Цӏибараб мина, гӏолохъанай лъади Патӏимат, дадайин абизе гӏечӏев вас Мухӏамад — миллионал цогидазулго гӏадин, лъукъана рагъалъ цоги гӏолохъанаб хъизаналъул талихӏ.

1940 соналда армиялде ана, гьенисаги рагъде витӏана Шамил районалъул Гӏасаб росулъа Хизри Гьитӏинамухӏамадов. Лъагӏел сверилалде тӏаде швана чӏегӏербараб ругьел.

Рагъдаса вуссинчӏев росасул цӏаруе хилиплъичӏого гӏезавуна Патӏиматица вас. Чӏахӏ кванан рухӏ хвасарлъарал улбузул лъимал хехго кӏудиял гӏуна. Рагъул ругъналгун тӏадруссарал ракьцоял рихьигун, руссинчӏого бидул хӏоринир кьалул майданалда хутӏаразул бицен рагӏарабго, Хизрил Мухӏамадилъги щулалъулеб букӏана «дун хирурглъун вахъина» абураб пикру.

Къахӏиб росдал школа-интернаталда гьоркьохъеб лъайги щун гьев цӏализе лъугьана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде. Цӏали лъугӏидал, 1969 соналдаго Мухӏамадида тӏадкъана Цӏумада районалъул санэпидстанциялъе нухмалъи гьабизе. Ункъо соналдасан, медицинаялъул гьоркьохъеб лъай щварай хъизан Алжанатгун, гьев вачӏана жиндирго районалъул централияб больницаялде хӏалтӏизе. Хирургасул махщалида цадахъго Хизроевас гӏемерал соназ нухмалъана райбольницаялъул рентгенологиялъеги, жеги тӏубазабулеб буго тохтур-онкологасул хъулухъги.

Букӏуна мех бачӏинахъего дару-дарманалъ унтарасе кумек гьабулареб, тохтурасул недегьаб калам хӏажатаб. Гьединав чиясул къварилъи, ургъел бичӏчӏулев, кӏваркьун гӏенеккизе лъалев, сабурав, ракӏбатулеб рагӏи бицунев, гӏажаибго берцинаб гӏамалалъул инсан вуго Мухӏамад.

Захӏматаб масъала буго 80 сонил гӏумруялде вахарав чиясул махщалил, щварал шапакъатазул ва 52 соналъ цадахъ гӏумру тӏамулел рос-лъадул хӏакъалъулъ гьитӏинабго макъалаялда хъвазе. Къокъго абуни, тохтурзабазул хъизанин абизе бегьула Хизроев Мухӏамадил тӏолабго наслуялдаго. Гьев бищунго разияб бечелъилъун батила гӏадамазе пайдаяллъун рахъарал щуялго лъимал — ункъо яс ва цо вас. Гьезулги ункъоял — тохтурзаби. Жакъа гьел киналго руго мисал босизе мустахӏикъаб даражаялда, улкаялъул, республикаялъул сахлъи цӏуниялъул идарабазда, муниципалиял хъулухъазда хӏалтӏулел.

Ракӏчӏараб божилъигун уна ракьцоял, Москваялъул академик В. Шумаковасул цӏаралда бугеб Россиялъул миллияб сахлъи цӏуниялъул цӏех-рехазул централда хӏалтӏулев вугев хирург, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат Хизри Хизроевасухъе кумек гьарун. Риидалил заманалда хӏухьбахъизе яги жиндирго къваригӏелалъ ватӏаналде щведал чанги унтарасул мурад тӏубала гьес.

ДРялъул мустахӏикъав тохтур Мухӏамадица чанги ракӏалде щвезабула жиндирго лъимерлъи, балугълъи, жиндие гӏоло эбелалъ баччараб къварилъи. Гьес такрар гьарула эбелалдаса рагӏарал, рагъде унаго инсуца абурал рагӏабиги:

«Ячун чӏужу тана,

гьавун вас тана,

Жеги цӏа бакичӏеб

цӏияб рукъ тана».