«…Такъия къотӏулеб
къвакӏчармил хвалчен
Къотӏарабищ бетӏер
гирманиясул.
Кьалул майданалда
дуде хӏал ккани,
Хӏалае ячӏине дун хӏадур йиго.
Вай, чӏегӏераб сардилъ
щолеб шагьримоцӏ,
Чӏалгӏун йигин абе
дун Гъобзаласда.
Дунги йигин абе
дир гьудуласда
Кӏазил рагӏалалда
магӏил хӏорги чӏун…»
Рагъ байбихьараб заманалда кӏиго лъагӏелцин букӏинчӏо гьал кочӏол мухъазулъ рехсолев Мачӏадаса Гъобзаласул яс Патӏиматил. Инсул сипат ясалъул рекӏелъ хутӏичӏо, гьев рагъда къанщана. Патӏиматил ракӏалдещвеяз рагьулеб буго лъимерлъуда рекӏелъ тарал лъалкӏал.
Хурибе хьазецин хьон букӏинчӏо
Дир гӏелалъул лъимал, хехго кӏудиял гӏурал, захӏмат хӏехьолел рукӏана. Бергьенлъиялъул хабар щун рохел рещтӏаниги, гӏемерисев чи вукӏана кӏудияб ресукълъиялда. Ролъул хинкӏ, чед кваназе щвани — гьеб букӏана цӏакъ кӏудияб рохел. Нижер эбелалъ щиб-щибниги букъун, бича-хисун ракъи бихьизе течӏо лъималазда.
Цӏоросаролъил хӏокӏ, куракул пурчӏун бекун, хъирщун хутӏараб хъалгицин ххенолаан гьабихъ. Гьелда ханждал хъатги жубан, буцун къанида бежулеб чадида цо-цо нухалда цӏа рекӏунаан, тӏадагьлъиялъ. Черх бацине бугебги ретӏел рукъалаби гӏемерлъиялъ, кинаб кьералъул ххамил, сундул гьабурабали лъалареб букӏана.
Къаси нартил чирахъалъул канлъухъе хьвацӏаги гъоркь ккурал буртинадул хьитал гьарулаан руччабаз. Нижер эбелалъулги букӏана гьелъие махщел. Гьединалгицин хьитал щвечӏого, жибго къехь хӏатӏида жемулелги рукӏана гӏемерал.
Тӏагӏамалъе цӏам, чирахъалъе нарт босизе лъелго Шурагьире, Гӏанжиялде унаан. Рагъде ун рокъов бихьинчи хутӏичӏел руччаби-лъималазе букӏана кӏудияб къварилъи.
Ракъун, свакан ругониги, хӏалтӏуе квалквал ккезе толароан. Къаде кваназе, хӏухьбахъизе рокъоре рачӏинчӏого, тӏубараб риидалил къоялъ магъилъго рукӏунаан руччаби. Ресалда рекъон рокъоса цадахъ босараб къадеквен киназго дандбалаан. Бищунго цӏакъаб нигӏмат гӏадин тӏагӏамалда, тӏаде лъимги гьекъон, кваналаан гӏатӏал, ролъул хинкӏ-чед нисугун цадахъ.
Рикъзи къанагӏалъаниги,
ракӏал гӏатӏидаб заман
Рагъдаса хадуб бохдузда бахъун чӏолеб букӏана улкаялъул халкъияб магӏишат. Кваникълъигун ратӏликълъи бугониги, гӏадамал рукӏана цоцалъ хӏал рекъарал, ракӏал гӏатӏидал, аваданал.
Рикъзи къанагӏатаб заман бугониги, ригьин гьабулаан жамагӏатго бакӏарараб сухӏматги гӏуцӏун. Щибаб хъизамалъ жидерго ресалда рекъон, чедгун нису кьунги, берталъе щванщинав чи кваназавичӏого толароан. Рокъор лъимал ругел улбуз цадахъ босулаан жидецаго кванан хутӏараб чадил кесек. Кигӏанго цӏакъ рокъоб къварилъи бугониги, яхӏалъ гьеб къватӏиб лъазе толев чиги вукӏунароан.
Цо чанго соналдаса щиб-щибниги къайи-цӏа бачӏана тукабазде бичизе, баккана ххам-чит, палатӏний (штапель), росизе щолаан резиналъул калощал, хӏебтил хьитал. Палатӏноялъул гурде щварав чи чӏухӏарав чи вукӏана. Резнил калощал, цӏвакарал жалги рукӏун, берталъги-жоги ретӏунаан, чӏухӏарал хьиталлъун рикӏкӏунаан гьел. Гьеб букӏана магӏишат-яшавалъе бигьалъи бачӏараб, жидецаго гӏезарурал нигӏматазул гьуинлъи чӏвараб заман.