Газетаздагун журналазда хӏалтӏулел чагӏи гӏемер щола рикӏкӏадал росабалъе, дандчӏвала батӏи-батӏиял гӏадамалгун. Гьединаб буго мухбирзабазул хӏалтӏи. Бокьаниги бокьичӏониги, командировкайин абун тӏад хъвараб кагъатгун сапаралъ рахъинчӏого тӏураларо. Гьедин, цо пуланаб росулъе щведал, умумузулго рукӏарал гьалбадерихъе ана сордо базе. Рукъалъул хважаин хваралдаса лъикӏаланго заман ун букӏаниги, гьесул васас дун цӏакъ лъикӏ къабул гьавуна, кваназавуна ва хабар-кӏал бицун хадув вегизе хасаб рукъги бихьизабуна.

Амма гьеб киналдаго цадахъ бичӏчӏулеб букӏана гьезул рокъоб гӏемер парахатаб гьечӏеб ахӏвал-хӏал букӏин. Гьезул рокъов вугебгӏанаб мехалъ гьоболасул васасул лъадиги эбелги цоцада кӏалъалелго рихьичӏо. Жидерго гьоркьоблъи гьез гьоболасдаса бахчулеб букӏинги бихьулеб букӏана дида. Дагьаб букӏунарелъулха нусалдаги якьадалдаги гьоркьоб дандеккунгутӏи. Гьеб ахӏвал-хӏалалде абизегӏанасеб кӏварги дица кьечӏо. Гӏадада гурелъулха умумузулго аби бугеб, якьадги нусги – расаги гӏункӏкӏгиян.

Нусалъул гьари

Нахъияб къоялъ, хъулухъалъул къваригӏелалъ гьебго росдал школалде щварав дида гьений мугӏалимлъун хӏалтӏулей ятана гьалбадерил нус. Жиндир цо гьари бугин дудеянги абун, гьелъ дун цо чи дагьаб бакӏалдехун вачана кӏалъазе. «Я вац, бегьулеб батани, дир цӏарги бихьизабичӏого хъвай газеталдасан якьадзаби кантӏизе гӏадаб цо макъала. Битӏахъе цӏадул корониб гӏадин гьелегьун буго рокъоб ахӏвал-хӏал. Толаро якьадалъ нижер хъизан хӏалхьуда. Гьей угъраш сабаблъун росасдаса ятӏалъизеги бокьун гьечӏо. Гьабулебщиналда тӏад кӏалъала, малъарула, цо щиб бугониги мекъи гьабуни, битӏахъе бода суризаюла, халкъалда рагӏизаюла. Васасги эбелалъул рахъ ккола. Дида гьев вичӏчӏула, эбелалъул хӏурмат рехулев чи гьев гуро. Шаргӏилан, динилан чӏарай гӏаданги йиго гьей. Гьелъухъе цо кантӏи бачӏунеб малъа-хъвай гьабизе бегьуларищ нилъерго магӏарул газеталдаса?..» Къокъго абуни, диде божилъиги гьабун, гьединаб мурадалъул калам букӏана гьалбадерил нусалъул.

Якьад кантӏизесегӏанаб гӏакъилаб калам газеталдасан гьабизе гӏураб бажари дирги гьечӏинха, кингӏагидай гьалбадерил рокъобе рекъел рещтӏинабилаян вукӏана ургъулев. Цо талихӏалъ, ракӏалде бачӏана цо кидаялиго цӏалун букӏараб лъикӏаб мисалалъе рехсезе бегьулеб бицен.

Загьру инабе рекӏел тӏиндаса

«Цебе заманалда Китаялда йикӏун йиго пуланай яс. Ригьнаде индал гьелде тӏаде ккун буго росасул эбелалъе хъулухъ гьабизе. Амма якьадалъ щибаб къойил тӏадкъалеб гьир бакӏлъарай, гьелъул малъари рихарай гӏолилалда ракӏалде ккун буго, якьад доб цояб дунялалде йитӏизе. Гьеб мурадгун щун йиго инсул гьудул — хурдуздасан загьру бахъулев местӏерасухъе. Бицун буго гьесда рокъоб бугеб къварилъи. Дуца абураб гӏарацги кьелин, инсул рухӏалъе гӏологӏаги жиндие кумек гьабейилан гьарун буго ясалъ.

Валлагь, гьабилин, щайин гьабуларебинги абун, местӏер цин лъикӏго ургъун вуго ва гьадин малъун буго: «Гӏенеккея, дир яс. Дица хӏадур гьабураб загьруги кьун гьей хвани, гьеб дур хӏалтӏи букӏиналда гӏадамал щаклъизе бегьула. Гьединлъидал дица хӏадур гьабила загьруяб чӏахӏ-хер, дагь-дагьккун гьелъул чорхолъ унти ккезабулеб ва лъагӏалидасан холеб. Гьеб мехалда дуде щивго щаклъизе гьечӏо. Гьаб хер дуца дагь-дагьккун гьелъие кьолеб кванилъе бай. Амма гьеб загьру кьолеб заманалда жаниб дуца гьелъ малъарабги гьабе, гьейгун берцингоги кӏалъай, дурго эбелалъул гӏадин адаб-хӏурматги цӏуне».

Гӏолилай гьеб шартӏалда разилъула ва местӏерас кьураб загьруги босун рокъое щола. Гьес малъухъе хьвадула ва зама-заманалдасан гьелъул кванилъе «загьруял мугьалги» ккезарулаго, цӏакъ адабалда йикӏуна.

Нусалъул гӏамал хисун букӏин бихьидал, якьадалъги дир ясилан гурони гьелда абуларо ва щиб лъикӏлъи гьелъие гьабилебали лъаларого гьейги йикӏуна ккара-ккаралъуб нус еццулей. Палхӏасил, бащдаб лъагӏелгӏанасеб заманалда жаниб, битӏахъе эбелалдаги ясалдаги гьоркьоб гӏадаб рокьи щулалъула гьезулъ.

Цо къоялъ гӏолилай местӏерасухъеги ячӏун, якьад хвасар гьайизе дару гьабейин гьардола. Жинца кьураб загьруялъул хӏасилалда гьей хвезе бокьун гьечӏин, гьелдаса лъикӏай якьадги дунялалдаго ятиларин кӏалъала нус.

Михъилъеги гьимулаго местӏерас гӏолилалда абула расги ургъел гьабугейин, дица духъе кьураб жо загьру букӏинчӏин, щибго зарал гьечӏеб чӏахӏ-хер букӏанин. Загьруйин абуни букӏанин дур рекӏелъ ва дуцаго мунго хвасарги гьаюнин.

«Дунгоцин гурищ гӏайибияй?»

Гьаб тӏадехун рехсараб биценги хъван, ккараб ккун букӏиниланги абун, дица кагъат битӏана гьоболасул васасул лъадул цӏаралда. Лъикӏаланго заманги ана гьелдаса нахъе, дида гьеб лъугьа-бахъинги кӏочон тана. Гьанже вахъун гьаб макъала хъваялъе гӏиллалъунги ккана гьал къоязда дир цӏаралда хъван гьалбадерил нусалъ редакциялде бачӏараб кагъат. Гьелда хъвалеб бугоан: «Хӏурматияв Мухӏамадхӏабиб, дуца дихъе битӏун бачӏараб доб бицен цӏалидал, битӏахъе ццим бахъун лъугьун йикӏана, гьабищинха дие кьезе батараб жавабиланги абун. Амма тӏадюссун чанго нухалда цӏалана ва, щаяли лъаларо, дир ботӏролъ пикраби ххенезе лъугьана. Хӏакъикъаталдаги дунгоцин гӏайибияй йигодаян ккана ракӏалде. Пуланаб къоялъ, якьадалъ цо щибалиго малъидал, валлагь гьабилаха, дир хирияй эбелиланги абун, дица гьелда баана. Гьей цин гьалгъан хутӏана, гьалъие ккараб щибилан йикӏун ятиларищха, хадуб, рекӏеде ячӏараб гӏадинги лъугьун, дир кверазда къочаризе лъугьана. Ниж цоцадаги хурхун лъикӏ мехалда гӏодана ва, жинцаго малъараб гьабизе дунги течӏого, дица гьабила, дир ясиланги абун, дида тӏадкъараб гьабизе жийго лъугьана. Гьелдаса нахъе нижеца цоцазда эбелин, ясилан гурони абуларо. Хӏакъикъаталдаги, диралдаса лъикӏай якьадги дунялалдаго ятиларо. Унгоха, дир рекӏее лъугьараб бигьалъи, унгоха, нижер рокъоб бугеб парахалъи. Мадулгьаллъи урхъун балагьула нижер гьоркьоблъиялъухъ ва нижедаса талихӏаб хъизан цоги бати щакаб буго. Кӏочон тезе бахъана. Дун ригьнаде аралдаса лъабго лъагӏел бан букӏаниги, Бетӏергьанас лъимер кьун букӏинчӏо. Кватӏичӏогойин абуни, дир ясалъ тӏубала моцӏ. Нижеда ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани, мавлид гьабизе. Бокьилаан, цадахъ хъизан-лъималгун гьоболлъухъе вачӏине. Нилъ гьалбаллъидалха. Цоги, дуца дихъе битӏун бачӏараб кагъат дица ясбер гӏадин нахъе цӏунун буго. ИншаАллагь, яс ригьнаде кьолеб къо бихьани, бищун къиматаб сайгъат хӏисабалда гьелъухъе кьела».

Талихӏ бокьарас щайтӏан къезабе!

Гьаб дунялалъул рокъоб халатаб гӏумру тӏамурав ва лъикӏабги квешабги батӏа бахъизе лъарав херав чияс жиндирго васасул васасе насихӏат гьабун абула:

— Щивав чиясул чорхолъ кидаго унеб букӏуна къеркьей, битӏахъе кӏиго бацӏида гьоркьоб гӏадинаб. Цояб бацӏ – гьеб ккола квешлъи, жахӏда, ракӏ хъублъи, гьереси, хӏилла-рекӏкӏ. Цогидаб бацӏ – рекъел, рокьи, хьул, хӏакъикъат, лъикӏлъи, ритӏухълъи.

Кӏудияв инсул хабаралъ хагазавун хутӏарав васасул васас абула:

— Ахир-къадги кинаб бацӏха бергьунеб, кӏудада, — ян.

— Кидаго бергьуна дуцаго кваназабулеб бацӏ, — ан жаваб кьола кӏудияв инсуца.