъезе ва радал яхъиндалги къаси егилалдеги прополис чӏамизе. Гьелдаса нахъе дида эркенго хӏухьел цӏазе кӏвана, хӏехьезе кӏолареб унти сасана, лъим гьекъезе бигьалъана.

Дица тохтурзабаз малъанщинаб гьабулаан, амма гьез хъварал дараби хӏалтӏизаричӏо. Я районалда, я Махӏачхъалаялда, яги Москваялда ругел онкологазухъа бажаричӏо дир гьуърузул унтиялъул диагноз чӏезабун. Гьединлъидал унтарасда дица малъила, цо аппараталъ бихьизабуралда ва цо онкологас чӏезабураб диагнозалда хӏукму къотӏун чӏогеян. Унтул цӏех-рех гьабизе ккола цо чанго аппараталда ва лъабго-ункъониги лъикӏав тохтурасухъеги щун.

— Унтарасул гӏумру гьабиги къойил тартибги кинаб букӏине кколеб?

— Аслиял тӏалабал ккола: макьидалъун черх хьезаби, кванил батӏалъиялда ва низамалда тӏадчӏей гьаби, тӏабигӏаталъулгун щулияб гьудуллъи кквей. Масала, химиотерапия ккола черхалъе захӏматаб процедура. Гьелдаса хадуб унтарал палатаялъур регун чӏола, дун абуни, цӏорораб хасалоги, бацӏцӏадаб гьаваги цӏалаго, тӏабигӏаталъул сихӏкъотӏиялъухъ ва чвахулеб лъел сасалъухъ гӏенеккизе рохьоб бугеб гӏурул рагӏалда кӏусизе унаан.

Тохтурас малъана дида накӏкӏирохьилгун гьудуллъи гьабизе, даруял чӏахӏазул чай, накӏкӏитӏамахалъул лъим гьекъезе ва, гьацӏулъги жубан, накӏкӏигъотӏол хӏур хӏалтӏизабизе кколин абун. Хӏаллъана рохьое, гьеб киналъго черхалъе лъугьинабуна дун разияб мадар. Щибаб соналъ кибалиго бугеб санаториялъе 70-90 азарго гъурущ кьезегӏан, унтаразе рес буго нилъер рохьазда чӏорого сахлъизе.

— Тохтурзабаз хъварал дараби дуца хӏалтӏизаричӏого теялъе гӏилла щиб?

— Гьел ккола цӏакъ къуватал дараби, гьез дир бетӏер хӏехьезе кӏолареб хӏалалда унтизабула, гьединлъидал дица гьездаса тӏубанго инкар гьабуна. Гьездехун божилъи гьечӏо дир. Ният гьабуна, тӏабигӏиял дарабазул кумекалдалъун, рак унти дицаго сахгьабизе.

Гьайгьай, цӏакъго кӏудияб талихӏ ккола гьеб унти сахгьабун бажарулев тохтур щвей.

— Гьеб унти ккеялъе аслияб гӏиллалъун щиб дуца рикӏкӏунеб?

— Лъимерлъудасаго дир черхги сахлъиги загӏипаб букӏана, ахирал соназда дир хӏалтӏи цӏакъго цӏикӏкӏана, гьелъ макьуялъул гӏадлуги хвана. Гьеб киналъулго хӏасилалда дагьлъана черхалъул унтиялда дандечӏей (иммунитет) ва тӏатана рак унти. Гьедин бугониги, ракалъе операция гьабун хадуб, дица кӏиго нухалъ хӏеж борхана. Аллагьасул кумекалдалъун, гьениса юссиндал, дун цӏидасан гьаюрай гӏадин лъугьана.

— Гьаб захӏматаб заманалда унтуе кинаб цӏуна-къай гьабулеб дуца?

— Унтуе цӏуна-къай гьабичӏого, нервабазда хӏал гьабуни яги хӏалтӏи гӏемерлъани, берал рагьизе кӏолареб хӏалалда гӏодой ккола. Бищунго захӏмалъула телефоналъ кӏалъазе.

— Рак нахъе къазабун кин бажарараб?

— Рак нахъе къалеб унти кколаро, мадар лъугьанин абун, гӏодоре риччан чӏезеги бегьуларо. Унтарав кидаго вукӏине ккола жиндирго чорхол сахлъиялъул хъаравуллъуда ва унтигун къеркьезе хӏадурго. Ракалъе цо нухалъ операция гьабизе бегьула, нахъеги гьеб тӏатин рикӏкӏуна ахиралъул байбихьилъун.

— Рак унтиялъ кӏвекӏулесе кинаб гӏакълу кьелеб?

— Нилъер тӏолабго гара-чӏвари рикӏкӏине бегьула дир малъа-хъвайлъун ва кьолеб гӏакълулъун. Эркенаб заманалда дун гӏенеккула Къуръаналъул аятазухъ, бокьула дагьал чагӏи данделъараб бакӏалда умумузул бакъаналда ахӏулеб кечӏ ва кьурди. Жигар бахъула нилъер рухӏалъеги хӏалалъеги бокьулеб бакӏалде щвезе, хасго тӏабигӏаталда хӏухьбахъизе. Къварилъи-зарал ккараб, хвел-хоб тӏобитӏулеб бакӏалде ани, анкьалъги яхъине кӏоларо дида. Рак унти метер-сезе сахгьабилин абун, нахъе тӏамун тезе бегьуларо, тани, гьелъ, цӏадуца хӏе гӏадин, унтарав виинавула.

— Цӏех-рехазул идараялъги мун ахӏун йикӏанилан бицана…

— Ичӏго соналъ ракалъ унтаразул сияхӏалда йигей дир хӏал-хӏукму цӏехезе дихъе цониги нухалъ онколог щвечӏо, гьес дун жиндихъегоги ахӏичӏо. Следователасин абуни, дун кӏиго нухалъ ахӏана Махӏачхъалаялда бугеб кинабалиго жалго бетӏергьанал чагӏазул реабилитациялъул централда, хӏукуматалъул гӏемераб гӏарацги хвезабун, дун сах гьайизе тадбирал гьарун рукӏанищилан цӏехезе. Гьелдасан дида бичӏчӏана, гӏадамазул талихӏкъараб хӏалалдаса пайдаги босун, гьединал центраз хӏукумат бечӏчӏулеб букӏин.