Гӏорцӏараб, цулъараб, пахруяб, жидерго умумузулцин гӏумру лъазе тӏалаб гьабулареб наслу бихьидал пашманлъула ракӏ.
«Дий доб мультикалда бугеб расанкӏо босе! Гьал ясикӏаби чӏалгӏана, цогидаб босе, «Беби бон» бокьун буго. Гьеб тайпаялъул гьоркьохъеб цо ясикӏоялъухъ кьолеб гӏарац чадил багьаялде бикьани 70 буханкаялда бащалъула.
Лъимаде цӏикӏкӏараб рокьи — бокьанщинаб боси, эбел-инсуе цӏаргун рецц. Ратӏлил, расанкӏабазул цӏун руго хъурщаби, шкафал.
Хӏалтӏул къоялъул ахиралда ясли-ахалдаса рачине рачӏиндал данде рекерула: «Дада, баба, щиб дие жакъа босараб? Рилълъа тукаде…», — эркенаб гӏумру, телефоналъулгун магьари лъураб гӏел.
«Щуйилаб босани, курорталде вачина, кӏийилаб хисани, велосипед босила…» — дармиде буссараб тарбия, ричун росулел къиматал, дипломал, хъулухъ…
Нагагьаб лъимер буго тӏехьалде, тӏабигӏаталде рокьи бугеб.
— Баба, маргьа цӏалеха дие?
— Дуе тӏахьал цӏализе заман гьечӏо, мультикалъухъ балагье.
— Дада, рилълъаха тӏабигӏаталде, лъарал рагӏалде.
— Щиб гьениб бугеб? Дица нуж «детский городокалде» рачина качелабазда рекӏине. Гьедин лъукъула лъавукъал эбел-инсуца, лъимадулъ тӏирщун бачӏунебги лъикӏаб тӏор. Гьезул заман гьечӏо умумузда бихьараб къварилъи рекӏелъе биччазе, харабазул ракӏалдещвеязухъ гӏенеккизе.
Рагъул заманалъул лъимал, кинаб букӏараб гьезул гӏумру? Гӏемераз бицунищ гьелъул гьанжесел наслабазе? Ракъиялъ гьорон хварал лъималазул хабар харабаца бицунелъул, битӏахъе бецӏцӏула ракӏ. Гьезул кьерилал рукӏана дол…
Кӏудияб Ватӏанияб рагъул сонал. Чӏахӏил чурпаялде хъат ханждалги бан рухӏ хвасар гьабулеб захӏматаб заман. Гӏанкӏудал хоноялда, нахул килоялда лъураб магъало. Хӏикматаб бахӏарчилъиялъул ва къохӏехьеялъул заман букӏана гьеб. Кьалде арал гӏолохъаби гурелги, захӏматалъул армиялъул мухъде лъелго хандакъал рухъизе ритӏарал чанги магӏарул руччаби-ясал нахъ руссинчӏо. Къадекванил бакӏалда, маххул банкаялда жаниб гӏаздал лъимги гьализабун, цӏамулъ лъураб цо-цо ччугӏа кьолеб букӏун буго гьезие кваназе. Гьениса чӏаго руссаразул гӏемераз гӏумруялъ ччугӏа кваначӏо.
Хӏалтӏул бакӏлъиялда рекъон рикъзи щвечӏого загӏиплъун унтарал гьел, гьакида лъун тӏад руссун росулъе ритӏулел рукӏун руго. Цо-цоял нухдаго къадар щун чияр росабалъ рукъиялъулги хӏужаби руго. Хвел гӏемерлъун букӏана росабалъ. Хоб бухъун жаназа букъиги харабаздагун улбузда цадахъ тӏубалаан жеги балугълъичӏел ясазгун васаз.
Пашманаб букӏана магӏарухъ руччабаз магӏу щущалаго балъго ахӏулеб сарин. Гьеб магӏуялъулъ щияй чӏужугӏаданалъ жиндиего къиматаб цӏарги рехсолаан.