Рагъул заманалда кинабниги гӏуцӏиялъул иш, халкъ бергьенлъи босизе бахъинабиялъул, хӏалтӏи цебетӏезабиялъул суалал тӏаде кколаан партиялъул райкомалде. Гьеб заманалда гьелъул тӏоцевесев секретарьлъун вукӏана Хӏажиев Гӏабдукъадир.

Районалъул росабалъа рагъде ана 2797 чи. Гьезул тӏад руссинчӏо 1678-ял. Рукӏана мисалал тӏубараб хъизамго ватӏан цӏунизе иналъулги. Лъабго ва цӏикӏкӏун васал фронталде ана чанго хъизамалдаса. Дилималдаса вацал Гӏабдурахӏман, Гӏабдулхӏамид, Гӏабдулатӏип, Камил Беркихановал; Мухӏамадхӏабиб, Мухӏамадмансур ва Халид Темирбулатовал; Мада, Тимур ва Деде Гӏабдулмуслимовал; Буртунаялдаса – Абубакар, Гӏабдула, Ама Гереевал; Ахӏмад, Идрис, Мухӏамад Магьдихановал; Муса, Сайгит, Юсуп Сайгитовал; Асхӏаб, Ибрагьим, Зирал Гӏалиевал; Башир, Расул, Сулайман Уладиевал; Насрула, Будун ва Хайрула Акилаевал; Хубаралдаса – вацал Асадула, Асса, Султангӏали ва Чупалав Арсланбеговал; Гъозталаялдаса Адил, Аскерхан ва Имангӏали Байрамгӏалиевал; Гӏабдулманап, Гӏабдулгӏазим ва Басир Шираздиновал; Алмахъалдаса – Забит, Зулумхан, Гьашим Насрудиновал; Асадула, Гӏабдула, Басир ва Камил Хӏасановал; Гъамбулат, Гӏумар ва Улуби Муртазгӏалиевал; Гӏабдулмалик, Самад, Халипав Хамаловал; Къурбанав, Насрула, Янда Нуцалхановал; эменги васги Наби ва Гӏалисултан Гӏамиргӏалиевал; Ихаса – Абук, Гӏабдулбасир, Хӏасан ва Мухӏамирза Мухӏамадовал; Гертмаялдаса – Абутӏалиб, Мухтар ва Мухӏамад Дибировал ва гӏемерал цогидалги.

Рагъул шартӏазда унго-унгояб бахӏарчилъи бихьизабуна Гертмаялдаса гвардиялъул кӏудияв сержант Мухӏамад Гӏабдулаевас, Гуниялдаса жиндиего бокьун, 1941 соналъул июлалда рагъде арав, А. Невскиясул орденалъе мустахӏикълъарав батареялъул командир, капитан Хӏажигоро Хӏажигороевас ва капитан Гӏабдулвагьид Муслимовас, Буртунаялдаса ротаялъул командир, кӏудияв лейтенант Батирхан Мидиевас, Цӏобокьа майор Исмагӏилхӏажи Дарбищевас, Ихаса офицер Зубаир Сайдулаевас, Дилималдаса взводалъул командир Ансарияв Шарапудиновас, Ленинаулалдаса Шамсулвара Абакаровас, Алмахъалдаса Муса Давурбеговас, Буртунаялдаса Расул Хайрулаевас ва цогидазги.

1943 соналда гӏарзаги кьун фронталде арав 153 гӏолиласул тӏад вуссинчӏо 120-яв.

ВКП(б)ялъул райкомалъул ахӏи-

ялда рекъон, ватӏаналъул гӏорхъаби щула гьариялъулъ гӏахьаллъи гьабуна 3000-ялда-

саги цӏикӏкӏун захӏматчияс. Ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏуе гӏоло 677 чи мустахӏикълъана «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» медалалъе, 2376-ясул каранда рана «Ватӏанияб рагъул заманалда рухӏалда барахщичӏеб захӏматалъе гӏоло» медалал, 42-ясе кьуна

ДАССРалъул Верховный Совета-лъул Президиумалъул Грамотаби.

Районалъ пачалихъалъул оборонаялъул фондалде кьуна 14212 тонна тӏощалил, гьанал, картошкадул, квасул. Бергьенлъи гӏагар гьабизе кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб букӏана алмахъазул Ленинил цӏаралда бугеб колхозалъул председатель Сайипов Мухӏамадица, буртабазул Ворошиловасул цӏаралда бугеб колхозалъул председатель Гӏумаханов Нугъамирзаца, дилимазул Кировасул цӏаралда бугеб колхозалъул председатель Ибрагьимов Юсупица, Ахтачгӏавухъалъул «Красноармеец» колхозалъул председатель Эжуев Батӏалица, гуниязул «Цӏияб гӏумру» колхозалъул председатель Шугӏайп Хӏасановас.

1944 соналъул 19 декабралда Гуни росдал захӏматчагӏазухъе СССРа-лъул яргъилал къуватазул бетӏерав командующиясул рахъалдасан бачӏана фронталъе гьабураб кумекалъухъ баркала загьир гьабураб кагъат. Гьелда хъван буго:

Из Москвы № 303656

Высшая Правительственная

Дылым Пред. Сельсовета с. Гуни Казбековского района Абасову

Копия Пред. колхоза «Новая жизнь» Гасанову

Копия Секретарю первичной парторганизации Ханбутаевой

Передайте колхозникам зпт колхозницам «Новая жизнь» зпт собравшим 25000 рублей деньгами, картофель, зерно, скот, вещи в Фонд семей фронтовиков зпт мой братский привет и благодарность Красной Армии.

Иосиф Сталин

Принято 19/Хӏӏ- 44 год 11-30

сел. Дылым

Районалъго оборонаялъул фондалде кьуна 415 азарго гъурущ, «Дагъистаналъул колхозник» танказул колонна гӏуцӏизе 220 гъурущ, М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб бронепоездалъе – 360 азарго гъурущ. Районалъул школьниказ «Гӏолохъанав пионер» абураб авиазвено гӏуцӏизе бакӏарана 17 азарго гъурущ. Гьелда тӏадеги, меседил ва гӏарцул къайи, ретӏизе ретӏел кьуна фронталъе.

Гӏемерал мисалал руго гӏадамаз жалго бетӏергьанаб гӏарац фронта-лъул хӏажатазе кьеялъулги.

Рохизе ккараб хӏужа буго 1944 соналъул 12 июналда, «Дагъистаналъул правда» газеталъул гьурмаздасан захӏматчагӏазде фронталъе гьабулеб кумек дагьабги цӏикӏкӏинабейин казбекалъулазул харабаз хитӏаб гьабиги.

Гьелдаса хадуб ана 75 сон. Жакъа къоялде Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏазул чӏаго руго кӏигоял: Ленинаулалдаса Мухӏамадов Гӏабдурахӏман ва Алмахъалдаса Харсмухӏамадов Мухӏамад. Чӏаго руго рагъда россал тӏагӏарал руччабазул 15-яйги.