Цӏи гьарулел руго

нухалгун кьоял

Цӏуриб-Арчиб нухлул тӏоцебесеб километралда къокъаб заманалда жанир гьарун рагӏалде щвана хъил тӏеялъул хӏалтӏаби. Гьеб ишалъе цебехъанлъи гьабуна районалъул нухазул идараялъул нухмалъулев Исмагӏил Мусаевас. Анцӏ-анцӏ соназ районалъул гӏадамазе ва гьалбадерие кӏудияб хӏинкъи букӏана гьеб нухдасан хьвадиялъе. Ахир-къадги тӏубана киназего гӏахьалаб анищ. Жакъа къоялде гьел нухал гӏатӏид гьаруна, тӏун лъугӏана хъил, цӏигьаруна лъим чвахиялъе рогӏрал ва щулалъиялъул къедал.

Районалъул захӏматчагӏаз ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабулеб буго гьеб ишалъе гӏарцул сурсатал риччарал «Дагъавтодоралъул» нухмалъулезе, ремонтал гьаризе бажари бихьизабураб районалъул нухазул идараялъул нухмалъулезе. Къарал гӏурудаса бан рагӏалде щолеб буго цӏияб кьо. Гьеб ккола Чӏарада росдада аскӏосан унеб Цӏуриб-Гьочоб нухазда гъорлъе.

Лъим бачиналъе хӏаракат

Дагьаб цебе Чӏарада росулъ гьарун рагӏалде щвана цӏияб лъим бачиналъул хӏалтӏаби. Захӏматал тӏабигӏиял ва хасалил шартӏазде балагьичӏого, росдал администрациялъ лъикӏаб жигарчилъи гьабуна гьел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе. Гьеб баракатаб хӏалтӏуе гӏарцул кумек гьабуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат М. Сагӏадулаевас.

Гьединабго манзилалда Гьочоб росулъги цӏияб лъим бачиналъул хӏалтӏаби рагӏалде щвана. Гӏарцулаб кумек гьезие гьабуна Дагъистаналъул хӏукуматалъ. Районалда хадурккунги гьаризе хӏисабалде росун руго нухал гьариялъул ва лъим бачиналъул хӏалтӏаби.