22 февралалда Чӏарада районалъул Гьилиб росулъ вилана лъабго сон барав вас. Кватӏичӏого васасул эбелалъ ахӏи бана районалъул полициялъул отделалде.
Вас валагьизе журана гӏемерал чагӏи – районалъул СЧСалъул ва Дагъистаналъул МЧСалъул хӏалтӏухъаби, Чӏарада, Болъихъ, Лаваша РОВДязул кинологал, хӏалтӏухъаби, районалъул росабазул гӏадамал, «Лиза Алерт» хвасарлъиялъул отрядалъул волонтёрал. Гьединал къояз бихьула нилъер халкъалъул гъунки, цолъи.
Тӏоцебесеб къоялъ вас вугеб бакӏалде тӏаде ккечӏо. Хадусеб къоялъул къалъул гӏужалда, росдадаса 2,5 километралъ рикӏкӏада бугеб рохьил ахалъуда, гӏазу гьечӏеб гӏурдал бокӏонги балагьун, гьенив кӏусун ватана гьитӏинав Къурбан. Гьесул хӏатӏал, кверал, гьумер квачалъ цӏорозарун ругоан. Гьеб бакӏалдаго байбихьана тохтурзабаз васасе кумек гьабизе. Хадуб санитарияб вертолетги ахӏун, вас витӏана Махӏачхъалаялъул лъималазул клиникияб больницаялде. Гьабсагӏат васасул сахлъиялъе хӏинкъи гьечӏо. Гьеб лъугьа-бахъиналъул пикруги гьабун, бокьилаан киналго эбел-инсуца лъималазда хадуб халкквей цӏикӏкӏинабуни.