Цӏиял тӏахьал
Дагьаб цебегӏан къватӏибе бачӏана Патӏимат Мухӏамадовалъул лъималазе хъвараб «Милъиршаби» абураб кучӏдузул тӏехь. Патӏимат Мухӏамадова гьаюна Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ. Хъвадаризе гьелъ байбихьана гьитӏинго. П. Мухӏамадовалъул кучӏдул рахъана «Росдал захӏматчи», «Хӏакъикъат» газетазда. Басмаялда рахъана «Щобил горо», «Талихӏалъул чӏорал» абурал тӏахьал. Гьелъул поэзиялъ хасаб бакӏ ккола лъималазе хъварал кучӏдуз.
Патӏимат ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член.
Магӏарул мацӏ
Магӏарул мацӏ бацӏцӏадаб, гьоцӏо гӏадаб гьуинаб,
Гьуинго гаргадулеб, рекӏелъ даим бессараб.
Кинидахъ дуй ахӏараб хӏасратаб магӏарул кечӏ,
Каранде къан эбелалъ реэдараб рахьдал мацӏ.
Гьулакалда мунги лъун, ах бачун макьу кьураб,
Магӏарул мацӏ бацӏцӏадаб, бицунаго кӏарчамаб.
Гьеб мацӏалъ мун кӏалъала кӏудияб гъираялда,
Магӏарул мацӏ, рахьдал мацӏ рахьдада цадахъ щвараб.
Бице, лъимал, рахьдал мацӏ, кӏудияб къимат бугеб,
Кӏалъай, лъимал, гьеб мацӏалъ, миллат нилъер цӏунизе.
* * *
Гьединго къватӏибе бачӏана Париза Гереевалъул «Маргьабазул дуниял» абураб тӏехь. Гьеб цӏаралъ жинцаго бицунеб буго гьеб лъималазе хъвараб букӏин. Хӏакъикъаталдаги гьелъул цӏикӏкӏарасеб бутӏа ккун буго лъималазе яги гьезул хӏакъалъулъ хъварал асараз. Париза Гереева йиго жиндирго гӏумрудул нух гьайбатаб гӏамалалъги гьунаралъги берцин гьабурай унго-унгояй чӏужугӏадан, шагӏир, журналист. «Маргьабазул дуниял» абураб тӏехьалъ бицунеб буго шагӏиралъул рекӏел чӏухӏилъунги рохеллъунги лъимал рукӏин.
Гьеб талихӏ буго
Макьидаса йорчӏидал, йорчӏамиян ахӏулел,
Хӏанчӏазул бакъназул сас – гьеб дие талихӏ буго.
Бетӏер тӏаде борхидал, хинал бакъул чӏораца,
Гьурмада бахъулеб квер – гьебги дир талихӏ буго.
Гьудулзабигун цадахъ росдал магъилъеги ун,
Бетӏараб тӏогьол квацӏи – гьебги дир талихӏ буго.
Хӏасратай эбелалъе ихдалил байрам баркун,
Дицаго ахӏулеб кечӏ — гьебги дир талихӏ буго.
Кицаби
•Бадиве веццуге, нахъасан какуге.
•Бакъвараб гъотӏое дару – къотӏун рехи.
•Бакӏ гуреб бакӏалда гӏодовги чӏоге,
гьикъичӏеб жоги бицунге.
•Батун бечелъула, бихьун цӏодорлъула.
•Гьитӏинго босараб лъай — тӏогьолъ гьабураб гьоцӏо.
•Гагу хунилан хур бекьичӏого толаро.
•Ахӏараб бакӏалде инчӏони — я барщунилан кколеб,
я хӏинкъунилан кколеб.
•Гуллица цо чи чӏвала, мацӏица нусго чи чӏвала.
•Гъеду къакъадунилан лочнол къадру хвеларо.