Магӏарулаз гӏумру гьабулел районазде «Хӏакъикъаталъ» гьаризесел сапарал газеталъ байбихьана Казбек районалдаса.
Гьедин 16 марталда Дилималда тӏобитӏана «Хӏакъикъаталъул» къо.
Гьелда гӏахьаллъана Казбек районалъул нухмалъулел, хъулухъчагӏи ва гӏемерал соназ газеталъулгун бухьен тӏагӏине течӏел гӏадатиял гӏадамал.
«Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул ишал тӏуразарулев Гӏумахан Гӏумахановас бицухъе, редакциялъул мурад буго газета ракӏ-ракӏалъ гӏадамаз цӏалулеблъун гьаби. Гьелде цӏикӏкӏун гӏолилалги цӏай, щайгурелъул интернеталде машгъуллъарал гьез аслияб заман соцсетазда тӏамулеб бугелъул. Гьединлъидал газета цӏалулел аслиял чагӏилъун ригь арал гӏадамал хутӏулел руго.
Бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас байбихьуда дагьа-макъабго тарихги ракӏалде щвезабуна. Масала, 1917 соналъул апрелалда гьанжесеб «Хӏакъикъат» бахъизе кьучӏ лъурал чагӏилъун Махӏач Дахадаевги гьесул хъизан имам Шамилил васасул яс Написатги рукӏараблъи.
Гьеб нусго соналда жаниб газеталда цӏар хисун буго 12 нухалъ. 14 редактор вукӏун вуго гьанжелъагӏан. Гӏицӏго щуго моцӏиде гӏагарун заман балеб буго 15-абилев редакторлъун Гӏумахан Гӏумаханов тӏамуралдаса.
Гьединго Зикрула Ильясовас абуна жакъа нилъер миллаталда цебе чара гьечӏого тӏубазе кколеб масъала лъабго батани, гьелъул цояб бугин рахьдал мацӏ цӏуни. Амма дагь-дагьккун тӏагӏунеб бугила миллаталъул аслуялъул цояблъун кколеб гьеб гӏаламат. Масала, рокъобги къватӏибги дагь гурони бицунеб гьечӏо гьеб. Гьединго республикаялда бугеб 1500-ялде гӏагарун школалда гьоркьоб ункъо-щуго гурони школа хутӏун гьечӏо рахьдал мацӏалда предметал малъулеб.
Гьединаб ахӏвал-хӏалалда мацӏ цӏуниялъе «Хӏакъикъат» газеталъ чӏаголъи гьабизе букӏиналда ракӏчӏолеб буго Зикрула Ильясовасул. Амма квеш ккараб жо буго газеталъе подписка гьабулел чагӏи дагьлъулел рукӏин.
Почалъул хӏалтӏуда ракӏ рекъечӏолъиялъги хъвачӏого толел ругин гӏадамаз газеталин абуна цояс залалъусан. Гьеб буго казбекалъулаз гуребги, цогидал магӏарулазги загьир гьабулеб пикру. Гьелда тӏад рекъана Ильясовги. Гьесул рагӏабазда рекъон, анкьица гуребги, моцӏаз газета щоларел бакӏалцин руго. Амма жалго почалъул хӏалтӏухъаби гӏинде квер щвезе чӏоларо гьединал бадирчӏваял гьаруни.
Кин букӏаниги, жибго газеталъулгун бухьен тӏезе биччагеян гьарана заместителас ракьцоязда.
Хасго «Заман» абураб цӏаралда гъоркь газета биччазе байбихьаралдаса гьанже нахъалъагӏанги макъалаби хъвалел гӏадамазул бищун кӏудияб къадарги гьединабго подпискаги Казбек районалдаса рукӏанин бицана гьениб «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевасги. Газеталъул тарихалда тӏасан гьес хъвараб тӏехь кватӏичӏого басмаялда бахъизеги буго. Абухъего, рагъда цересел ва гьелда хадусел соназда Казбек район газеталда Гъазибег районин хъвалебги букӏун буго. Гьединго газеталъул бетӏерал редакторзабазул цояв кколаан салатавияв — Ахӏмад Мансуров. Кӏиго нухалда гьабун буго гьес редакторлъи.
Дагьабниги хъвадаризе махщел бугел гӏолилазе нуцӏа рагьарабго бугин «Хӏакъикъаталдеян» кӏалъана данделъиялда газеталъул жавабияв секретарь Мухӏамад-Хӏабиб Махӏатӏов. Живгоги гьениве 18 сон барав чи вачӏун вукӏанила, гьенивго херлъизехъинги вугила.
Махӏатӏовас бицухъе, ДГУялда журналистазул отделение рагьун гӏезегӏан сонал аниги, гьеб лъугӏарал гӏолилал къанагӏатги рачӏунаро миллиял СМИязде. Гьезие бокьула телевидение – «жалго рихьизе».
Салатавиязул гӏун бачӏунеб гӏелалъ газеталъулгун кколеб бухьеналъул бицана лъай кьеялъулгун социалияб гӏумруялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъ. Гьелъие асар гьабун бугоан росабалъ харибакӏазул, кулабазул, иццазул цӏарал лъаялда хурхун газеталъ тӏобитӏараб конкурсалда гӏахьаллъарал гьезул лъималаз.
Газеталъул рухӏияб хазинаялъул отделалъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъул кӏалъай маданияталдагун адабияталда хурхараб букӏана:
«Абула щибаб миллаталъул бугила кӏиго кваркьи: адабиятги мацӏги. Ниж – газеталъул хӏалтӏухъаби уна-рачӏуна. Амма газета кидаго цӏалдолелгун хутӏула. Миллаталъул гӏаммаб бечелъиялъе гӏоло гьелъул мацӏги цӏарги бечелъизабизе кӏола, бажарула гӏицӏго магӏарулазда. Миллат цӏидасанги цӏубазе, дагьабги берцинлъизе кканани, гьелъие къваригӏуна берцинаб мацӏги берцинго гьеб лъалел цӏалдохъабиги. Гьединал цӏалдохъаби куцазе ккани, къваригӏуна гьединалго учительзабиги. Жакъа мацӏ цӏуниялъулъ учительзабазулги буго кӏудияб кӏвар. Амма гьезде рехун тун гьеб тӏубаларо. Гьеб буго нилъер гӏаммаб унти. Гьеб унтигун нилъ къеркьечӏони, метер кватӏун ккезеги бегьула», — ян бицана гьелъ.
Рахьдал мацӏалдехун гьабсагӏаталда гӏадаб тасамахӏлъи нилъеца хадубккунги бихьизабулеб бугони, 30-40 соналдасан гьеб тӏагӏун ине букӏиналда хӏинкъи загьир гьабуна шагӏир ва хъвадарухъан Париза Гереевалъ.
«Дие бокьилаан хадусеб гьадинаб данделъи подписка гьабизе ккеялъул гуреб, арал соназда дандеккун, «Хӏакъикъат» хъвалезул къадар 30-40-50 нухалъ цӏикӏкӏун бугилан рохел загьир гьабизе нуж рачӏиналда бан тӏобитӏизе», — ян абуна Паризаца.
Амма гьеб подпискаялъулги газета жиндир заманалда цӏалдолезухъе щвезабиялъулги суал редакциялъ роцӏинабизе кколин почалда цере тӏалабалги лъунилан абуна Мухӏамад-Апанди Дадаевас. Гьев ккола лъай кьеялъул хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул Казбек районалда вугев нухмалъулев.
Гьес бицана 1990 соналда имам Шамилил цӏаралда Халкъияб фронт гӏуцӏидал, гьелъ къватӏибе биччалеб газеталда цӏар букӏанила «Хӏакъикъат» абун.
Гьеб мехалда «Багӏараб байрахъги» нахъе бахъун, гьеб цӏар лъун буго республикаялъул газеталдаги.
Гьеб рекӏее гӏечӏел фронталъул вакилзаби, жидер газеталъул цӏар щай лъурабилан, жаваб тӏалаб гьабизе редакциялдецин ун рукӏун руго.
«Хӏажи Махӏачевги, Хӏажи Гӏариповги, Муса Азаевги, дунги, цогидалги рукӏана гьенир. Гьеб мехалда Мусаца абуна нилъер газеталъул ахӏи бугила «Ритӏухълъи ва цолъи». Нужецаги ритӏухълъиялда ва цолъиялда бачейила гьеб иш.
Дица нужер редакторасе сайгъат гьабила доб заманалда нижеца биччалеб букӏараб «Хӏакъикъат» газеталъул номер», — ан ракӏалде щвезабуна Дадаевас.
Гьеб суал баян гьабуна хадув кӏалъазе вахъарав Дилималда бугеб спортшколалъул директорлъун вукӏарав, гьанже жамагӏатчи хӏисабалда лъалев Муса Азаевасги.
Гьесул рагӏабазда рекъон, «Хӏакъикъат» абун цӏарги лъун Халкъияб фронталда цебе гьез газета биччазе лъугьун буго 1990 соналъул 2 сентябралда.
«Багӏараб байрахъалъе» бокьун бугелъул гьеб цӏарилан, нижеца гьезие тана гьеб. Нижер газеталдасаги цӏикӏкӏун чиясги цӏалулелъул, даражаги гьелъул кӏудияб букӏинилан», — бицана Азаевас.
Жибго газеталъул подписка кин борхизабилебали бицунаго, Муса Азаевас кӏвар буссинабуна гьереси бицани, сундулго къимат холеблъиялде («къимат гьечӏел чагӏазул къимат борхизабизе лъугьани, гьединазулги къимат хола»).
Гьединлъидал гьеб нухдасан ани, кинабго, ай подпискаги холин абуна гьес. Хадубго гьарана газеталъул подписка цӏикӏкӏиналъеги, гьелъул къимат борхизабиялъеги хӏалтӏи гьабизе коллективалъе сахлъи кьегиянги.
Гьенир кӏалъана жамагӏатчи Гъайирби Гъайирбиевги, Калининаулалдаса газеталъул цевегосев гьудул Шиявдин Яндаевги, цогидалги.
Кечӏ-бакъанги камичӏо гьениб. «Арбабаш» къокъаялъул руччабазул хоралъги, Авар театралъул гӏолохъанав артист Мухӏамад Дудуевас цӏалараб «Авар мацӏ» кечӏалъги, Гӏаркьухъа Сайгидахӏмад Мухӏумаевасул тӏармида ахӏулеб кечӏалъги хинаб асар гьабуна данделъаразе.
«Хӏакъикъаталъул» коллективалда цадахъги вукӏана шагӏир ва кочӏохъан — гӏемерал соназ ОМОНалда хӏалтӏулаго чанги командировкаялъ Казбек мухъалде ккарав шагӏир ва кочӏохъан Гӏалихӏажи Мухӏамадов.
Жинца Казбек районалда кваначӏеб пихъги, жаниб сордо бачӏеб рохьги, хӏетӏе чӏечӏеб бакӏги хутӏун батиларин ракӏалде щвезабуна гьес. Цинги пандурги хъван, ахӏана магӏарухъ кидаго гьоболасе нуцӏа рагьараб букӏиналде гьабураб кечӏ.
Хадуб Гӏумахан Гӏумахановас Хӏурматалъул Грамотаби кьуна «Хӏакъикъаталъулгун» бухьен тӏезе толарел цо-цо салатавиялъулазе.
Цинги газеталъул хӏалтӏухъаби къокъана Казбек районалъул «Чапар» газеталде» — коллективалъулгун лъай-хъвайги гьабизе, гьелъул цӏияй бетӏерай редактор Жамиля Гӏабдулвахӏитовалда хъулухъги баркизе. Гӏезегӏан квегӏенаб, берцинаб минаялъуб бугоан редакция. Гьенирго ругоан цогидал идарабиги. Масала, искусствабазул школаги, спорталъулгун культураялъул управлениялги, халкъияб махщалил центрги.
Тӏадруссуда сверана Ленинаулалдехунги. Вихьана «Хӏакъикъаталъул» гьудул, чанго соналъ гьенив хӏалтӏарав Гӏалиасхӏаб Гӏумарасхӏабовги (Доктор Ватсон). Перо хисун рахан-белги кодобе босун, тӏуванго магӏишаталда гъорлъе лъугьун вугин ккана гьев…
…Швейцариялдасаги берцинабин абулеб Салатавиялъул мугӏрул-щобазул гьайбатлъиялъ хӏайран гьарурал нижецаги нух босана Махӏачхъалаялде.
Ассалам гӏалайкум, Казбекалъул ракь!
Ассалам гӏалайкум, Казбекалъул ракь,
Рокьи ккун буго дир дур гьал мугӏрузухъ.
Гьезда бер чӏварабго чӏаголъана черх,
Чанги хинаб асар бессана лугбалъ.
Квелъ бахъун биччараб чулъунги лъугьун,
Бергьун буго хӏасрат тиризе гьенив.
Гьорое гьелчолел беричал тӏугьдуз
Тӏаде буго цӏалеб ургьиб гьинал ракӏ.
Рагӏал бихьуларел дур гьал щобазда
Щват битӏун вегизе къасд буго дир ккун,
Кина-кинабги ракь гуро бокьулеб –
Бокьун ракӏалъ духъе вуго ахӏулев.
Кӏкӏалабахъ чвахулел чабхилал лъарал
Лъималилан ккола бакъуй гьимулел,
Гьезул цо недегьлъи! Гьезул чилчили!
Чвахукь буго дица гьумер чурулеб…
Чанги жо бихьарав, чанги жо лъарав,
Лъай босана дирни духъ валагьидал –
Дур берцинлъиялъги дур кунчӏиялъги
Кверде восана дун духъе щваравго.
Ассалам гӏалайкум, Казбекалъул ракь,
Рокьи ккун буго дир дур гьал мугӏрузухъ,
Хасго гӏадамазухъ… Бихье, квер кьея,
Каранда гьебги лъун, икрам гьабизе.
Багъатар Хӏажиев,
1973 сон