ДАССРалъул ЦИКалъул ункъабилеб сессиялда, 1928 соналъул кӏиабилеб ноябралда, къабул гьабула республикаялда районал гӏуцӏиялъул цӏияб проект. Гьелда рекъон, Хасавюрт округалда гьоркьоб букӏараб Казбек участкаялъул бакӏалда гӏуцӏула Казбек подкантон. Хасавюрталъул кантоналда гьоркьоб букӏараб гьелъул центрлъун букӏана Хубар росу. 1930-1931 соназда райцентр букӏана Гуни росулъ. Хадуб гьеб бахъана Дилималде.
1929 соналъул лъабабилеб июналда, ДАССРалъул ЦИКалъул хӏукмуялдалъун подкантоналъул цӏар хисизабуна подрайоналде. 1930 соналъул 25 декабралда, ВЦИКалъул хӏукмуялдалъун, Дилим росулъ центргун, гӏуцӏана Казбек район. Районалъе кьуна Дагъистаналъул машгьурав революционер Султан-Сагӏид Казбековасул цӏар.
Казбек район буго Чачан республикаялъул гӏорхъода. Аслияб куцалда гӏумру гьабун руго магӏарулалги чачаналги.
1944 соналда чачанал хӏал гьабун Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинарун хадуб, Казбек районалде гьоркьоре кьуна Гӏавухъ районалдаса чачаназул кӏиго росу: Юрт-Аух ва Акташ-Аух. Хадуб гьезул цӏарал хисизаруна Калининаул ва Ленинаул абун.
***
1972 соналда Дагъистаналда тӏоцебе районалъул рохьазде бачун бачӏана тӏанкӏал ругеб 50 ритӏучӏ. Гьанже гьезул къадар бахуна 1500 бетӏералде. Багӏараб тӏехьалде росарал тӏанкӏал ругел ритӏучал гӏезарулеб Алмахъалда бугеб ферма ккола нилъер республикаялъул чӏухӏилъун.
Районалда рохьил магӏишат цебетӏезабиялъе кӏудияб хӏалтӏи гьабуна И. Хӏусеновас, М. Гьитӏиновас, В. Акановас, А. Лалаевас, Г. Хӏайбулаевас, Ш. Ибрагьимовас, М. Мамайхановас, Г. Султӏанмурадовас, К. Юсуповас, М. Гӏумаровас, А. Герехановас, З. Хӏамзатовас ва цогидазги.
***
Туристазда ва гьалбадерида Казбек район лъала тӏабигӏат берцинаб бакӏлъун. Гьезда гьоркьоре ккола Сулахъалъул ва Алмахъалъул жанирлъаби, Горенжо ва Чӏегӏераб хӏорал, Гӏарцул-нохъо, Инчхаялъул расалъи, Алмахъалъул некӏсиял хутӏелал.
Районалда буго гӏадамал сах гьариялъе жиндаса пайда босулеб чӏабтӏилгун водородалъул хӏарщги.
Гьабсагӏаталда Казбек районалда гӏумру гьабулеб буго 48668 чияс, районалда хӏалтӏулел руго 15 школа, 14 лъималазул ах, районалъулаб централияб ва кӏиго участкаялъулаб больница, тохтурзабазулаб кӏиго амбулатория, фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул (ФАП) 9, фельд-шерлъиялъул 5 пункт.
***
Казбек район гӏуцӏаралдаса, гьелъул гӏорхъабазул ккана гьал хадусел хиса-басиял: 1928 соналъул ичӏабилеб декабралда бахъараб ДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хӏукмуялдалъун Данухъ росдал совет кьуна Гумбет подкантоналде гьоркьобе;
1929 соналъул 27 январалда, ДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хӏукмуялда рекъон, Басрияб Чӏикӏаб росдал совет рехана Буйнакск кантоналде;
ДАССРалъул ЦИКалъул Президиумалъул хӏукмуялдалъун, Гӏаркьухъ росдал совет кьуна Гумбет районалде гьоркьобе;
1944 соналъул щуабилеб июналда, ДАССРалъул Верховный Советалъул (ПВС) Президиумалъул хӏукмуялда рекъон, Бавтугъаялъул росдал совет кьуна Гъизилюрт районалде;
1944 соналъул анкьабилеб июналда, РСФСРалъул ПВСалъул указалдалъун, Цӏияб Лак районалдаса Сталинаул ва Калининаул росабазул советал цолъизаруна Казбек районалде; 1960 соналъул 15 июналда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Миякьоб росдал совет Гъизилюрт районалде кьуна;
1963 соналъул тӏоцебесеб февралалда бахъараб, РСФСРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Гумбет районалдаса Аргъвани, Гӏаркьухъ, Данухъ, Ингишо, Мелъелтӏа, Лъа-ратӏа ва Щабдухъ росабазул советал цолъизаруна Казбек районалде;
1964 соналъул 18 февралалда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда-лъун, гьел росаби цӏидасан кьуна Гумбет районалде;
1963 соналъул 16 марталда,
ДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, Миякьоб, Чӏиркъатӏа, Тӏад ва Гъоркь Инхо, Килалъ росабазул советал рехана Болъихъ районалде; 1967 соналъул анлъабилеб июлалда бахъараб ДАССРалъул ПВСалъул указалдалъун, Миякьоб росдал совет кьуна Гъизилюрт районалде;
1971 соналъул 18 августалда, ДАССРалъул ПВСалъул указалда-
лъун, Хасавюрт районалдаса Цӏобокь росдал совет бачана Казбек районалде; 1975 соналъул 14 марталда,
ДАССРалъул ПВСалъул указалда рекъон, гьеб цӏидасан кьуна Гъизилюрт районалде.