«Хӏакъикъат» казияталъул бетӏерав редактор Гӏумаханов Гӏумаханихъе
Исана анлъабилеб марталда къватӏибе бачӏараб «Хӏакъикъаталда» бахъун буго «КӏОДОЛ КВЕРАЛ» абураб дир кечӏ. Квербакъарав мун ватилин ккола. Гьениб «Бархатные ручки» крем бихьичӏел» абун хъвараб мухъ «Кверазда бахунеб кремго бихьичӏел» абун хисун хъван буго. Кечӏ «Гьудуллъи» журналалдаги бахъун букӏана. Гьеб цӏалана Хъвадарухъабазул союзалда ругел шагӏирзабаз, хиса-баси гьабизе кколин абулев чи ккечӏо, рекӏее гӏуна. Дица, кагътил бакьулъ лъураб ункъо мухъ хъвазе, ункъого кагътидаса хъвагӏала мухъал. Гьениб гьижа гӏезе хисун батани, цӏихъвараб мухъ дагьабги дандекколареб буго: хӏажат гьечӏо «глубокомысленная риторика». Дун кочӏол гӏуцӏиги, кочӏол мацӏги, кочӏол роценги лъаларев чи гуро, щай абуни, цогидаз хъварабги цӏалулаго, лъабкъого соналъ хъвалеб буго. Жакъа лъицаялиго кочӏол чвахиги магӏнаги мукъсан гьабиялда дун рази гьечӏо. Лъиеялиго рекӏее гӏечӏел «Бархатные ручки» рагӏабиги кочӏолъ рекъон руго. Дун лъугьинаро адабияталъул терминазул кумекалдалъун баян кьезеги.
Гъоркьиса букӏанин ккола, «Хӏакъикъаталда» бахъун бачӏана «Ракӏазул кьаби» тӏохьодаса босараб дир кечӏ. Гьенир руго:
Рекӏей хӏалхьи гьечӏел
гьудулзабазул,
Гьунараца гьабун
буго дирги сси.
абурал мухъал. Казияталда «сси» «ссий» абун хъван бачӏана.
Тӏехьалъе редакторлъи гьабуна болмацӏалъул балъголъабиги лъалев, кочӏолъ гьелъул чвахиги машгьур гьабурав Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабасил Махӏамадица. Гьес гӏаммаб тӏохьода бугеб дир нусиялда кӏикъого мухъалъул гӏицӏго кӏиго рагӏи хисизе тӏамуна дун.
Гьеб гуро колхозалъул хӏисабкьеялъулгин рищиязул хӏакъалъулъ хъвараб макъала, гьеб буго кечӏ. Макъала къачӏазе бегьила, амма дица кечӏ чияца къачӏазе хъваларо.
Кӏирекъарал хӏарпазул битӏунхъвайги лъалеб батила дида, университеталъги малъидал, казияталдаги хӏалтӏидал, чамалиго соналъ гӏурус ва авар мацӏазул мугӏалимлъунги вукӏиндал, лъалареб цӏехезеги кӏолелъул ва лъалебги бицунелъул. Лъиеялиго бокьун батани дун лъавукъавлъун вихьизавизе, Цӏадаса Хӏамзатица абухъего, «… букӏинаро никогда».
Доб «ссий» гӏемерисел хъвадарухъабаз «сси» абун хъвала. Гьеб гъалатӏ кколаро, кочӏолъ рекъонги ккола.
Цӏоралъул кагьруман,
катибасул свад,
Росасе анагӏан
сси щвана чорхой.
Гьединал мисалал гӏезегӏан руго.
Анлъабилеб классалдаго хъвадарана дун «Багӏараб байрахъ» ва цогидал казиятазде. Хъвараб киданиги нахъчӏвачӏо. Дагьалъ цере дандчӏвайдал, дуца дида абуна хъвадарейилан. Ункъабилеб сон буго «Хӏакъикъат» казияталде хъвадаричӏелдаса. Гӏилла? Хъвараб билулаан. Щибаб нухалда гьоркьове М. Махӏатӏов лъугьинавулаан, хъвараб кӏиабизеги битӏизе кколаан. Гьаб кагъатги тӏагӏинчӏониха…
Дун гӏарцуе гӏологи хъвадаричӏо. Хъвараб щуябго тӏехьалъул тӏолабго тираж школазеги гьалмагълъиялъеги бикьана. Исана къватӏибе бачӏине ккола кӏиго тӏехь — гӏурус ва авар мацӏазда. Гьезул цоялда лъезе буго лъиеялиго рекӏее гӏечӏел «Бархатные ручки крем бихьичӏел» рагӏабигун кечӏги.
Архивалда батила, цӏале «Иццул кӏалтӏа кӏусараб аздагьо хъаме» абун Гӏ. Камаловасухъе хъвараб рагьараб кагъатги.
Гӏумахан, бокьилаан гъалатӏ битӏизабизе.