Анцӏго соналъ цебе Норвегиялда фотоаппарат билун букӏараб Голландиялдаса хъизамалъухъе нахъе щвана отпускалъул заманалда рахъун рукӏарал жидерго суратал. Ралъдал рагӏалда гьеб фотоаппарат батун буго немцазул туристасда. Гьесухъа бажарун буго бекараб фотоаппараталъуса, «ракӏалдачӏеялъул» карта нахъе бахъизе. Гьеб картаялда букӏараб цо сураталда туристасда бихьун буго Голландиялъул номерал ругеб автомашина. Гьес полициялда гьарун буго, фотоаппарат ва суратал тӏадруссинаризе, автомашинаялъул бетӏергьан валагьизе кумек гьабеян. Полициялъ гьабураб цӏех-рехалда рекъон, гьелъул бетӏергьан ватун вуго. Голландиялдаса гьеб хъизан цӏакъ бохун буго 10 соналдасан гьел суратал тӏадруссинариялдаса. Гъоркьиса ноябралдайин абуни батун буго лъагӏелалъ цебе алигаторалъ бикъун букӏараб крокодилазул фермаялъул хӏалтӏухъанасул фотокамера. «Ракӏалдачӏеялъул» картаялда цӏунун хутӏун буго чанго сурат.