(Цебесеб 9-абилеб номералда)

— Доле, Цӏатӏанихъ, — ан магӏарул мацӏалдаги абун, бихьизабуна рихьунисес гьениса бакътӏерхьуде кколеб росу.

— Цатаних? — ан, гӏажаиблъун, такрар гьабуна Лизаца цебеги рагӏараб, жийго жанисан ун йикӏараб росдал цӏар.

Балагьун гӏорцӏулареблъун батулеб букӏана гӏурус ясалда, щибаб цӏияб бакӏалдасан батӏияб куцалда бихьулеб, цого сипаталъулин кколеб, амма такрарлъи гьечӏеб магӏаруллъи. Цӏодорай Лизада, гьанжеялде дандчӏварал гӏадамазул гаргаралдасан цере-цересел магӏарул рагӏаби ричӏчӏизегицин лъугьун рукӏана. «Вот – доле», — ян, гьелъ жиндицаго абизецин хӏалбихьулел рукӏана цо-цо гьоркьоса рагӏаби.

Зама-заманалда гьединал кӏалъа-басаялги гьарулаго, нахъа толеб букӏана гьез халатаб нух. Магӏарул гӏолохъанчияс гӏезегӏан лъикӏ бицунеб букӏана гӏурус мацӏ, амма гӏемер кӏалъалев вукӏинчӏо гӏолилайгун. «Пайзудин» абун, лъай-хъвай гьаби гуреб, гьелда тӏокӏаб щибниги лъалеб букӏинчӏо гьесул рахъалъ. Гьесда Лизаги гьедигӏанго гурого лъалароан.

Кӏиязулго рекӏелъ букӏана цо батӏияб чӏухӏиялъул асар. Лизал – гьаб гьайбатаб ракьалъул гӏадамазе лъаялде нух рагьизе жиндие рес щвеялдалъун. Пайзудинил – кӏудияб дуниял росуцоязе рагьизе мугӏалим жиндицаго ячун ячӏуней йикӏиналдалъун.

Гьоркьохъелдаса борхатаб лагаялъул, хӏалакъккараб черхалъул, берцинаб сипаталъул гӏолохъанчи вукӏана Пайзудин. Гьесда тӏад рукӏана, коммунистазеги комсомолазеги ссиялда рукӏарал, «революциялъулаб» ретӏелги, тӏагъурги, чакмабиги. Бакьулъан рачлида дализабун ханжарги букӏана, бан таманчаги букӏана. Чӏегӏерал бераздаги, битӏараб мегӏералдаги, гургинаб нилъоялдаги тӏаде, бацӏцӏадго кӏкӏвараб гьесул гьумералъе жиндирго хаслъи кьолеб букӏана махщалида къачӏарал чӏегӏерал михъазги.

Тириго галабиги росулаго, хадуб чуги цӏан, таваккалго цевехун вилълъунев Пайзудинил гӏебал кӏигъуждул ва гьезда тӏад борхатго ккураб магӏаруласул бетӏер букӏана гӏемерисеб мехалда гӏурус гӏолилалда цебе. Гьев жиндие жеги тӏуванго балъголъилъун кколев гӏолохъанчиясул хӏакъалъулъ пикраби Лизал ботӏролъе рещтӏинчӏого рукӏинчӏо. Вукӏинчӏо испагьияй гӏурус ясалде руссарал пикрабаздаса эркенго хутӏун рихьунисевги. Гьел пикрабиги жидеего тун, рукӏана гьел кӏиялго сапаралъ унел. Тараблъи лъачӏого, бигьаго нахъа толел рукӏана гьез захӏматал мугӏрул нухал.

Тана Мокӏсохъги Балахьуниги, бакъанида щвана Аваргӏурул рагӏалде. Гьалагаб, гучаб магӏарул хӏабургъараб гӏурул лъел чвахиялъул сас букӏана гӏинда багъулеб. Кьурабазда мугъ цун, гӏурулъе хӏатӏал риччан, гӏодоблъиялда букӏана пихъил ахаздалъун бечедаб хьиндалазул росу – Зирани. Шамил имамасул рагъазул заманалдаго гӏурус аскарияз тӏасан цӏарал щулиял маххул кваразул кумекалдалъун гӏурул доб цояб рахъалдехун бахунеб бакӏ букӏана гьеб росдада аскӏоб.

Кигӏан хӏинкъаниги, рес букӏинчӏо Лизае, квараздасан бачунеб гьакидаги рекӏун, гьалагаб гӏор бахинчӏого. Бугеб жиндирго бахӏарчилъиги данде бакӏарун, рекӏана гьей гьакида, хӏинкъадго нахъа тана кварил нух. Рещтӏана Аваргӏурул кваранаб рагӏалде. Пайзудиница чодаги бахинабуна гӏор. Гьерекӏдерил рахъалда гӏурул рагӏалда гьес мугӏалималда бихьизабуна Зирани росдада дандбитӏун гӏурусазул хъала букӏараб бакӏ, бицана гьениб ккараб рагъул хӏакъалъулъ чӏахӏияздасан жиндаго рагӏараб тарих.

Гӏурус яс гьес бицунеб харбихъ гъираялда гӏенеккана. Гьелда жеги лъикӏго лъалароан Шамилил заманалъул тарихги, гьайгьай, Пассекил бо Зирани хъалаялъуб магӏарулаз сверун ккун букӏинги. Гъваридаб асар гьабуна, «кварил нухалъ» ккезабураб хӏинкъи жеги чорхолъа ун бахъинчӏей гӏолилалъе гьеб харбица.

Гьаб кӏиябго къоялда жаниб чан батӏияб хӏинкъиялъул асаралде гъоркье гьей ккарай? Бицарабани, жийгоцин божуларей йикӏарай, чан гьунар гьаниб мугӏрузда гьелъ гьабизе ккараб? Кьурабалъанги гьаний хьвадизе ккана, чодаги ругьунлъизе ккана, квараздеги яхине ккана…

(Хадусеб букӏине буго)