2017 соналда Ленинкенталъул №35 гимназиялде щвана РФялъул лъай кьеялъул министр Ольга Васильева. Гьениб гьабулеб хӏалтӏулгун лъай-хъвай гьабун хадуб гьелъ гьадин абуна: «Дагъистаналда буго улкаялдаго хӏалбихьи тӏибитӏизабизе мустахӏикъаб школа – гьеб ккола Ленинкенталъул №35 гимназия», — ян абун.

ДРялъул ва РФялъул мустахӏикъай учитель, Лъагӏалил директор, РФялъул учитель-методист, «Россиялъул бищун лъикӏал гӏадамал» абураб медалалъе мустахӏикълъарай Чакар Мажидова ккола гьеб гимназиялъул нухмалъулей. Гӏахьвахъ районалъул Тӏукитӏаса гьей цӏалана Буйнакскиялъул педучилищеялда ва Ленинкенталъул №35 школалда хӏалтӏулаго, лъугӏизабуна ДГПУялъул филологияб факультет. 1990 соналдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго рехсараб школалъе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь школалъул гьабуна миллияб профилалъул №35 гимназия. Лъималазул эбел, росасул лъади ва школалъул директор. ТОКСалъул хӏаракаталъул цебехъан, миллияб маданияталъулгун тарихалъул музей, суратазул галерея, республикаялъул ва тӏолгороссиялъул даражаялда тӏоритӏулел къецазул гӏахьалчагӏи — цӏалдохъабигун учительзаби — куцалеб къебелъи. Кин гьебгощинаб хӏалтӏи гьабун бажарулеб чӏужугӏаданалъухъа? Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун щвана Ленинкенталъул №35 гимназиялде.

Кинабго баччула

учительзабазул гъуждузда

Цебегоялдаса нахъе ракӏалда букӏана дур хӏакъалъулъ хъвазеянги абун, аскӏое щведал, Чакар Мажидовалъ абуна: «Кутакалда гьунар бугей директор дун йигин абун дуца хъвани, гьеб битӏун букӏинаро, щайгурелъул директорасул къадру-къимат кидаго бараб букӏуна школалъул коллективалда. Гьеб цокӏалго хӏалтӏулеб гьечӏони, нухмалъулесул пикраби гӏумруялде рахъинарун бажаруларо. Щибаб жоялъе икъбал ккола, гьелъие лъикӏаб кьучӏ лъун бугони. Дир кӏудияб талихӏлъун ккана, Ленинкенталъул школалда хӏалтӏизе ячӏараб мехалда, цо-цоязда гӏанталиланцин ккезе бегьулел рукӏарал дир пикрабазул рахъккуна гьелъул директорлъун вукӏарав Мухӏамад Насрулаевас. Гьаб жо гьабизе ракӏалда ккун бугин абун бицине аскӏое араб мехалда, гьес дие нух рагьулаан, кумекалъе чагӏи ралагьулаан. Школалъеги цӏалдохъабазеги пайдаял ишазулъе жубалаан коллективги.

Нилъер хӏалтӏухъ чи валагьула къватӏисеб рахъги школалъул жанахӏалда бугеб рацӏцӏалъиги, цӏалдохъабазул хьвада-чӏвадиги кьочӏое босун. Гьединлъидал гӏадлу-низамалъул рахъалъ дир рукӏуна кьварарал тӏалабал. Масала, къададаса хӏарщ тӏун бачӏанищ – гьебсагӏатго къачӏазе ккола. Школалда жаниве лъугьарав чиясул берчӏвазегӏан тезе бегьуларо. Киса-кирго рукӏине ккола чӏагоял тӏугьдул – лъимал куцазе ккола берцинлъиялде, тӏабигӏаталъул хаслъиялде ругьунлъараллъун», — ан.

Кагътаз чӏвала аслияб заман

Ленинкенталъул гимназиялъул «хӏубилъун» гьелъул директоралъ рикӏкӏуна гьенир хӏалтӏулел учительзаби. Масала, завучал Хӏайдарбегова Патӏимат ва Гӏабдулаева Аминат.

35 соналъ хӏалтӏулей йиго гимназиялда Аминат Гӏабдулаева. Гьей ккола Чӏарада районалъул Гӏириб росулъа. «Дир кӏудияв эмен вукӏана школалъул директорлъун, эмен – учительлъун. Кӏудада вуссинчӏо рагъдаса. 1985 соналда лъугӏизабуна Буйнакскиялъул педучилище, хадуб – пединститут. Гьабсагӏаталда дун йиго историялъулги обществознаниялъулги рахъалъ завуч. Хӏалтӏи бокьула дие – гӏолохъанал махщелчагӏазда дарс гӏуцӏулеб къагӏида малъизеги, гьезул дарсазде хьвадизеги. Амма гьелдасаги гӏемер букӏуна кагътазул хӏалтӏи. Гьелъ чӏвала заманги.

Нижеца учителасе ихтияр кьоларо интернеталдаса росарал дарсил планал хӏалтӏизаризе. Бокьараб бакӏалдаса босараб букӏине бегьула материал, амма гьеб рекъезабизе ккола пуланаб классалда ругел цӏалдохъабазул даражаялде. Учительзабиги гьелда разилъула. Гьанже киназдаго тӏадаблъун гьабулеб буго электронияб дневник ва журнал цӏезаби. Амма гьединаб журналалде раккулел цӏалдохъабазул эбел-эмен цӏакъ дагьал руго. Гьединлъидал цӏалдохъабазул эбел-инсулгун бухьен гьабулеб аслияб алатлъун хутӏун буго гӏадатияб дневник.

Дир пикруялда, учительлъун вахъине ракӏалде ккарав чияс цин лъугӏизабизе ккола педучилище. Гьанире хӏалтӏизе рачӏунел учительзабазул хӏисаб гьабидал, бихьулеб буго, педучилище лъугӏизабуразул лъай университет лъугӏизабураздаса гӏемерго камилаб бугеблъи.

Батӏи-батӏиял къецазда цӏалдохъаби гӏахьаллъула жидеего бокьун. Масала, пуланаб темаялда хӏалтӏи хъвазе бокьилаанин абула гьез. Гьеб мехалда гьезда малъула, кин гьеб хӏалтӏи гӏуцӏизе кколебали, киса материал балагьизе бегьулебали, кибе сапар бухьинебали. Лъималазул проектазда гьоркьоса бищунго лъикӏал тӏаса рищула ва жеги камилги гьарун, ритӏула конкурсалде. Гьедин букӏана дагьалъ цебе Сталинградалъул рагъул темаялда тӏобитӏараб конкурсалде битӏараб хӏалтӏиги. Цӏалдохъангун цадахъ ниж ана Сталинградалъул рагъул гӏахьалчиясухъеги».

Директоралъул хӏакъалъулъги гьадин бицана Аминатица: «Чакар Мажидова кидаго йикӏана школалъе гӏоло рухӏ кьезеги учительзабазе кумекалъе яхъинеги хӏадурай гӏадан. Хӏалтӏизе бокьуларев чи гьелда аскӏов хутӏуларо. Цо дагьабниги школалъе пайдаяб пикру загьир гьабунищ – гьеб гӏумруялде бахъинабиялъе киналго шартӏал гӏуцӏизе къачӏан йикӏуна гьей.

Цо нухалда дун гӏахьаллъулей йикӏана шагьаралъул конкурсалда. Гьениб дие бакӏги щвечӏого, ракӏбекарай дун щвана директоралда аскӏое. «Дуда ракӏалда букӏун батила, мунгӏан цӏакъав чиго гьечӏин гьаниван абун. Йохъ, гьаб буго шагьаралъул къец. Щибаб школалдаса бищун лъикӏал учительзаби руго гьанир. Амма, дир пикруялда рекъон, гьезул цонигиясукьа къураб лъай гьечӏо дур. Дур гьунаргун бажари бихьизабизе бокьун батани, киналъулго хӏасилги гьабе, гъалатӏазда тӏадги хӏалтӏе ва тӏасияб соналде хӏадурлъе», — ян абуна гьелъ дида. Гьелъ малъухъеги гьабун, тӏасияб соналда бергьенлъиги щвана дие. Гьебго къагӏидаялда куцала къецазде унел цӏалдохъабиги».

Гьелъ гъункизабуна коллектив

Патӏимат Хӏайдарбегова ккола Шамил районалъул Гьоор росулъа. Лъугӏизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Гьелъ бицана гимназиялда хӏалтӏулев щивав учителасда нахъа эхетарай кьуру йигин Чакар Мажидовайилан. П. Мухӏамадовалъ кьола магӏарул мацӏалъулги адабияталъулги дарсал. «Цебе гӏадаб рокьи гьечӏо миллиял мацӏазде. Дица жеги цӏунун руго 15-20 соналъ цере рукӏарал цӏалдохъабазул тетрадал. Мех-мехалда гьел росула дица дарсиде ва цӏалула жакъасел цӏалдохъабазе. Гьел гӏажаиблъизарула дол соназда кочӏодалъун хъвараб сочинение бихьараб мехалда. Гьанже гьединал цӏалдохъаби къанагӏат гурони рукӏунаро.

Гьанже дарсил цӏикӏкӏарасеб заман уна лъималазда мацӏ, рагӏабазул дандраял гӏуцӏизе малъулаго, дандчӏварал рагӏабазул магӏна бичӏчӏизабулаго. Цо цӏалдохъаналъул эбел ячӏана дида аскӏое, жиндир ясалъе рахьдал мацӏалъул дарс захӏмалъулебги бугин, гьей гьелдаса эркен гьаеянги абун гьарун. Аслияб гӏилла букӏана аттестаталда хашаб къимат щвезе бокьунгутӏи. Дица гьелда абуна, цо-кӏиго моцӏалъ дир группаялда те ясин, дир тӏадкъаязе жаваб кьун гьелъухъа бажаричӏони, Дагъистаналъул адабият малъулеб группаялде ячине бегьилин абун. Дица гьей ясалъе кьола хасал тӏадкъаял – гьелъул хӏакъикъияб лъаялде рекъонги ккезарун. Гьанже гьей яс берцинго хӏалтӏула дарсида. Гьаб буго цӏалдохъабазеялдасаги гьезул эбел-инсуе бичӏчӏи кьезе кколеб заман», — ан бицана Патӏиматица.

Гьей ккола «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб ва тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏараб Дагъистаналъул къецалда чӏел босарай магӏарул мацӏалъул учительница. Доб заманалда Россиялъул даражаялда тӏобитӏулароан гьединаб къец. «Патӏиматица куцана Тӏолгороссиялъул къецалда тӏоцересел бакӏазе мустахӏикълъарал учительзаби — Гулишат Мухӏамадрасуловаги Зайнаб Алхуватоваги. Гьезда цадахъ Москваялдеги ана гьей, гьезие сундулъго кумекалъеги чӏана. Гьабсагӏаталда Патӏимат ккола завуч ва гьеб ишги гьелъ тӏубазабула ракӏбацӏцӏадго», — ан бицана Чакарицаги.

Гимназиялде гӏемер щвана дун, дандчӏвана учительзабигун, гӏодой чӏана дарсазда, класстун къватӏисел тадбиразда. Гьединлъидал, ракӏчӏун абизе кӏола, гимназиялъул щивав учитель мустахӏикъав вуго реццалъейилан.