Богатыревкаялда «Хӏакъикъат» газета хъваялъул хӏакъалъулъ бицине бокьун буго. Гьаб макъала хъвалалде цевеги дун щвана почтальоналде аскӏове, гьикъана чан чияс газета хъван бугебилан. Гьелъ кьураб жаваб рагӏидал, расги лъикӏаб хӏалги лъугьинчӏо.

Богатыревкаялда гӏумру гьабун ругезул гӏемерисел ккола магӏарулал. 600-700 цӏараки бугеб гьеб росулъ хъван буго 9 газета. 2019 соналда хъван букӏун буго 6-яс.

Газеталдасанги радио-телевидениялдасанги чӏечӏого бицунеб буго гӏолеб гӏелалда рахьдал мацӏ кӏочонеб букӏиналъул хӏакъалъулъ. Кинха гьеб цӏунизе кӏвелеб рахьдал мацӏалда къватӏибе биччалеб газеталдехунцин гьединаб гурони бербалагьи гьечӏеб мехалда. Школаздаги дагь гьарулел руго рахьдал мацӏалъул сагӏтал. Гьабсагӏатги гьечӏо школазда цо чӏараб хӏалтӏулеб форма, хисулебго хисулеб буго лъай кьеялъул программа. Гӏатӏиракьалде вачӏарав цо-цо магӏаруласги абулеб буго гьанже мацӏ хӏажат гьечӏин. Гьединав чиясул лъималазулги букӏинищха магӏарул мацӏалде ва газеталде рокьи. Гьадинаб ахӏвал-хӏалалде ккедал чара гьечӏого хӏажат буго щивав магӏаруласул рокъоб «Хӏакъикъат» букӏине. Цӏакъ бегьулареб хӏалалда чучлъизе тун буго подписка гьабиялъул рахъ. Рагъда хадусел соназ, пенсияги, пособиеги, харжалги щолареб заманалда хъвазе кколаан заемал, кьезе кколаан налогал. Жакъа гьеб рахъалъ щибго къварилъи гьечӏеб заманалда, подписка дагьлъиялъул гӏайиб лъиде рехелебалиги лъаларо. Амма дун колхозалъул бухгалтерлъун хӏалтӏулеб заманалда, 1962 соналда, Лъаратӏа 300 чиясул подписка гьабураб сияхӏги босун индал, гьеб дагь бугинги абун, тӏадеги 200 чиясда гьабизе тӏамулеб букӏана гьеб иш тӏадай хӏакималъ. Гьелъ абухъе гьабизе инкар гьабурав дун дагьалъ хутӏана хӏалтӏудаса махӏрум гьавизеги. Гӏакълу бугев чиясда бичӏчӏизе ккеларищ, гьасги досги тӏамичӏониги, лъималазда мацӏги, тарихги, умумузул магӏишатги лъазе газета хъвазе кколеблъи? Щибго къварилъи гьечӏо, ресги буго, камун буго бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи. Декабрь моцӏалда росдал имам вукӏана щибаб рукъалъул рагьтӏеги вачӏун «Ас-салам» газета хъвазе хӏаракат бахъулев. Багъарараб хӏатӏида хӏарщ рекӏинчӏого букӏунарелъул, «Ас-саламалъул» къадарги 80-ялде бахун буго. Дицаги хъвала «Ас-салам», дун гьелда данде чӏарав чиги гуро, мисалалъе бачунеб буго цогидазда лъан букӏине.

Советияб заманалда почтальонал рукӏунаан сумкаги гъажалда бан росулъа росулъе хьвадун газетал рикьулел. Богатыревкаялда, мажгиталда аскӏобго буго почта ва щибаб рузман къоялъ гьенивеги ун газета босизе ресги буго.

Телефоналдаса ва телевизоралдаса пайда босизе кӏоларел гӏадамазе рекӏелгъеялъе бугеб жо буго магӏарул газета. Дие бокьула рагӏикъотӏ цӏезеги. Щвалде щун цӏезабизе ккани, ваккизе ккола гӏемерал тӏахьазде, журналазде, картаялде. Гьеб гурищ дун гӏадав хӏалтӏи гьечӏев херав чиясе рекӏелгъеялъе бугеб жо. Ахираб заманалдайин абуни гӏемер рахъулел руго церехун нилъер хъвадарухъабаз тӏахьазда, журналазда рахъарал жал. Россиялъул централиял газетазда рукӏуна интересал макъалаби, таржамаги гьабун гьединал харбал рахъани лъикӏаб букӏинаанин ккола дида.

Нилъер республикаялдаса 200-ялде гӏагарун чиновник рагӏула жанив лъун. Щиб сабаблъун гьел жанир лъуралали щай хъвалареб?

Гьанже хъвалеб буго «Хӏакъикъат» газеталъул цӏар хисизе бугин, гьеб абизе захӏмалъулеб бугилан абураб багьанаги батун. Хисизе кколеб батани, дир пикруяда рекъон, лъикӏаб букӏинаан «Тарих» абун лъезе.

Хӏаким цӏияв тӏамуни, хӏалтӏиги цӏилъулин абула, гьелъги батила газеталда хиса-басиял руго. Масала, тӏадбуссана «Бахьикъос», гьебги жеги интересаблъун гьабизе бегьилаан. Палхӏасил, гьадинал пикраби загьир гьаруна, гӏала-гъважа батани, тӏасаги лъугьа.