Араб гӏасруялда щибаб районалда букӏана ДОСААФалъул отделение. Гьелдаго цадахъ школаздаги ругьун гьарулаан лъимал кьвагьдезе. Цадахъго тӏоритӏулаан ватӏан бокьиялъул мурадалда тадбиралги. Гьел идарабазул кумек букӏана армиялда рагъулаб хъулухъ тӏубазе гӏолилал хӏадуриялъеги. Гьанже гьеб кинабго хӏалтӏуде нуцӏа къан буго.

Гьелъие гӏилла щибилан абун дица цӏехана республикаялъул ДОСААФалъул нухмалъулев Шамил Гӏалиевасда. Гьес жаваб кьуна, гьеб хӏалтӏи районалъул нухмалъиялда тӏадкъан букӏанин ва гьезул «хӏаракаталъул» хӏасилалда жигарчилъиялъе ахирги лъунилан.

Дир пикруялда, ДОСААФалъ доб заманалда гьабулеб букӏараб хӏалтӏул букӏана кӏудияб кӏвар. Лъикӏаб букӏинаан муниципалитетазда гьеб иш цӏигьабуни. Жидеца гьелъие бажарараб кумек гьабилаанин абулеб буго Ш. Гӏалиевасги.