19 марталда Гӏиса аварагасул цӏаралда балеб бугеб рухӏиябгун лъай кьеялъул централда гъутӏби чӏана Унсоколо районалъул Хъахӏабросдал руччабазги.
«Нижееги цӏакъ бокьун букӏана республикаялъул тӏолабго жамагӏаталъул сурсатазухъ балеб бугеб рухӏияб централда Хъахӏабросдал руччабазулги лъалкӏ хутӏизе. Гьединлъидал, ракӏалде ккана гьениб гъветӏ чӏезеги», — ян бицана тадбиралъул гӏуцӏарухъан Сулайсат Хӏажиевалъ.
«Халкъияб аллеялда» буго жеги гъутӏби чӏезе бакӏал. Квачараб къо букӏаниги, Хъахӏабросдал руччабазго гӏадин, гъветӏ чӏана пуланай эбелалъги ясалъги, лъимал гӏемераб цо хъизамалъги. Гьенирго хӏалтӏулел рукӏана цоги росдал гӏадамалги – гьезги чӏана цо чанго гъветӏ.
Щибаб гъветӏ чӏолеб буго цӏанбитӏараб мухъда, гьоркьоб лъабгогун бащдаб метрагӏанасеб манзилги тун. Кинабго хӏалтӏи гьабун бахъараб мехалда, «гьале дица чӏараб гъветӏилан» абизе рес щвела гьеб пайдаяб ишалъулъ гӏахьаллъаразе.