Гьитӏинго кечӏ-бакъаналъе гьунар бугей гӏадан йикӏана Шамил районалъул Ругъелдаса Аминат Давудова. Школалда цӏалулеб мехалдаго гӏахьаллъулаан гьей росулъ тӏоритӏулел батӏи-батӏиял тадбираздаги.
— Доб мехалда сундулго рахъалъ къанагӏалъи букӏана, — ян ракӏалде щвезабула Аминатица.
— Гӏемерисел учительзаби рукӏана къватӏиса рачӏарал. Цӏализе лъикӏай йикӏаниги, хадуйккун цӏализе дие рес щвечӏо. Ясал жалго росу тун къватӏире ритӏулеб гӏадат букӏинчӏелъул. Тӏокӏаб батӏияб хӏалтӏи росулъги щибха букӏинеб, колхозалда хӏалтӏана. Хьихьана колхозалъул боцӏи, хӏалтӏана дояркалъун. Риидалил заманаялъ бецун лъабго тонна харилги кьолаан. Къец бан хӏалтӏулаан киналго, эркенаб заманалда, кечӏ ахӏун нижеего рекӏелгъейги гьабулаан.
Ункъо соналъ дояркалъунги хӏалтӏун, гьей йищана колхозалъул парторганизациялъул секретарьлъун. Гьеб букӏана Аминатиде гьабураб кӏудияб божилъиги. Гьелдаго цадахъ тӏаде бегана жеги жавабияб хӏалтӏиги — йитӏана Кочубеялъул ракьалда бугеб гъутаналде боцӏул фермаялъе нухмалъизе. Лъабго соналдасан ячана магӏарухъ бугеб МТФялъул заведующаялъун. Дол соназ районалдаго церетӏуразулъ рехсолеб Ругъелда росдал колхозалъул букӏана лъабго бригада (Ругъелда, Мусрухъ, Хьиндахъ). Бергьараб бригадаялъе кьезе колхозалъ рихьизарун рукӏана хъвезе оцги цогидал шапакъаталги. Кин кӏочене бегьулеб 10 тонна харилги бецун, оцги хъун, тӏолабго жамагӏатги ахӏун гьабураб байрам. Кочӏол тамадалъун йикӏана Аминатги.
Ракӏ чучиялъе кечӏ гьечӏони, чӏамучӏаб жо буго гӏумруян абула Аминатица.
Гьелде бугеб рокьиялъ ячана гьей 1974 соналда росдал культураялъул рукъалъул директорлъун хӏалтӏизеги. Къокъабго заманалда жаниб гьелда кӏвана умумузул кьурдабазе цӏияб накъишги, церегосел бакъналги гӏадамазухъе кьезе. Цӏияб гугьаргун щвана халкъалъухъе Мирзалалъул, Айзахӏмадил, Атимахӏагӏалил, рукъдалазулаб ва цогидал бакънал.
Аминат гӏемерай гӏахьаллъана районалъул тадбиразда, республикаялъул фестивалазда.
— Бищунго кӏочонареблъун хутӏана Хунзахъ тӏобитӏараб фестивалалда кечӏ ахӏун бахъиндал, тӏогьол гулги босун баркала кьезе Расул Хӏамзатов вачӏараб лахӏзат, — ан бицуна Аминатица.
Къогогӏан соналъ маданияталда гьоркьойги йикӏун, ана гьей мустахӏикъаб хӏухьбахъиялде.
Амма жакъаги къун гьечӏо Аминатилъ кечӏ-бакъаналде рокьи. Махӏаби хӏалтӏуларого йигониги, ахӏаралъуе ячӏинчӏого чӏезе гьелда кӏоларо. Къиматай гьоболлъун йикӏана гьей кӏиго соналъ цебе къелдерил ракьалда тӏобитӏараб районалъул «Рекӏел ахӏи» фестивалалдаги, росдал администрациялъ хас гьабун харабазе тӏабигӏаталда гӏуцӏараб тадбиралдаги.
Гьитӏинай яц Узлипатицагун цадахъ гьез ахӏулеб умумузул бакъаналъ асар гьабуларев чи вукӏинаро.
— Дида лъаларо гьаб гьунар киса дихъе щварабали. Амма дир инсуца цӏакъ берцинго умумузул бакънал рачунаан тӏармида, зурма пузе махщел бугев чи вукӏана мунагьал чураяв эбелалъул вац Атимахӏал Гӏалиги, — ян бицана Аминатица.
Рокъоса къанагӏат гурони къватӏие яхъунарей гӏадан йигониги, жакъаги гьелъул роцӏараб, борхатаб гьаракь хисун гьечӏо. Кинха абилеб некӏсияб бакъаналда рукъ цӏолеб хӏалалъ кечӏ ахӏулей Аминат 87 сонил ригьалде яхун йигиланги.