Жиндир цӏаралда сверухъ жеги дагӏба лъугӏичӏев Кавказалъул рагъул бахӏарчи, Хунзахъа Хӏажимурадил хӏакъалъулъ нилъеда лъалаан гӏицӏго Лев Толстоясул къисаялдасанги нахъе цӏунун хутӏараб магӏарулазул халкъияб щуго кочӏодасанги.

Гьанже гьеб лъай бечелъана тарихиял гӏелмабазул кандидат Патӏимат Тахӏнаевалъ къватӏибе биччараб «Хунзахъа Хӏажимурад» абураб тӏехьалдалъунги. Гьей гьелда тӏад хӏалтӏана ункъо соналъ.

Тӏехь хъвазе ккана Толстоясе гӏоло

Хӏажимурадил хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе Патӏимат тӏамун йиго дунялалдаго машгьураб Толстоясул къисаялда ратарал дандеккунгутӏабаз.

Лъалеб букӏахъе, Лев Толстоясе «Хӏажимурад» кколаан бищунго къиматаб асарлъун. Кигӏан гьараниги, живго чӏаго вукӏаго, гьес гьеб цониги басмаханаялъе бичунги гьечӏо. Гӏицӏго хъвадарухъан хведал гурони, къватӏибеги биччачӏо гьеб.

Амма лъимерлъудаго бичӏчӏулеб букӏанин жинда гьеб къисаялда вихьизавулев чи унго-унгояв Хӏажимурад гуревлъиян бицана Патӏимат Тахӏнаевалъ гьал къоязда ДГУялда тӏобитӏараб тӏехьалъул презентациялда.

«Кавказалъул рагъул бахӏарзал жеги ругелъул – Къебедмухӏамадги, Ахъбердил Мухӏамадги, цогидалги. Гьединлъидал хас гьабун Хӏажимурад щай дуца тӏаса вищарав?» — илан гьикъана гьелда наибасул ракьцояв, политолог ва журналист Хӏабиб Мухӏамадовас.

«Дун Толстоясда божичӏогоха. Гьес вихьизавурав чи вукӏана нилъее, магӏарулазе, тӏуванго чиярав чи. Хӏисаб гьабе нужецаго. Толстояс хъвавухъе, Хӏажимурадица Лорис-Меликовасе бицунеб буго имам Хӏамзатил гӏадамаз Баху-бикал васал рухулеб мехалда жив цо кӏкӏалахъ вахчунги чӏун, хӏинкъун Хунзахъе лъутанила. Жиндир рахьдал вацал чияца рухулеб мехалда магӏарулав вахчун чӏанин абураб жоялда дун гьитӏинаб мехалдацин божун йикӏинчӏо», — ян бицана Патӏимат Тахӏнаевалъ.

Гьелъул божилъи хвезабун буго-ан жиндие эбелалъ кинидахъ ахӏулеб букӏараб кочӏол хӏакъалъулъ Хӏажимурадил ракӏалдещвей Толстояс кьураб куцалъги: Хӏажимурадил инсуца лъадуда абула дуца ханасул цоги вас хахизавизе ккелилан. Гьелъ инкар гьабула. Ццим бахъарав инсуца ханжар хьвагӏула гьелъул каранде. Дагьав кӏудияв гӏедал, Хӏажимурадица зама-заманалдасан гьарулаан эбелалда доб мехалда инсуца каранда лъураб ругъун бихьеян.

Хӏабиб Мухӏамадовас рехсарал Къебедмухӏамадги Ахъбердил Мухӏамадги жалго тун, хас гьабун Хӏажимурадил хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе тарихчӏужу лъугьиналъе гӏиллалъун кколеб буго гьесдехун гьелъул рекӏел цӏайи букӏинги. Амма тӏехьалда жаниб жинца гьеб рокьи балъго гьабун танинги бицана гьелъ.

Гьединго Тахӏнаевалъ Хӏажимурад рикӏкӏунев вуго Кавказалъул рагъул гӏаламатлъун. Гьев хвеялдалъун лъугӏизеги лъугӏанила гьеб. Гьединлъидал тӏехьалда жанибе бачараб 50 сон (рагъ унеб букӏараб заман) Хӏажимурадил мисалалдалъун бихьизабизе ракӏалде ккун буго гьелда.

Гьесул хӏакъалъулъ тӏехь хъвазе жинхъаго бажаризе букӏин Тахӏнаевалда бичӏчӏун буго тарихияб лъабго асар хъван хадуб — «Аргвани», «Аул Чох. Мир ушедших столетий», гьединго «Гуниб, август 1859. «Последние дни джихада в Дагестане…».

Хасго чӏахъадерил тӏехь хъвалелъулги Хӏажимурад кидаго жинда «аскӏов вукӏанин» ракӏалде щвезабуна гьелъ. Гиназ Аргъутинскиясдаса Чӏохъ цӏунулевги вукӏиндал гьев.

Гьединго жий хьихьарай кӏияйго кӏудиял улбузулги сабаб кканин жинда тарих битӏун бичӏчӏиялъеян бицана Патӏиматица:

«1903-1905 соназда гьарурал кӏудиял улбуз хьихьана дун. Советияб идеологиялъул заралияб кьаби щвечӏел гьезул рухӏияб рацӏцӏалъиялъул сабаб ккана диеги».

Дагъистаналда рукӏарал

Аргъутил жасусал

Тахӏнаевалъ презентациялда бицана жий гуржиязул архивалде яккизе течӏила. Амма Санкт-Петербургалда бугеб гиназ Аргутинский-Долгорукиясул архивалъул хал гьабунила. Гьесги гӏурус пачаяс Кавказалда тарав вакил Воронцовасги моцӏида жаниб кӏиго-лъабгониги кагъат хъвалеб букӏун буго цоцахъе.

Тахӏнаева гӏажаиблъун йигоан Аргутинский-Долгоруковасда Шамилил «Имаматалда» жаниб лъугьа-бахъунебщинаб жо лъалеб букӏиналда. Хасго Хӏажимурадилгун гьесул гьоркьоблъи хвеялъул хӏакъалъулъ тӏири хутӏичӏого бицунеб букӏун бугила. Дагъистаналда киса-кирго рукӏун ругила гиназасул жасусал.

Гьединго къанагӏатал документаздасан лъан буго доб мехалда пачаясул армиялъул балъгояб полицияги букӏараблъи. Гьелъул чӏейги Дербенталда букӏун буго. Гьенисан киналго кагътал цин Тифлисалде, хадур Москваялде ритӏулаанила.

Амма Россиялъул генералзабазул рагъулал лъазабиязда божизе ккейги букӏун батулин Тахӏнаевалъе кӏудияб масъалаян кӏалъана презентациялда Хунзахъа тарихчи Гӏалибег Хъазанбиев. Щайгурелъул тӏарадаса ахаде щвезегӏан гьересиял, гӏицӏго жидеего шапакъатал щвеялъул мурадалда гьарурал лъазабиял ругила гьел.

Гьелъие Воронцовасул мисалги бачана Хъазанбиевас.

Аскарги гъурун, хӏалица Герзелалде ворчӏарав Воронцовасда цадахъ азарго чи вукӏун вугилан хъван бугила гӏурусазул документазда. Гьеб рагӏула Воронцовас императорасухъе битӏараб лъазаби.

Цинги императорасги хъвала гьелда гъоркь: «Гӏурусазул къвакӏиялъе кутакаб къиматги кьун цӏалана», — ян.

«Хӏакъикъаталдайин абуни, гъурун вукӏана азарго солдат. Цо рагъулъ ункъо генерал чӏвана. Цебе киданиги букӏараб жо гуро гьеб. Гъоркьчӏелги гьабун, Хӏажимурадица щвезабуна гьезда гьединаб кьаби. Гьеле нилъер рукӏарал умумул, лъилниги гурел, нилъер», — ин бицана тарихчияс.

Хиянатчи гуро

Жибго тӏехьалъул бицунаго, презентация нухда бачунев вукӏарав тарихчи Муртазагӏали Хӏажиевас баян гьабуна наибасул хӏакъалъулъ гьесул адаб хварал жалгицин абулелги хъвалелги ругила цо-цояз.

Амма Патӏимат Тахӏнаева Хӏажимурадие адвокатлъи яги прокурорлъи гьабун, гьев веццизе яги гьесде гӏайиб гӏунтӏизабизе лъугьуней гьечӏила. Жиндихъе щварал тарихиял баяназул кьучӏги цӏехон, гӏицӏго следовательлъи гьабулеб бугила.

Авторалъ жинцагоги цӏалдолездехун хитӏаб гьабулеб буго гьеб тӏехь гӏедегӏичӏого, кӏвар кьун цӏалеян. Щайин абуни гьенир ругила церехун нилъелъ риун тӏун рукӏарал пуланал пикраби риххизаризецин рес бугел хӏужаби.

Гьелда бан рехсезе бегьула наиб Хӏажимурадица гӏурусазул рахъалдеги ун имам Шамилие хиянатлъи гьабунилан цо-цоязул рекӏелъ бессараб пикруги.

«Щивасда батӏа-батӏайисан бичӏчӏула хиянатлъиялъул магӏна. Доб мехалда Имаматалда гӏумру гьабулел рукӏарал гӏадамазда гьикъани, гьев хиянатчи вукӏанин абилаан доз. Щайгурелъул Имаматалъул гӏорхъи бахун ун вугелъул гьев. Амма ракӏалде щвезарилинха дица тӏехьалъул ахиралда лъурал, Хӏоцоса Нажмудиница гьесде хъварал кочӏол мухъалги. Гьес абулеб буго Хӏажимурад шагьидлъанин, гьев исламалъул гъалбацӏ вугилан. Амма лъутулев гуро Хӏажимурад вукӏарав. Жиндир хъизамалъул ургъалица толев вукӏинчӏо гьев… Кутакалда чара къосарав чи вукӏана гьев. Гьедин гьабичӏого ресги букӏинчӏо гьесул», — ин бицана Патӏимат Тахӏнаевалъ.

Цо-цо тарихчагӏазин абуни наиб вихьизавула чабхъеназул гурони ургъел букӏинчӏев хъачагълъунги. Амма, Тахӏнаевалъул пикруялда рекъон, цо-цо чабхъенал гьарулаан Имаматалъул нахърател цӏеялъе гӏоло. Тӏокӏалъ чӏечӏого багъулеб пачалихъалъ бетӏербахъи сундалъун бугониги гьабизе кколеб букӏаралъул.

Хӏажимурадица цониги чабхъен гьабичӏин Имаматалъул изнуги гьечӏогоян баян гьабуна тӏехьалъул авторалъ.

Гьединго цо-цо чабхъенал гьарулаанин рагъулал операциял хӏисабалдагиян мухӏкан гьабуна гьелъ.

Палхӏасил, Патӏимат Тахӏнаевалъ Хӏажимурад хиянатчилъун рикӏкӏунев гьечӏо, тӏадежоялъе, гьединал бугьтанал лъолел чагӏаздаги гьарулеб буго тарихалда бакӏ ккурал гӏадамазда гьединал цӏарал лъогеян.

«Доб букӏана кутакалда захӏматаб заман. Баху-Бикаги гьелъул васалги, киналгоги цӏан рукӏана кӏудияб политикаялда гъорлъе. Батӏайисан хӏалтӏизе рес букӏинчӏо гьезул. Гьединабго хӏалалде ккун вукӏана Хӏажимурадги», — ян ракӏалде щвезабуна П. Тахӏнаевалъ.