Физика
Ал-Хазинил хӏакъалъулъ нилъеда гӏемераб жо лъаларо. Хӏ-ХӏI гӏасрабазда гӏумру гьабун вукӏарав гьес хъвараб «Мизанул Хӏикмат» абураб тӏехь цӏакъго машгьураблъун рикӏкӏуна. Гьесухъа бажарун буго гӏемерал веществабазул бакӏлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакӏлъи борцун букӏинчӏо. Гьесго борцун букӏана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи.
Атомалда гъорлъ кутакаб къуват бакӏарун букӏин ва гьелъул ядро бихх-биххун ине рес бугеблъиялъул тӏоцебе хъварав чи ккола Жабир бин Хӏаян (721-805).
ХӀII гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Къутӏбудин Ширазица, Декартидаса 300 соналъ цебе, гӏелмияб къагӏидаялъ баян кьун букӏана нур чӏеялъе букӏунеб гӏиллаялъе.
Загӏипал электромагнитниял къуватазул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабизеги кӏвечӏого хварав Эйнштейнил (1879-1953) гьеб иш гӏумруялде бахъинабуна бусурбанав гӏалимчи Гӏабдусаламица. 1979 соналда гьев мустахӏикълъун вукӏана Нобелил премиялъул лауреат абураб цӏаралъеги.
Астрономия
Щибаб исламияб улкаялда букӏанин абизе бегьула обсерватория. Гьенир хӏалтӏулез нахъе тарал гӏелмиял хӏалтӏабаздаса пайда босулаан гьанже нахъаги. Парангазул машгьурав профессорас абун буго: «Математикиял гӏелмабаздаго гӏадин, бусурбабазул астрономазги тана цӏакъго кӏудияб лъалкӏ», — ан. Гьедин абиялъе гӏиллаги ккола тӏоцебе бусурбабаз ургъараб букӏин астролябия. Гьеб гӏелмуялъул кумекалдалъун кӏола цӏваби ругеб бакӏ, гьезда гьоркьоб бугеб манзил борцине. Гьеб гӏелмуялда тӏасан тӏоцересел хӏалтӏаби хъварав чиги ккола Машааллагь абураб цӏаралда гъоркь машгьурлъарав бусурбанчи. Астролябиялъул цӏияб тайпайин абуни ургъана аз-Заркалица (1029-1087). Дунял шар гӏадинаб гургинккараб формаялъул букӏинги бусурбабазда лъалаан, гьелъул хӏакъалъулъ европаялъулазда щибго лъалеб букӏинчӏеб заманалдаго. Дунял гургинаб букӏинги ва гьеб жиндирго хӏосалда ва бакъуда сверун сверулеб букӏинги чӏезабун букӏана Бируница (973-1051). Гьебгиха, гьединаб цӏирагьи Коперникица гьабилалде 500 соналъ цебе. Гьединго Бируни ккола ракьалъул диаметр борцарав гӏалимчиги. Гьебго заманалда ракьул горсверуда бугеб манзил борцарав ккола X гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Мухӏаммад бин Муса.
Ал-Ферганицайин абуни чӏезабуна бакъуда тӏад тӏанкӏал ругеблъи.
Цогидав астроном Ал-Баттаница (877-929), европаялъулазда гьев лъала Албатегнус абун, X гӏасруялдаго гӏуцӏун рукӏана астрономиялъулал таблицаби.
Халифлъун ва гӏалимчилъун вукӏарав Улугбекица (1394-1449) Самаркъандалда бан букӏана кӏудияб обсерватория. Гьелъул ва гьединалго цогидалги обсерваториязул кумекалдалъун исламиял гӏалимзабазда лъалаан бакъ-моцӏ кида кквезе бугебали ва гьеб кквеялъе гӏиллаби. Гьезул хӏалтӏабаздаса жакъаги пайда босула астрономаз.
Ботаника ва зоология
Гьоркьохъел гӏасрабазда гӏумру гьабун вукӏарав цӏар рагӏарав ботаник ва фармацевт ибн Байтӏарил (1190-1248) хӏалтӏабазулъ батула 1400 чӏахӏ-хералда цӏар ва щиб унтуе гьел хӏажалъулелали хъван. Гьесул тӏахьаздаса пайда босулаан 300 соналъ.
ХӀV гӏасруялда гӏумру гьабун вукӏарав Демирица хъван буго 1069 рухӏчӏаголъиялъул хӏакъалъулъ ва гьев рикӏкӏуна зоология цебетӏезабиялъулъ бергьун кӏудияб бутӏа лъурав гӏалимчилъун.
История ва архитектура
Философиялъул тарихалда ибн Хӏалдун (1332-1406) машгьурлъана «социология» абураб гӏелмуялъе кьучӏ лъурав чи хӏисабалда. Гьесул хӏалтӏабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, Европаялъул гӏалимзабаз гьесда абулаан гьев кколин «Гӏарабазул Монтескье» абун.
Жиндир заманалда дунялалдаго машгьурав ва жинде вахарав цогидав чи гьечӏев архитектураялъул гӏалимчи вукӏана Хважа Синан (1489-1588).