Дагъистаналъул ракьалда тушманас хӏетӏе лъечӏо, амма рагъул кьогӏлъиги, гьелъул къварилъабиги къулчӏизе ккана мугӏрузул кинабго халкъалъ. Ракъиги, квачги, рагъалъ кӏурулеб халкъги, руччабазул, херазул, захӏматаб хӏалтӏиги хӏехьезе ккана нилъер умумуз.
Патӏимат гьаюна Дагъистаналдаги тӏолго дунялалдаги Расул Хӏамзатовас цӏар инабураб Цӏада росулъ. Эмен Патӏиматида лъазего лъалароан. Гьев хун вуго ясалъул кӏиго сон бугеб мехалъ. Рагъ байбихьараб мехалда гьелъул букӏана анцӏго сон. Рехселин кьогӏал рагъул соназул хӏакъалъулъ Патӏиматил ракӏалдещвеял:
«22 июналда дунги эбелги ун рукӏана хурире картошка чӏаразе. Циндаго вихьана, хъамун чугун, росулъе унев чи. Гьесул хехлъи бихьун, эбелалъ абуна: «Валлагь, цо жо лъугьун буго, гурони гьаб хӏалалъ чу хъамилароан гъос … Рохалил хабар босун вачӏуневгӏаги ватаги!» — ян.
Хабар батана бищун кьогӏаб — рагъ байбихьанилан абураб. Кватӏичӏого нижеда — гӏисинал лъималазда — рихьана рагъул захӏмалъаби. Ретӏел — гьеб букӏана чӏортоялда тӏад чӏортоги букъун, кинаб кьералъул ххам букӏарабали лъалареб. Лъагӏалида жаниб нижеда цадахъ цӏалулей райкомалъул секретарасул ясалъул бихьана цӏияб горде. Яцӏцӏадго ретӏа-къан йикӏунаан кидаго Фазуги (Фазу Гӏалиева). Дир абуни, цого гурде букӏана рокъобги школалдеги ретӏунеб. Радал берцинго бакъван батичӏониги, гьединго ретӏунаан. Школалде щвезегӏан гьеб бакъвалаан.
Ракъи…
Рагъул заманалъул бицунаго, бищун цебе ракӏалде щола ракъи. Школалде унаго, рачӏунаго ихдал, риидал сверулаан хурире, гӏурдатӏе. Ракӏарулаан кваназе бегьулел хурдул, кьалбал, хӏур-ракьги тӏаса кӏутӏун, чӏамулаго гьелгун, унаан нухдасан.
Цо нухалда цадахъ цӏалулей ясалъул эбел, захӏматго унтун, лъуна Гӏарани больницаялда. Гьей яс жиб-жиб къоялъ, дарсал лъугӏигун, унаан эбелалъухъе яккизе. Эбелалъ жиндиего кьураб квен, бащад гьабун, тун батулеб букӏун буго ясалъе. «Манный карщ» абурал рагӏаби тӏоцере гьелдаса рагӏана дида. Я нижго, яги эбел унтулелани рукӏунаан цадахъ цӏалулел ясал, гъоб, гьалмагъалъ беццулеб, манный карщги, кинабалиго «борщги» кваназе щвезе бокьун.
Кӏалбиччан къоялъ школалде кватӏугеян лъазабулаан учителас. Рогьалилъго росуги сверун, хӏанкъваязул къвалги цӏезабун, учителасеги цо-цо батӏаги гьабун, щолаан школалде. Гьев вагъичӏого вукӏине, къирараб нуцӏихъа жанире регьулаан кинацаго хӏанкъва кодор ккурал кверал.
Гӏемер рачунаан школалдаса колхозалъе кумек гьабизе: руччабаз къалаан гулал, нижеца, лъималаз, гьел гьакида лъезе раччулаан, гъоркь хутӏарал тӏорал рищулаан; картошка бухъизе, бахъизе кумек гьабулаан. Гьединал къояз колхозалъул председателасул буюрухъалда рекъон, лъималазе кваназе бачӏунаан чӏегӏераб чедги белъараб картошкаги. Гьеб квеналъул тӏагӏам кӏочонаро дида гьабсагӏатги. Чанги лъимал хӏалтӏизе рачӏунаан гьеб квен щвезе гӏоло».
Эбелалъул тӏалабалда
Патӏиматие букӏана гьалмагъзабаздасаги захӏмат. Ясалъ кумек гьабизе кколаан унтарай эбелалъе. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе Патӏиматица цӏакъ кумек гьабулаан эбелалъе: бакӏаб хӏалтӏи гьабизе йиччалароан, кӏанцӏун, екерун хъулухъ тӏубалаан. Рагъул заманалда цӏакъго кьваризарун рукӏана законал. Хӏалтӏуде кватӏизе бегьулароан, колхозалъул хуриса босараб харил магь сабаблъун туснахъ гьарулаан, захӏматкъоял тӏуран гьечӏони, хуриса бачӏин, картошка колхозалъе бахъун унаан. Хадуб лъагӏелалъ щиб кваналеб, кин яшав гьабилеб?! Рокъоб бугеб цагъуралъул цӏеялдаги, бокьоб бугеб хӏайваналъул къадаралдаги бараб букӏана лъагӏалил магӏишат. Гьеб боцӏиялъеги букӏана чӏезабураб къадар. Гьединлъидал Патӏиматица чанги къо биччазе кколаан, школалде инчӏого, къалам — тетрадалъул бакӏалда кодобе босизе кколаан харицел яги газа.
Цин колхозалъул хӏалтӏи тӏубалаан
Кӏудияб гъираялда цӏалулей йикӏаниги, Патӏиматица школа лъугӏизабичӏо. Гьелъие ккана гьадинаб гӏилла. Хаслихъе киналго колхозчагӏи рахъинаруна картошка бахъизе. Патӏиматил эбелалъухъе ккана, кӏикъого метралъул халалъи бугеб, картошкаялъул анкьго кьер бахъизе ва колхозалъул складалде щвезабизе. Цо-цо мехалъ хинкӏал къазе кӏоларого кверал унтулей эбелалъе кумек гьабичӏого рес букӏинчӏо Патӏиматил. Жиде-жидер хӏалтӏудаса цоцазде регӏараб хӏалги букӏунароан. Кӏвараб кумек гьабичӏогоги толароан гӏагарлъиялъги мадугьалзабазги.
Лъица эбелалъеги ясалъеги кумек гьабилеб? Цин жидерго хӏалтӏи лъугӏичӏого, гьазухъ балагьулев чи вукӏинчӏо. Хӏинкъи букӏана цӏадал ран, дунял хекко цӏорозе бугилан. Гьединлъидал Патӏимат анцӏго къоялъ школалде инчӏо. Бухӏараб бакъукь хӏалтӏизе ккана анкьалъ. Рогьалилъго унаан хурире, кодоб лъел хъабаги, лъабго-ункъо хинкӏги, хӏаналъул хъуриги босун. Къаде, бакъ гьалаглъараб мехалъ, свак чучизе – кьижизе, рахчулаан эбелалъ гьабураб басрияб туруталъул чадиралъур. Рокъореги ун, кӏиабизе хурире ине рухӏ букӏунароан.
Хутӏараб лъабго къоялъ пуна цӏорораб гьури… Гьанжего гьанже гӏун бачӏунеб Патӏиматил черхалъе гьеб букӏана гӏезегӏан захӏматаб хӏалтӏи. Цӏунизе лъугьана мугъ, къасиялде гьоролел рукӏана хӏатӏал, рихъ-рихъарал кверал бидулъ ран рукӏунаан. Амма унтарай эбелалъухъ ялагьун, гӏемер гӏарзал рахъизе бокьулароан ясалъе. Къаси-къаси эбелалъ гьелъулги жиндиргоги кверал чурулаан хурдузул лъеца, тӏад бахунаан бетарахь, тӏорахь. Гьеб умумузул даруялъ цодагьаб бигьалъи гьабулаан.
Дунял цӏоролалде кинабго картошка бахъун, гьакидаги лъун складалде баччун лъугӏана. Гьакида гьеб сокӏкӏизеги, гъоркье бахъизеги цӏакъ кумек гьабуна эбелалъул гьитӏинав вацгӏаласги хурир рукӏарал мадугьалзабазги.
Хӏалтӏи лъугӏун нахъисеб къоялъго Патӏимат гӏедегӏана школалде. Цо къоялъгӏаги свак чучизе рокъой чӏаян абурал эбелалъул рагӏабазухъ гӏинтӏамичӏого, радал яс ана хъаладухъе. Нухда гьей хӏисаб гьабулей йикӏана, цӏакъго нахъе ккун йигодай жийгоян. Хадуй гъезе гӏоло, жиндицаго цӏали тӏаде босизе бугеб хӏалалъул пикрабазда йикӏана Патӏимат.
Рокъоса къватӏие яхъине лъугьараб мехалъ, имгӏалас школалде ретӏине рукъун рукӏарал мачуязда жанире инчӏо гьорорал хӏатӏал. Эбелалъ нахъа рокъоса росун рачӏана, жинцаго цо кӏудияб байрамалде гурони ретӏунел рукӏинчӏел калошал. Гьел щун рукӏана Патӏиматил эбел Марзигатие рагъ байбихьилалдего ликбезалъул цӏалдохъабазда гьоркьоб цӏализе-хъвазе тӏоцебесеб бакӏ кквеялъ. Къанагӏат гурони цере рахъулароан калошал Марзигатица. Кӏиго бахӏаралъухъе кьун рукӏана гьел ретӏине, бертин лъугӏарабго, нахъе щвезаризе къотӏигун. Гьанже жиндицаго росун ясалда цере лъуна эбелалъ калошал. Кӏиго-лъабго размералъ кӏудиял ругониги, ясалъул гьорорал хӏатӏазда гьел цӏакъ данде ккана.
Калошал сабаблъун…
Нечон холаго, классалда жание лъугьана Патӏимат. Учителас киназдаго лъазабуна, тӏаде рахъаян, нилъер министр ячӏун йигилан, жиндиего бокьараб мехалда гурони, школалде яккуларей. «Хӏатӏиде балагье цо, унго-унгояв хӏакимчиясул гӏадинал калошал руго. Гьурмадеги балагье! Букӏаниги, цодагьаб яхӏ-намусги хутӏун буго гьалъул гьурмалъ, багӏарлъун йигеб куцалде балагье» — ян «гӏакълудал» рагӏаби рехулев вукӏана учитель.
Гьумер хӏакъикъаталдаги букӏана билбагӏарлъун, бакъуца бухӏун, гьороца хъачӏлъизе гьабун. Гьеб цӏакъ унтулеб, судулеб букӏана.
Тӏаде рахъун, гогьдаризе лъугьарал лъималазул релъиги, учителасул ургъичӏого абурал рагӏабиги рекӏелъ хӏунсарай Патӏимат, нуцӏил кӏалтӏасаго нахъ юссун, речӏчӏизе нуцӏаги гьабун, школалдаса нахъе ана. Хадуб учителас ахӏараб жоги бичӏчӏичӏо гьелда, данде ккун кӏалъалезул рагӏабиги эхере инчӏо. Магӏил цӏун бералгун рокъое щварай Патӏиматица эбелалда лъазабуна жий токӏалъ школалде ине гьечӏилан абун.
Учитель вачӏун вукӏана гьелда хадув рокъове, тӏаса лъугьаян, школалде ячӏине ккелилан гьарун. Амма доб бакӏаб хӏалтӏуца бусаде ккезаюна эбел. Гьелъул тӏалаб гьабизе аскӏов тезе чи вукӏинчӏо. Патӏиматида кинго кӏочене кӏолеб букӏинчӏо учителасул рагӏабиги, гӏагӏаялда релъулел рукӏарал лъималазул гьаркьалги. Гьелъ тӏокӏалъ гӏамал гьабичӏо школалде ине…
Унтарай эбелалъул тӏалабги гьабун, гьелда цееса колхозалъул хӏалтӏуде яхъине лъугьана Патӏимат. Кие кканиги, щиб хӏалтӏи тӏад къаниги, ракӏбацӏцӏадго, рагӏа-ракьанде щун гьабизе гӏамал гьабулаан гьелъ. Лъица кумек гьараниги, екерун гьеб гьабизе хӏадурун йикӏунаан гьитӏинай колхозчӏужу. Колхозалъул председателас бригадирасда лъазабунги букӏун буго, Патӏиматида цӏакъго бакӏаб хӏалтӏи малъугеян. Бигьаяб хӏалтӏи кисаха балагьилеб, кинабго квераз гьабулеб, машинаби къанагӏатаб, техника дагьаб заманалда.
Ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ колхозалъул правлениялъги колхозчагӏазул собраниялъги Биасланова Патӏимат йихьизаюна хӏукуматалъул шапакъаталъе мустахӏикъайлъун. 17 сонцин тӏубан букӏинчӏо Патӏиматил, гьелъие 1948 соналда «За доблестный труд в Великой Отечественной войне» абураб медаль кьураб мехалда.