Чӏиркъатӏа росулъа Хӏадисов Мухӏамад вуго хӏикматав инсан. Гӏумруялъул кӏудияб ригьалде вахун вугониги, гӏадан бахилаб рекӏел цӏодорлъиги буго гьесул. Чӏиркъатӏа кканщинал лъугьа-бахъиналги лъала гьесда. Росдал тарихалъе материал бакӏарулаго, гьесдасан гӏемераб кумекги щвана дие. Гӏажаиблъизе ккараб жо, росулъ ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ мухӏканго бицуна къо, моцӏ ва сон.
Мухӏамад гьавуна 1938 соналда. Рагъда хадусел соназ цӏалул ургъел гьабизе регӏулароан хинкӏил ургъел гьабизе ккеялъ ва Мухӏамадица бицуна цӏали гӏемер лъикӏ букӏинчӏин жиндирилан. Бищун захӏматаб гӏелму букӏанила математика. Дол соназ экзаменал кьун гурони тӏасияб классалде рахъунароан. Гьес тамашалъи гьабун бицуна классалда вукӏарав отличникасе гӏурус мацӏалъул экзаменалъе 3 къимат гурони щвечӏеб мехалъ, жиндие 5 къимат щванин. Эбел хвараб соналъ дунял рихун, пикрабазда вукӏунаанила жив ва гьеб соналъ 6 классалда гъоркь хутӏанила.
Колхозалъул боцӏуе вехьлъиги гьабуна гьес, ахил хъаравуллъиги гьабуна, щиб малъаниги инкарги гьабичӏо. Гьениса щолеб жоги цӏакъ мукъсанаб букӏанила, цӏакъаб хӏалтӏи гьабунила колхозал хвезариянги бицуна Мухӏамадица.
Гьаб дур рекӏел цӏодорлъи кида загьирлъарабилан гьикъидал, гьес абуна 1957 соналда лъади ячун хадуб тӏатанила цогидазулъ гьечӏеб гьеб пагьму. Гьесул хӏакъалъулъ хъвазе цебегоялдаса нахъе пикру букӏана, амма хъвадариялъул хӏалтӏул гӏемерлъиялъ кинго квер щолеб букӏинчӏо. Нахъбахъичӏого хъвазе багьанаги ккана гьадинаб… Бергьенлъиялъул юбилеялде улкаго хӏадурулеб бугелъул, дирго архивалда хъирщадулаго, рагъдаса чӏаго тӏадвуссарав 11 росуцоясул хвараб сон бихьизабун батичӏо дица. Цӏалдохъаби гӏагараб ракь лъазабиялде машгъуллъиялъе, дица гьезухъе кьуна хваразул цӏарал ва абуна гӏагарлъиялде цӏехон гьел хвараб сон лъазабеян. Гьез битӏун гьабулищали бихьизе, дида хвараб заман лъалел кӏигоязул цӏаралги журана тӏаде. Дидаса цӏодорлъи бергьарал цӏалдохъабаз, тӏубараб сияхӏги босун цояв витӏун вуго Хӏадисил Мухӏамадихъе ва гьес кинабго мухӏкан гьабун хъван гӏиссинал «краеведазухъеги» кьун буго.
Гьединаб цӏодорлъиялъул чи вуго Мухӏамад.