Цого жо цӏалкӏулел хӏакимзабиги, анкьго гӏетӏги тӏун хъахъусдилел фермералги, гранталги, къарзги, къасдалги, къваридал хьулалги.

4 марталда Махӏачхъалаялда данделъун рукӏана ДРялъул Фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул (АФКОД) гӏахьалчагӏи. Гьединго гьениве вачӏун вукӏана Москваялъул Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакилги. Чанго батӏияб суал борхана гьениб ва бищунго кӏвар буссинабизе гӏадал жакъасеб номералда кьолел руго.

Дагьаб цебегӏан Москваялда тӏобитӏараб Тӏолгороссиялъул фермеразул съездалъул хӏакъалъулъ бицине рагӏи кьуна АФКОДалъул президент Гӏабдурахӏман Абурикӏовасе. Съездалда гӏемер кӏвар бугел суалал рорхулел рукӏанилан бицана гьес. Гьениб ва цохӏо гьениб гуребги, кидаго хӏакимзабаз абулила росдал магӏишат цебетӏезабизе кколин, цебетӏезабизе кумек гьабизе бугилан, амма…

«Амма гьабулеб бугищха гьез гьелъие кинаб букӏаниги кумек, дида гьеб бихьулеб гьечӏо. Цого жо бицунел кидалъагӏанха рукӏинел? Рагӏабаздаса ишалде рачӏине заман цебего щун буго, амма хӏакимзаби цого-цо жо нижее цӏалкӏулел, хьул лъезабулел рагӏаби рицунел хутӏун руго.

Жакъа Россиялъул киналго регионазул гӏунгутӏаби цого руго. Тӏоцебесеб ккола — ракь. Ракь хӏалтӏизабизеги гьелдаса пайда босизеги гъира-цӏаялда вугев фермерасухъе щай гьеб кьолареб?

Кӏиабилеб. Бокьараб магӏишат цебетӏезабизе ккани, къваригӏуна сурсат, алат, техника, къокъ гьабун абуни, гӏарац. Гьебги щолеб гьечӏоха гъаримал фермеразе. Гьезие киналго шартӏал чӏезаризе ругин абула хӏакимзабаз, амма гьел гьечӏо», — ян бицана Гӏ. Абурикӏовас.

Битӏараб бугилан, гьес бицаралда тӏадрекъон, бетӏер гьанкӏезабулел залалда ругел фермералги рукӏана.

«Россельхозцентралъул» нилъер республикаялда бугеб идараялъул нухмалъулесул заместитель Сагитгӏали Гӏабдуразакъовги вачӏун вукӏана гьеб данделъиялде. Ракь хӏалтӏизабиялда хурхун пачалихъалъ гьабулеб тадбиралъул хӏакъалъулъ бицине ахӏун вугоан гьев.

Мисалалъе, хӏалтӏизабулеб ракьалъул лабораториялъулал цӏех-рехал гьаруралъухъ цебе хӏукуматалъ кьолеб букӏараб гӏарац, гьанже жалго фермераз кьезе кколеб къагӏида хисизабун буго, гьелда рази гьечӏолъи загьир гьабуна данделъиялда рукӏарал фермераз. Нужеда гьеб хӏалалъ гӏадго букӏине ккани, гьеб цебеги букӏараб къагӏида кколин бичӏчӏизабулеб букӏана С. Гӏабдуразакъовас. Амма киназго гурин гьелъухъ мухь кьезе кколеб, гӏарац кьезе кколелги кколарелги бакӏал ругин баян гьабуна «Россельхозцентралъул» вакилас.

Чӏегӏераб сияхӏалъул халалъи

Фермеразе субсидиял рикьиялъул хӏакъалъулъ бицине рагӏи кьуна «Россельхозбанкалда» къарзалъе гӏарац кьолеб отделалдаса Владимир Попандопулое. Цогидал регионазда бигьаго бугин жакъа фермеразе субсидиялги къарзалъе гӏарацги кьезеян бицана гьес. Дагъистаналда гьеб рахъалъ гӏезегӏан захӏмалъаби ругила.

«2017 соналдаса нахъе ниж ккун руго «багӏараб зонаялде». Къарзалъе кьолеб гӏарцул къадар бихьизабизе нижер ихтияр гьечӏо, киналго документал ритӏизе ккола Москваялде. Гӏемерал чагӏи руго цебеккун къарзалъе босун букӏараб гӏарацги нахъ буссинабизе кӏоларого. Мисалалъе, пуланаб росулъ вуго жинцаго гӏетӏ тӏун магӏишатги цебетӏезабурав, лъикӏав хӏалтӏухъанилан кӏудияб цӏар-реццги щварав чи, амма гьев вуго нижер «чӏегӏераб сияхӏалда». Гӏилла — цебеккун босун букӏараб гӏарац нахъбуссинабичӏолъи. Гьединазул 99 процент буго жакъа нижер банкалъул сияхӏалда.

Бокьараб банк, нижго гӏадин, аслияб куцалъ хӏалтӏулеб букӏуна къарзалъе гӏарац бикьизелъун, амма кин кьелеб гӏадамазухъе гӏарац, налъулазул читӏир халалъулеб бугони?» — ян абуна «Россельхозбанкалъул» вакилас.

Гьес бицунелда ризилъичӏого, боркьараб кӏалъай ккана гьесулгун фермеразулги ассоциациялъул президент Гӏабдурахӏман Абурикӏовасулги. Гьел гӏодоре риччазарулев АФКОДалъул генералияв директор Мухӏамад Гӏабдурахӏмановги вукӏана. Ахирги цоцада ричӏчӏараб гӏадаб жоги ккун, гӏодов чӏезе виччана Папандопуло.

Авал-ахир гьечӏел данделъабаздаса свакан буго халкъ

Дагьаб цебегӏан Адыгеялда «Народный фронт» гӏуцӏиялъулгун Владимир Путинил букӏараб дандчӏваялда Олег Сирота абулев чияс загьир гьабун буго президентасе «Халкъияв фермер» абураб проект гӏуцӏизе хӏажат букӏиналъул пикру.

Батӏаго бегьулареб пикру гьечӏин гьебилан абуна АФКОДалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас, амма анкьцӏул борцун, цин къотӏеян абун бугелъул, гьеб дандбазе кӏалъазе рагӏи кьуна «Народный фронталда» гъорлъ вугев тележурналист Илман Гӏалипулатовасе.

Цӏакъ магӏнаяб, киназего рекӏее гӏураб кӏалъай букӏана гьесул. Гӏабдурахӏман Абурикӏовасго гӏадин, гьесги абуна нилъ ва хасго нилъер хӏакимзаби цого жо бицунел хутӏун ругин, хӏасил бихьулеб гьечӏин.

«Дагьаб цебегӏан «Акценты» передачаялда гьоболлъухъ вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул минаялда информациялъул ва политикаялъул бутӏаялъе нухмалъулев Зубайру Зубайруев. Дица гьесда абуна мун кколин тӏалъиялъул вакил, гьанже дуца бицейин — щибаб къоялъ хӏукуматалъул минаялъур тӏоритӏулел данделъабазул ахир бихьулеб гьечӏин, цохӏого кабинеталги, цохӏого гьурмалги чӏалгӏун ругин дидаги халкъалдаги. Щибинха гьез кьолеб бугебилан гьикъана гьесда.

Жаваб щвечӏо. Республикаялда руго гӏемерал СМИялги телестудиялги. Гьез бицунеб, хъвалеб ва бихьизабулеб жо гӏемераб буго, амма халкъалъул гӏузраби, халкъалъул гьаракь къанагӏат гурони рагӏулеб гьечӏо.

Гьединлъидал рачӏа, жакъа гьанир рорхаралщинал суалал гьоркьор лъезе нуж телевидениялде рачӏине. Тӏадеги цӏикӏкӏун гӏадамалги ахӏила, хӏакимзабаздаги абила. Гьеб мехалъниги цо гьумерхъахӏаб жо кколарищали бихьила», — ян кӏалъана И. Гӏалипулатов.

Гьан гьарзаго буго, босулев чи ккани

Бицана гьениб гӏияхъабаз гӏезабураб нигӏмат бичизе захӏмалъулеб букӏиналъулги. Гьеб щай гьедин бугебали бицине рагӏи кьуна Москваялдаса вачӏарав Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакиласе.

Цо къокъабго кӏалъайги гьабун, жиндасаго тӏаса хъущтӏизабун, гьес рагӏи кьуна цогидав чиясе. Гьаниве ваккун, дове кӏанцӏун гьабураб гьесул халатаб кӏалъаялдаса кквезе щвана цо пикру.

Гъоркьиса гьоркьоб къотӏизабун буго нилъер гьаниса Ираналде баччулеб букӏараб гьан. Гьелдаса хадуб гӏемерлъун буго нилъерго гьаниб бичулеб гьанал къадар. Цогидал регионазухъа бичун босунги байбихьун буго гьан республикаялда бичизе. Кӏиабизеги нилъехъа гьан босизе исана Ираналъги инкар гьабун буго, хираго бугинги абун.

Гьелъул хӏасилалда, республикаялда гьабсагӏат гӏемерлъун буго бичулеб гьанги, дагьлъун руго гьеб босулел гӏадамалги. Щибха гьединаб хӏал хисизабиялъе гьабизе бегьулебин абураб суалалъе цо чӏванкъотӏараб жаваб гьениб рагӏичӏо, пикраби гӏемерал рукӏана.

Дуда гурхӏарасда Аллагьги гурхӏаги

Данделъиялъул ахиралда кӏалъазе рагӏи кьуна жамгӏияв хӏаракатчи Шамилов Мухӏамадие. Стальское росулъ щуго гектаралда гӏезабураб жиндирго ахги мисалалъе бачун, ганчӏида гамачӏ течӏого, чӏван лъуна гьес Росдал магӏишаталъул министерствоги, къарзал кьолеб «Россельхозбанкги», хутӏарал хӏакимзабиги.

«Жакъа гьезул цонигиязул гьаб баркатавхӏавилан абизе чи гьечӏо нилъеда ракӏунтарав, дуцаги дицаги гӏезабулеб магӏишаталъул ургъел ккарав. Дуца гӏетӏги тӏун гьабураб магӏишат, жужахӏалъул цӏадабе ккун бухӏаниги, дуе гьездасан кумек щоларо.

Гьедин бугеб мехалъ, щиб гьабизе нуж унел къарз кьеян банкалде? Унге, хӏетӏеги чӏоге, ахирисеб тӏажуги бахъула гьез нужеда тӏаса. Духъаго бажарараб куцалъ гӏиги гӏезабе, хурги бекье, бокьги бахъе, Аллагьасе какалги рай. Гьев гурхӏани, гурони, тӏокӏав дуда гурхӏизе чи гьечӏо. Васалам, вакалам!» — илан лъугӏизабуна жамагӏатчияс.