Республикаялъулго гьумер берцин гьабулеб буго нилъер маданияталъул гьунарчагӏаз. Гӏагараб ракьалда кьучӏги лъун, гӏатӏилъухъе боржараб чӏарадисезул хоралъ, чӏагояб гьаракьалъ бакъан биччалел кочӏохъабаз, фольклоралъул гӏахьалчагӏи церерахъиналъ бечед гьабула кигӏан кӏудиябги тадбир.

Чӏарадисезул хоралъул гьунар бихьизе рес щолеб буго республикаялъул батӏи-батӏиял районазул, шагьаразул гӏадамазе. Гьаб гӏагараб заманалда, жидерго концерталъул программагун чӏарадисезул хор гӏахьаллъана Избербашалда, Хьаргаби районалда, Махӏачхъалаялда тӏоритӏарал тадбиразулъ.

Дагьалъ цебе Авар театралда букӏараб магӏарул мацӏалъул фестивалалда гӏахьаллъи гьабуна нилъер районалъул культураялъул ва искусствоялъул хӏаракатчагӏазул кӏудияб къокъаялъ. Гьелдаса кӏудияб разилъиги загьир гьабуна фестиваль гӏуцӏараз, Магӏарулазул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъ.

Автономиялъул рахъалдаса баркалаялъул кагътал ва сайгъатал кьуна районалъул бетӏер Мухӏидин Мухӏамадовасе, чӏарадисезул хоралъе, ДРялъул мустахӏикъай артистка Жавгьарат Хӏасанхӏусеновалъе. Магӏарулазул автономиялъ щибаб лъагӏалие кьолеб бищунго тӏадегӏанаб «Миллаталъул чӏухӏи» шапакъаталъе исана мустахӏикълъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, меценат Мухӏамад Сагӏадулаев, тарихалъул гӏалимчи, публицист Шагӏбан Хӏапизов (Маркъо Шагӏбанов)

Баркула къадруял ракьцоязда тӏадегӏанал шапакъатал.