Гьаб ракьалда тӏад бугебщинаб берцинлъиги, гьайбатлъиги, хӏеренлъиги, чалухлъиги, чергеслъиги Бетӏергьанас барахщичӏого кьурал хӏурматиял руччаби!

Нуж мустахӏикъал руго ракьалда ругелщинал тӏугьдузе, нужедаса берцинал гьел гьечӏониги. Нуж руго, калам хӏалималги, хӏалкӏолъи бугелги, тӏегьлъун кенчӏолелги, зазлъун хӏенчолелги, канлъи бикьулелги, ханлъи бекьулелги, рокьуе мукӏуралги, гӏанчӏал ракӏазул, гогьаб гьимидул, къо ккедал бахӏарчиял, хӏал ккедал бихьинчиял, бухӏараб цӏорозабизе, цӏорораб бухӏизабизе кӏолел, гӏодизе малъизеги релъизе гьукъизеги кӏоларел, Бетӏергьанас дунялалде битӏараб инсанияталъул гьайбатаб ва камилаб бутӏа. Бухӏун щвараб бакъудасаги балеб горо-цӏералдасаги кӏудияб гъветӏалъ цӏунулел гӏадин, нужецаги цӏунула бихьинал квешабщиналдаса, кигӏан кӏудияб кьуру цебе букӏаниги, гьеб кьвагьунги, нух бахъула нужер цо рагӏуца. Свалат-салам лъеяв аварагасул хӏадисалда буго улбузул хӏатӏикь бугин алжанин абун. Гьениб бакӏ щвеялдаса талихӏал руго нижги!