Гьаб ахираб заманалда «Хӏакъикъат» газеталда гӏадамаз гьарулел лъикӏал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ хъвалел макъалаби гӏемерлъулел руго. Дицаги хӏукму гьабуна дидаго лъалеб ва бихьаралъул цо гьитӏинабго макъала хъвазе.

Нилъее бищун къваригӏунеблъун дица рикӏкӏуна берзул канлъи. Канлъи дагьлъидал дица хӏукму гьабуна беразул тохтурасухъе ине. Махӏачхъалаялда бугеб беразул поликлиникаялда дун ккана Гъойтиева Наида абурай тохтуралъухъе. Гьабуна операция ва дир бералда тӏаса бахъана хъал, бихьизе лъугьана канлъи. Гьенир регаразул гара-чӏвариялъухъ гӏенеккараб мехалъ абулеб букӏана меседил кверал Аллагьас жиндие кьурай тохтур йигин Гъойтиевайилан.

Операциялдаса хадуб жиндир унтараздехун букӏараб бербалагьиялъ, дида бичӏчӏана гьей гьунар бугей, махщел камилай тохтур йикӏин. Гьелъул эмен Гӏалидибирги лор-тохтур кколаан, гьанже пенсиялда вуго. Эбел Патӏиматги ккола акушер-гинеколог.

Гӏемерал шапакъатазул бетӏергьан, тохтуразул хъизамалда гӏурай тохтур Наидае сахлъиги къуватги кьеги кидаго кумекалъе ятизе.

Гӏумарбег Жахӏбаров,

Хьаргаби район,

Къудукь росу

* * *

Цебе букӏараб гӏадлуги хутӏун гьечӏин, унтаразде тӏаса-масаго балагьулелги ругин, дарабиги унтаразго росизе кколин абун рицунел харбазда дица гӏин бачӏо. Дидаго лъазе хьулгун, кодоб направлениегун, дун ана Чӏикӏаб росдал больницаялде. Больницаялде жание лъугьарайго, гьениб бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялъги, чӏагояб хӏалтӏул багъа-бачариялъги батӏияб асар гьабуна дие.

Гьениб дие гьабуна тохтурзабаз жидехъа бажарараб кумек. Хасго дун разилъана тохтур-невролог Мадина Исламовалдаса. Гьелъул хӏалимаб, берцинаб каламги, хӏеренлъиги, ракӏунтун дие гьабураб хъулухъги дида киданиги кӏочене гьечӏо. Дунго гӏадин, дудаса Аллагьги разилъаги, хӏурматияй Мадина. Дида бихьана унтараздехун дур бугеб рекӏел хинлъи, рекӏел бухӏи. Чӏикӏаб росдал больницаялда дида батана унго-унгояб куцалъ бицунеб магӏарул мацӏ, магӏарулазул гӏамал-хасият, магӏарулазул яхӏги, намусги, гӏаданлъиги.

Бетӏерав тохтур Гӏумар Мухӏамадовасдаса байбихьун, отделениялъул нухмалъулей Анжелагун Жавгьаратие, дие хирияй Мадинае ва тӏолго сестрабазе кӏудияб баркала буго. Кьеги нужее хӏалтӏулъ бергьенлъаби, гӏумрудулъ талихӏ ва рохел, чорхое щулияб сахлъи. Аллагь вохарав гуреб къо бихьугеги нужеда!

Патӏимат Дибирова,

Шушановка росу