Машгьурал гӏадамал
Магаева Патӏимат
(1949)
Магаева Патӏимат – Дагъистаналъул халкъияй артист, ДРя-лъул ва РФялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан.
Гьаюна 1949 соналъул 22 июлалда Унсоколо росулъ, магӏарул театралъе кьучӏ лъурав Дагъистаналъул халкъияв артист, РСФСРа-лъул мустахӏикъав артист Магаев Гӏабдурахӏманил хъизамалда.
Патӏимат ккола машгьурай кочӏохъан. Гьелъ ахӏула магӏарул халкъиялги гьанжесел поэтазулги кучӏдул.
Бищунго лъикӏазул цояллъун рикӏкӏуна гьелъ ахӏулел Афгъанистаналда хъулухъ гьабуразе сайгъат гьарурал кучӏдул.
1988 соналда цӏакъго машгьураблъун лъугьана гьелъ ахӏулеб «Афгъанистан» абураб кечӏ. Гьебго соналда Патӏиматица лъугӏизабуна Махӏачхъалаялъул культпросвет-училищеги.
Гьелъул «Наиб Идрис», лирикияб «Гуржи-Меседо», махсародул «Пайда гьечӏев», «Цебеги гьанжеги», «Цебе тӏамула» ва цогидалги назмабазгун кучӏдуз гӏенеккаразул рекӏее кӏудияб асар гьабула. Гьелъухъа бажарула магӏарул некӏсиял кучӏдузе цӏияб гӏумру кьунги.
2006 соналда Польшаялъул Закопане шагьаралда тӏобитӏараб Мугӏрузул халкъазул XXXVII Халкъазда гьоркьосеб фестивалалда, кечӏ ахӏун, Патӏиматица босана кӏиабилеб бакӏ.
Гӏумаров Мухӏамад
(1950-1998)
Гӏумаров Мухӏамад – машгьурав кочӏохъан, композитор.
Гьавуна Шамил районалъул Гьолокь росулъ, 1950 соналда. Школа лъугӏун хадув цӏалана ДГУялда.
Мухӏамадихъа бажарана ракӏ-ракӏалъго ахӏулеб кочӏодалъун гӏенеккарал асир гьаризе.
Гьев вукӏана космосалда жиндир гьаракь рагӏарав цого-цо вугев Дагъистаналдаса кочӏохъанлъунги. Гьесул «Дагъистаналъул цӏум» абураб кечӏ Москваялъул роржиназе нухмалъулеб централдасан космосалде, гьенив вугев Муса Манаровасе сайгъат гьабун ахӏана. Дагъистаналъул тӏоцевесев космонавтасе гьеб букӏана ракӏалдаго гьечӏого рохеллъун.
Мухӏамад вукӏана Дагъистана-лъул гостелерадиоялъул хоралъул
солистлъун. «Хочбар» абураб миллияб операялда гьес ахӏана хунздерил хан Нуцал-Ханил аслияб партия. Гьес магӏарул ва гӏурус мацӏазда ахӏулаан анцӏ-анцӏ магӏна бугел, гӏадамазе асар гьабулел кучӏдул. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ кколаан эбелалде, къункърабазде ахӏулел асараз.
Аслияб куцалда ахӏулаан Расул Хӏамзатовасул, Гӏумархӏажи Шахтамановасул рагӏабазда кучӏдул.
Мухӏамад Гӏумаров нилъедаса ватӏалъана 1998 соналда, 48 сонил ригьалда. Вукъун вуго гӏагараб росулъ.
Тӏолбоев Мухӏамад
(1951)
Тӏолбоев Мухӏамад – Россиялъул Бахӏарчи, М. Громовасул цӏаралда бугеб институталъул летчик-испытатель.
Гьавуна 1951 соналъул 20 январалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ.
1973 соналда Ейск шагьаралда лъугӏизабуна В. Комаровасул цӏаралда бугеб тӏадегӏанаб рагъулабгун авиациялъулаб летчиказул училище ва хъулухъ гьабуна Одессаялъул рагъулаб округалъул истребительнияб авиациялда парашюталъул десант хӏадур гьабулеб бутӏаялда цин летчиклъун, хадуб — гьелъул нухмалъулевлъун.
1977 соналда, самолетазул хӏалбихьиялъул хъулухъалде иналда бан, капитанасул чиналда армиялдаса нахъе ана.
1981 соналда гьес лъугӏизабуна СССРалъул Авиациялъулаб промышленносталъул министерствоялъул летчикал-испытателазул школа.
1984 соналда лъугӏизабуна Москваялъул авиациялъулаб институт.
М. Тӏолбоевас хӏалбихьи гьабуна МиГ-23М, МиГ-25, МиГ-29, МиГ-31, Су-24, Су-27 гӏадал самолетазул. Гьес кӏигониги нухалда рещтӏинаруна моторалъе жагъаллъи ккарал самолетал.
Гьес лъалкӏ тана советияб космосалъулаб программа тӏубазабиялъул хӏалтӏулъ.
1993 соналда лъугӏизабуна Патрис Лумумбал цӏаралда бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул университет.
1993-1995 вищана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун. 1994 соналда космонавтазул отрядалдаса нахъе ана.
1995-1998 соназда М. Тӏолбоев тӏамуна республикаялъул Хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул рахъалъ советалъул секретарьлъун ва Чачаналда рагъ унеб заманалда гӏемераб хӏалтӏи гьабуна Дагъистаналъе хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъул мурадалда.
1999-2000 соназда гьев вукӏана Россиялъул МВДялъул Москва округалъул жанисел ишазул яргъилал къуватазул авиациялъул командующиясул заместительлъун.
1992 соналда Россиялъул президентасул указалдалъун Тӏолбоевасе кьуна Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар. Гьабсагӏаталда полковник Тӏолбоевас жигараб гӏахьаллъи гьабула Россиялъул жамгӏиябгун политикияб гӏумруялъулъ.
Гьев мустахӏикълъана «Захӏма-талъул Багӏараб Байрахъ» орденалъе ва чанго медалазе.
Махӏачев Хӏажи
(1951-2013)
Махӏачев Хӏажи – жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместитель, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат.
Гьавуна 1951 соналъул 19 марталда Хасавюрталда, Буртунаялдаса Нухӏил хъизамалда. Гьесул эмен вукӏана милициялъул хӏалтӏухъан, кверзул махщел бугев инсан.
Школа лъугӏун хадуб Хӏажи цӏализе лъугьана медучилищеялде ва гьенисан армиялде хъулухъ гьабизеги ана. Тӏадвуссиндал хӏалтӏана совхозалда ва гьединго автотранспорталъулаб магӏишаталда контролерлъун.
Лъугӏизабуна ДГУялъул юридикияб факультетги, цӏунана юридикиял гӏелмабазул докторасул диссертацияги.
1988 соналда Хӏажил жигарчилъиялдалъун гӏуцӏана Шамил имамасул цӏаралда бугеб Халкъияб фронт. 1992 соналда гьев вищана Аваразул халкъияб багъа-бачариялъул председательлъун. 1991 соналда вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун. 1995 ва 1999 соназ вищана Дагъис-таналъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. 1995 соналда тӏамуна ОАО «Дагнефть» цолъиялъул генералияв директорлъун.
2000 соналда гьес гӏуцӏана республикаялда лъай кьеялъе, маданияталъе кумек гьабулеб рахӏму-цӏобалъул фонд.
2003 соналда Хӏажи вищана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул ункъабилеб ахӏиялъул депутатлъун ва гьенив жамгӏиял гӏуцӏабазул комитеталъул нухмалъулесул заместительлъун хӏалтӏана.
2007 соналдаса Хӏ. Махӏачев вукӏана Москваялда президентасда цебе бугеб Дагъистаналъул кидагосеб вакиллъиялъул нухмалъулевлъун.
Къадаралде щвана 2013 соналъул 19 декабралда.
(Хадусеб букӏине буго)