Коронавирусалъул кьогӏаб ирс. Бихха-хочараб гӏаламалде тӏалъиялъул ва рухӏиял церехъабазул хитӏабал. Пикраби, суалал ва масъалаби.

Щиб цӏияб хабарги босундай жакъа газета бачӏинаян ратила цӏалдолел. Цӏияб хабар абуни гьобо кинигин сверулеб буго цого гӏузруялда сверухъ. Гьебги нужеда бичӏчӏун батила щибали. Коронавирус буго «паччахӏ» гӏадин дунял тирулеб. Гьелъ гьабизеги, гӏадамаз хӏехьезеги жо лъугӏанин абизе бегьила. Гӏажалалъукьагӏанги гӏалам хӏинкъизабизе бажарана гьелъухъа. Чанги гучал пачалихъал, тӏубараб Европаго буго щиб гьабилеб, кинаб сабаб батилебали лъаларого. Чӏахӏи-чӏахӏиял спортивиял, кечӏ-бакъаналъул, маданияталъул тадбирал нахъе рахъана. Театрал, музеял, спортивиял кӏалгӏаби, гӏалам жанибе бакӏарулел бакӏал кӏулалги ран рахана. Бечедаб халкъ цоял чӏинкӏиллъабазде, цоял ралъдахъе, дагьабги рес бугел ракьулъ рарал рукъзабахъе тӏерхьана. Гьезул гӏадин рес гьечӏеб мискинхалкъ гьабизе жо лъаларого аптекабахъе рортана, гьурмада ххолел маскабазда хадур, амма киназухъего гьел щолел гьечӏо, лъугӏанин абулеб буго. Цогидаб халкъ, маскабиги жалго тун, базаразде, тукабазде рекерана, хӏалкӏвараб жоялъул нахърател гьабизе. Гьебго сурат буго Россиялдаги, гьебго сипат буго нилъер республикаялдаги. Макарон, пиринчӏ, ролъ, картошка, нах, ханал хъамихъул гьабун хъамулеб бугин гӏадамазилан руго ахирисел баянал.

Нилъер республикаялде коронавирус, Аллагьасул цӏобалъ, жеги щун гьечӏо. Амма Россиялъул шагьаразда гьеб тӏибитӏун буго. Кӏинусгогӏан чи унтун вугин гьелъин хъвалеб буго информалатаз. Газета къватӏибе кьезе ниж хӏадурлъулаго, бачӏана хабар цо гӏадан хваниланги. 89 сон барай, цееги гӏузрабаз кӏвекӏулей гӏадан йикӏун йиго гьей.

Республикаялъул нухмалъулев, Владимир Васильевас арбагӏ къоялъ, 18 марталда хитӏаб гьабуна коронавирусалде данде гӏаммаб хӏадурлъи лъазабулеб букӏиналъул.

Больницаби, поликлиникал, нагагь унтарав чи ккани, гьев къабул гьабизе киналго сурсаталгун къачӏан рукӏаян хитӏаб гьабуна гьес. Гьединго цогидалги идарабазул нухмалъулездаги абуна цӏодорлъи гьабейин, гӏадамал цӏунейин. Школаздегун ясли-ахазде хьвадиялъул эркенаб низамги лъазабун буго республикаялда.

ДРялъул муфтияталъ хитӏаб гьабуна гӏадамазде, рихха-хочичӏого, сабуралда рукӏаян, нилъеда бихьизе хъвараб гурони Аллагьас бихьизабуларин. Кванил нахърател гьабизе рекериялъ нилъее кьезе жо гьечӏин, гьелъул бакӏалда балагь рикӏкӏад гьабеян, Аллагьасе дугӏа гьабуни лъикӏ букӏинин бичӏчӏизабуна идараялъул вакилзабаз. Амма, кин букӏаниги, гьезги абуна цӏодорлъи гьабичӏого тогеян. Гӏемерал чагӏи ракӏарараб бакӏалде инчӏого ва гьединго кверал росичӏого тани лъикӏаб букӏинилан. Коронавирусалдаса цӏуна-къаялъул мурадалда, рузманалъул какда цебе гьабулеб вагӏза-насихӏат кӏварабгӏан къокъ гьабеян мажгиталъул имамзабаздеги хитӏаб гьабуна динияб идараялъ.

Тӏадехун абухъе, гӏемерисел аптекабазда, гьурмада ххолел маскаби церего лъугӏун руго, къанагӏатал бакӏазда хутӏун руго гьел. Гьенирги цӏакъго хираго ричулел руго. Амма аптекабазул ричарухъабаз бицана, коронавирусалдаса цӏуниялъе щибниги пайда кьоларин гьез. Маскаби ххезе бегьулин гӏицӏго унтарал чагӏаз, цогидазде бахинчӏого букӏине. Гьеб гуребги, бицен гьабулеб гӏадаб хӏинкъи бугеб унти гьеб букӏиналдаги щаклъизе бачӏунеб бугин. Ургъунго гӏадамал рихха-хочизаризе ургъун бахъараб жо батизеги бегьулин гьебилан. Гьебго пикру буго цо-цо цогидазулги. Лъалев Аллагь вуго.