Советияб армиялдаса тӏадвуссаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан дица кидаго подписка гьабуна нилъер республикаялъул «Багӏараб Байрахъ», гьанже «Хӏакъикъат» ва районалъул «Гӏияхъан», гьанже «Чӏарада» газетазе.
Дун почалда хӏалтӏана 18 соналъ. Гьеб заманалда гӏадамаз хъвалаан гӏемер батӏи-батӏиял газетал. Ракӏалда буго, 90-абилел соназ «Хӏакъикъат» газеталъул тираж цохӏо Чӏарада районалда бахунаан 1800-1900 экземпляралде, «Гӏияхъан» газеталъулин абуни – 3500-ялде.
Кинал нилъ магӏарулал рукӏунел нилъер мацӏалъулги газетазулги хӏурмат гьабуларел? Хал гьабе нужеца, «Хӏакъикъат» газеталъул подпискаялъухъ бащдаб лъагӏалие уна 500 гъурущ, «Чӏарада» газеталъухъ — 250 гъурущ. Харж бугел чагӏазе, пенсионеразе гьеб гӏарац цо лъагӏалида жаниб кӏудияб къадар кколаро.
Советияб заманалда нилъер район подпискаялъул рахъалъ Дагъистаналда букӏунаан 3-4-абилеб бакӏалда.
Гьабсагӏат «Хӏакъикъат» газеталъул редакторлъун хӏалтӏулев Гӏумахан Гӏумахановасухъа къокъабго заманалда жаниб бажарана газета гӏадамазе рекӏелъ босараблъун гьабизе. Гьелдаса бихьулеб буго гьев чиясул нилъер Ватӏаналде, магӏарулазде, мацӏалде бугеб рокьи, миллаталъего лъикӏлъи гьабизе бугеб хӏасрат. Щиб лъугьараб цо миллионалде гӏагарун чи вугеб магӏарул миллаталъе? Щай нилъ кӏвахӏаллъулел анкьие нилъер умумузул мацӏалда бахъараб цо-кӏиго газета цӏализе, щай барахщулел дагьалго гъурщазда?
Гьабсагӏат Дагъистаналда «Хӏакъикъаталъул» тираж щуазаргоялде гурони бахун гьечӏо, цӏакъго дагьлъун руго райгазета хъвалелги. Гьедигӏанаб къадар газетазул кӏола 3-4 районалда хъвазе.
Дица рикӏкӏуна нилъ рухӏияб рахъалъ нахъе кколел ругин. Культураялъул гъасда цӏакъго кӏвар бугеб кколеб газеталъе подписка гьабичӏого кинго тӏубаларо. Щибаб хъизамалъ хъвазе ккола магӏарулазул аслияб газета ва жидерго районалъул газета. Гьадигӏанго кӏвар гьечӏел нилъеда кинан кӏвезе бугеб магӏарул мацӏ цӏунизе? Лъималазда, лъималазул лъималазда гӏагараб мацӏ лъачӏого хутӏизе кӏудияб хӏинкъи буго жакъа. Рачӏа, магӏарулал, нахъе тӏамичӏого, киназго цадахъ районазда, росабазда гьоркьоб къецги ахӏун, «Хӏакъикъат» ва нилъерго бакӏалъулал газетазе подписка гьабизе. Нуж божа, гьелдалъун кӏудияб квербакъи букӏина жалго газетазул коллективазе гуребги, тӏолабго нилъер миллаталъе! Газетал гӏуцӏулелги кидаго ратизе руго халкъалъе хӏажаталъур.
Рахьдал мацӏги цӏуне, магӏарул газеталги хъвай!