Жакъа къварилъиялъ къвал бан бугони, метерисеб къоялъ гӏатӏилъи бачӏуна. Рохелалъ хисула пашманлъи. Жакъа дица гара-чӏвари гьабулев чиясги нахъа тана батӏи-батӏияб кьералъул гӏумру. Гьал къояздайин абуни гьес тӏубала 70 сон. Щивха кколев гьев, Муса Азаев?
Кинабго букӏана Мусал гӏумруялъулъ. Сонгицин – халкъазда гьоркьосеб Гӏали Гӏалиевасул тӏоцебесеб гугариялъул рахъалъ турниралда, 57 килограмм цӏайиялда, тӏоцевесев чемпион вахъанин бахъараб гьаркьица, битӏахъе дандерижиялъ зобал гъугъазарулел ругин кколаан. Къого сонил ригьалде вахинчӏеб Мусал бергьенлъиялъе тӏадегӏанаб къимат кьуна мунагьал чураяв Гӏали Гӏалиевасги. Гьеле гьелдаса нахъе чорхолъ бугеб цӏаги жиндирго цӏарги ясбер гӏадин цӏунана гьес.
Ана сонал, сверана дунял. Тӏадегӏанаб лъайги босун вачӏана инсул росулъе. Адаб-хӏурматалда къабул гьавуна гӏагараб Дилималъ. Батӏияб къагӏидаялъ букӏине ресги букӏинчӏо. Абула кутакалда захӏматго букӏунин гӏумруялъго живго жиндаго релълъарав инсанлъун хутӏизе. Мусайин абуни хутӏана хиси гьечӏевлъун, сундуего хилиплъичӏо гьев.
— Дица гьабулеб хӏалтӏиги, тӏаде босараб ишги намус бацӏцӏадго тӏубаялда цадахъ букӏине ккола гӏаданлъиги. Гьеб кинабго куцазе ккола сверухъ ругезулъги, — ян гӏемер такрар гьабула Мусаца.
Институталда щвараб лъаялда рекъон, Дилим росдал тӏоцебесеб школалда физкультураялъул дарсал кьезе байбихьана Мусаца. Байбихьана гугариялъе лъимал куцазе.
— Къваригӏун букӏана база гӏуцӏизе. Букӏинчӏо гӏадатияб бугониги гугарухъабазул зал, гъоркь тӏамизе ургу, гьеб лъезе бакӏ. Нечараб хабар бугониги, хӏажатханаби рукӏарал бакӏалги риххун, гьабуна гугарухъабазул ургу лъезе бакӏ. Гьединаб бакӏалда куцана СССРалъул чемпионлъун вахъарав Мухӏамадгӏазизов Гӏазиз.
Бихьана киназдаго Мусал хӏаракатчилъи. Кӏиго-лъабго сонил болжалалда жаниб СССРалъул чемпион куцазе кӏварав чиясе, гугарухъабазул школа Дилималда рагьизе хӏалкӏун кумек гьабизе кколин кӏалъана Олимпиялъул хӏаязул чемпион Загъалав Гӏабдулбегов. Гьесулго рахъ ккун рагӏи абуна щуцӏул Дунялалъул чемпион Гӏали Гӏалиевас. Росдал школалда мугӏалимлъун хӏалтӏизе вачӏараб къоялдаса нахъе, анищлъун букӏараб, лъималазулгун гӏолилазул спортивияб школа рагьана Дилималда 1974 соналда. Гьелдаса нахъе ана 46 сон. Гьеб болжалалда жаниб Казбек районалъул лъималазулгун гӏолилазул спортивияб школалъ, Муса Азаевасул нухмалъиялда гъоркь, куцана халкъазда гьоркьосеб спорталъул кӏиго мастер, анцӏгониги СССРалъул мастер, 15 Россиялъул мастер. Гьезда гьоркьор руго Европаялъул чемпион Сулайман Гӏамиралиев, Дунялалъул чемпионаталда гӏарцул медаль босарав Заирбег Музаров, лъабцӏул халкъазда гьоркьосеб гугариялъул рахъалъ Гӏали Гӏалиевасул цӏаралда бугеб турниралъул чемпион, Иван Ярыгинил Гран-при турниралда бергьенлъи босарав Гӏумар Гебеков. Гьел бергьенлъабазул хӏасилазе гӏоло Муса Азаевги мустахӏикълъана «ДРялъул мустахӏикъав спорталъул хӏалтӏухъан» абураб цӏаралъе, щвана «РСФСРалъул лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан» абураб шапакъатги.
— Муса, спортивияб рахъалъ гуребги, дуца гӏемераб хӏаракатчилъи бихьизабуна ва бихьизабулебги буго жамгӏияб хӏалтӏулъги. Цо кидаялиго хабар ккедал, дуца бицун букӏана тӏоцебе районалда ополченцазул къокъа гӏуцӏарав чи мун вугин, гьебги букӏанин 2003 соналъул февраль моцӏилан…
— Дудаги ракӏалда батила «демократияйин» абураб рагӏиги кьочӏое босун, Ленинаул росулъ 1992 соналда гӏавухъазул район гӏуцӏиялда хурхун чачаназулгун алмахъазул букӏараб багъа-бачари. Доб заманалдаго бичӏчӏулеб букӏана гьеб гӏададисеб иш гуреблъи. Гьединал лъугьа-бахъиназул хӏисабги гьабун ккараб хӏукму буго ополчениялъул къокъаби гӏуцӏи. Гьенирги мекъи ккечӏо. Байбихьуда цо къокъа гӏуцӏун букӏана Дилималда, хадуб – Калининаулалдагун Ленинаулалда ва Буртунаялдагун Алмахъалда. Ополчениялъул гьел къокъаби гӏуцӏиялъе кумек ккана 1990 соналда гӏуцӏун букӏараб имам Шамилил цӏаралда бугеб халкъияб фронталъулги. Доб заманалда дун вищунги вукӏана гьеб фронталъул председательлъун. Гьабураб хӏалтӏиги гӏадада ккечӏо. 1999 соналда ккарал лъугьа-бахъиназе хӏалае батана.
— Дида рагӏана дуца РФялъул президент Владимир Путинида, Болъихъе гьев вачӏиндал, абурал рагӏаби, ай абуна гьадин: «Владимир Владимирович, мы тогда в 1999 года ботлихцам на помощь прибыли до зубов вооружёнными. Заранее купленное оружие нам пригодилось здесь на войне», — ян. Гьел рагӏабаз кумек гьабун батила дуе гьесда аскӏов гӏодов чӏезе ва нусго грамм борхизе?
— Нусго граммин абуни битӏун буго, амма щиб доб истаканалда жаниб букӏарабали дидаги президентасдаги гурони лъаларо. Гьесда аскӏов чӏезавиялъе кинаб гӏилла ккарабалиги дида лъаларо. Букӏун батилаха Аллагьасул хӏукму.
— Гӏатӏилъиялдаго цадахъ пашманлъиги камуларин абула. Дурги гӏумруялъулъ рукӏана ракӏбакъваял, камиял. Лъикӏлъулареб ругъун лъун буго жакъаги дур рекӏелъ, гӏумруялдаса гӏолохъанго дур вас Гӏали ватӏалъиялда бан…
— Дин ккурав, мекълъи-тӏекълъи бокьуларев вас вукӏана Гӏали. Щибха гьабилеб, гьелъиеги цо гӏилла батила Бетӏергьанасул. Гьеб къваридаб къоялдаса нахъе байбихьана дица назмаби хъвазе, дирго къварилъи къватӏибе гьурщизе. Дунялалъулго тӏагӏам хвана. Хӏукму гьабуна Гӏалил цӏаралда мадраса базе. Дун гьедигӏан буголъиялъул, магӏишаталъул рахъалъан бечедав чиги гьечӏо, бугониги тӏаде босана кӏудияб хӏалтӏи. Тӏадегӏанав Аллагьасул кумекалдалъун лъабтӏалаяб, 200 мутагӏиласе цӏализеги, рега-рахъинеги, квана-гьекъезеги ресал ругеб мадрасаялъул мина бана ва гьеб хӏалтӏулеб бугелдаса микьгониги сонги буго. Дагьаб ракӏ парахалъараб гӏадинги ккана.
— Баркала, Муса. Тарихалдалъун гӏезегӏан бечедаб гӏумру нахъа тана дуца. Сахлъиги къуватги кьеги дуе, гӏадамазе гьабулебщинаб рагӏалде бахъинабиялъе.