Жакъасеб Россиялъул армиялъе хӏажат ругин тӏадегӏанаб лъаялъул гӏолохъабиян бицана 2 марталда ДГУялде рачӏун рукӏарал ДРялъул рагъулаб комиссариаталъул вакилзабаз.

Армиялде гӏолохъаби ахӏулеб бутӏаялъул нухмалъулесул заместитель, подполковник Хӏусен Гӏумархӏажиевасги контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубазе гӏолохъаби тӏаса рищиялъул хӏалтӏи гьабулев, Астраханалдаса Сергей Новиковасги насихӏат гьабуна студентазе гьениб.

Диплом щвараб гӏоларин, гьанже ватӏаналда цебе тӏадаб хъулухъ тӏубазеги хӏадур рукӏине кколин нужилан бичӏчӏизабуна Хӏусен Гӏумархӏажиевас гьезда. Гьес бицунелда рекъон, республикаялда жеги дагьлъун гьечӏо армиялдаса лъутанхъулел гӏолохъабазул къадар. Гьединлъидал рачӏайин рахчаричӏого, бихьиназда тӏадаб куцалъ гьеб борч тӏубазе ккелин абуна гьес.

Лъагӏалил бакӏалда — кӏиго сон

Хӏусен Гӏумархӏажиевас бицана армиялде ахӏулев гӏолохъанчиясул гьанже ихтияр бугин гӏадатияб куцалъ армиялде ахӏун тӏубазабулеб хъулухъалъул бакӏалда, контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тӏубазаби тӏаса бищизе.

Гьелъул ругел квегӏенлъабиги рехсана гьес. Гӏадатияв солдатасе щолеб 2000 гъурщил бакӏалда, моцӏрое бищун дагьалдаса 20000 гъурущ харж щвезе рес рагӏула гьесие. Къаси-къаси казармаялда чӏечӏого, сордо базе рокъове инеги бегьулин, отпускги щолин, хӏасил-калам, вакъва-кӏасарав солдатасул бакӏалда контрактникасул гӏумру дагьаб гӏадамазулалда релълъараб букӏунилан абизе бокьун бугоан рагъулаб комиссариаталъул вакиласе.

«Амма гьаниб бичӏчӏизе ккола кӏиялдаго гьоркьоб бугеб батӏалъиги. Цебе букӏараб къагӏидаялда рекъон, армиялда цо лъагӏалица хъулухъ гьабулеб батани, контракталда рекъон хъулухъ тӏубалес гьениб базе ккола кӏиго сон. Цо-цоязда ккола контракт хъван хадуб лъагӏел тӏубайдал, гьа, гьанже дир заман лъугӏанин, дун рокъове ине бегьулилан. Амма гьел мекъи руго. Гьелде иш бачӏун хадуб, гьесулгун контракт хвезабула ва армиялда гьес бараблъун рикӏкӏуна бащдаб лъагӏел. Рокъове гьев ине бегьула, амма тӏадаб хъулухъ тӏубазе гьев цоги нухалъ армиялде ахӏичӏого толаро.

Гьединго цо-цоязда кколеб батани, бигьаго букӏунин контракталда рекъон хъулухъ гьабизейилан, букӏунаро. Мун курорталде квана-гьекъезе гуро ахӏун вугев, кодобе ярагъги кьун ватӏаналъул хӏинкъи гьечӏолъи цӏунизе ахӏарав чи вуго. Бокьараб мехалъ рагъдеги ккезе бегьула мун, захӏматал шартӏазда гӏумру тӏамизе хӏадургоги вукӏине ккола», — ян абуна Хӏусен Гӏумархӏажиевас.

Рахчарулел щалха ругел?

Армиялдаса лъутанхъулел гӏолохъаби гӏемерлъулел ругилан гьес кьураб баяналъ щакдараби рижизаруна. Щай абуни, гьелъул гӏаксалда, ахираб анцӏгониги соналъ чанги гӏолохъанчи гӏарзахъдулев рагӏулаан вачунев гьечӏила жив армиялде, чанго нухалъ рагъулаб комиссариаталдасаги нахъчӏванилан. Гьеб суал кьуна дица Хӏусен Гӏумархӏажиевасе.

«Чанго соналъ цебе гьедин букӏун батанигицин, гьанже хӏакъикъат батӏияб рахъалде хисулеб буго. Нилъер республикаялдаса армиялде ахӏизе рихьизарурал чагӏазул къадар 5-6 азарго чи вукӏун ватани, исана гьеб 10 000 чиясде бахинеги рес буго. Гьеб жеги официалияб баян гуро, армиялде ахӏиялъул тадбир байбихьарабго, республикаялъул рагъулав комиссарас мухӏканго бицине буго чан чи исана ахӏизе вугевали. Амма хъулухъ гьабизе бокьарав чи нахъчӏвазе нижеда ракӏалда гьечӏо.

Тӏоцебесеб иргаялда, цӏар чӏвазе буго тӏадегӏанаб лъай щварал, автомобиль бачине изну кьолеб документ бугел гӏолохъабазда, хадусеб иргаялда гурони, 18 сон барал къабул гьаруларо. Гьелъие гӏиллаги буго. Нилъер пачалихъалъул рагъулаб къуват цӏияб техникаялдалъун ва къуват тӏокӏаб яргъидалъун хьезабун цебетӏолеб буго, гьеб кинабго хӏалтӏизабизе хӏажалъула лъайги махщелги камилал гӏолохъаби», — ян бицана рагъулаб комиссариаталъул вакилас.

Контракталда рекъон, хъулухъ гьабизе бокьарал чагӏаз хӏадуризе кколел документазул ва цогидалги шартӏазул бицана Сергей Новиковас. Аслияб куцалда гьез хъулухъ гьабизе буго Ростов, Астрахань, Ставрополь, Волгоград шагьаразда ва Крымалда.

Цо студентас бицана армиялде витӏиларедухъ гӏарацги кьун, рагъулаб билет гьабун букӏанин эбел-инсуца жиндие (унтарав вугилан). Гьанже гьединаб документгун жив кивениги хӏалтӏуде восулев гьечӏила, контракт хъвазе бокьани, кинаб нух жиндир бугебин гьикъана гьес.

Кигӏан кӏваниги, хӏалихьатаб иш гьабун бугилан абуна гьесда Хӏусен Гӏумархӏажиевас. Контракт хъвазе бокьун батани, гьеб рагъулаб билетгун цин мун вачӏине кколин рагъулаб комиссариаталде, гьеб хӏакъикъияб гуреблъун тасдикъ гьабизе. Гьелдаса хадур гьарулел тадбирал рукӏунин, гьелги тӏуран бегьулила контракт хъвазеги.

Чанго батӏиял суалал кьолел рукӏана студентаз комиссариаталъулазе. Мисалалъе, цояс рехсана армиялда хъулухъ гьаби бусурбанчиясе карагьатаб бугилан динияб гӏелму цӏаларал чагӏаз загьир гьабулеб пикру. Гьединлъидал исламалъул тӏалабазда дандекколеб куцалъ хъулухъ гьабизе бегьулел бакӏал ругищилан гьикъана гӏолохъанчияс.

Ругилан жаваб кьуна гьалбадерица.

Гьединго цебе гӏемераб ахӏи-хӏур букӏунаан армиялда нилъер гӏолохъабаз гьарурал гӏорхъолъа рорчӏарал ишазулги.

Амма ахирал соназда гьединал хӏужаби бицине гӏураб къадаралъ гӏемер гьечӏин, гьединлъидал бокьараб бакӏалде хъулухъ гьабизе ритӏизе бегьулел васал ругин нилъерилан абуна подполковник Хӏусен Гӏумархӏажиевас.

Армиялде гӏолохъаби ахӏиялъул тадбир нилъер республикаялда тӏобитӏизе буго апрелалъул авалалдаса 15 июлалде щвезегӏан.